«Росугун дагIбадани, чиякълъула…»
Гьединаб буго магIарул кици. Щивасул гIумрудулъ гIагараб росдаца ккола кIудияб бакI. ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магIарул росабазул хIакъалъулъ гIатIидал баянал кьун, гьезул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цIалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритIеян. Амма хIажат буго хъвай-хъвагIай, баянал ракIчIарал, ритIарал рукIин.
Баянаб букIахъе, магIарулал руго Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ бищунго кIудияб миллат. 1921 соналда тIобитIараб переписалъул хIасилалда, цогидал миллатазда гьоркьоб магIарулазул къадар буго 30,07 процент. Гьеб ккола 2010 соналда букIараб переписалдаса хадуб 2021 соналде щвезегIан нилъер миллаталъул къадар 12,57 проценталъ цIикIкIун букIиналъе нугIлъи гьабулеб хIужа. МагIарулаз аслияб куцалда гIумру гьабулеб буго республикаялъул бакътIерхьул рахъалда ругел районазул росабалъ (95 процент) ва гьединго шагьаразда. ТIолго Россиялдаго цо миллионалдаса цIикIкIарал гIадамаз жиб бицунеб 10 мацIалде гьоркьобе ана магIарул мацIги.
ГIаммаб къагIидаялда босун, росабалъ яшав гьабулел дагъистаниязул къадар 53 процент батани, росабалъ гIумру гьабулел магIарулазул къадар бахуна 64 проценталде. Гьел тIиритIун руго 22 районалда. Нилъер миллаталъул мацIги гIадат-гIамал цIуниги хIисабалде босани, гьеб ккола лъикIаб рахъ.
МагIарулазда гьоркьоб лъимал гьариялъул коэффициент буго 20,2 процент. Гьеб ккола цогидал миллатазулалде дандеккун цIикIкIараб. ТIаса иналъул процентин абуни буго гIезегIанго гIодобегIанаб — 6,7. Гьединлъидал нилъер росабалъ ругел хъизамазда лъималазул къадарги гIезегIанго цIикIкIараб буго.
Амма гьедин бугониги, жакъа нилъер гIумруялъул хаслъилъун буго, Россиялда жаниб миллаталъул къадар цIикIкIиналъул рахъалъ цебесеб кьерда ругониги, росабалъ гIумру гьабун ругел магIарулазул къадар дагьлъулеб букIин. Гьелда бан шагьаралда яшав гьабулезе жидерго рахьдал мацIги аслияблъун кколеб гьечIо ва эбелаб калам лъазабиялде гьабулеб тIалабги дагьлъулеб буго.
Росабалъа гIадамал шагьаразде гочине байбихьиялъе аслияб гIиллалъунги кколеб буго гьенир гIумру гьабун ругезе букIине кколеб даражаялда социалиялги цогидалги шартIал чIезарун гьечIолъи.
Араб гIасруялда, ай 1992 соналъул байбихьуда мугIрузул районазул социалиябгун экономикияб цебетIей букIинаби мурадалда гIуцIун букIана хасаб «Горы» (МугIрул) абураб программа ва гьелъул дирекция. Гьебго заманалда гьеб суалалдехун пикру буссинабуна Россиялъул хIукуматалъги. Доб мехалда гьелъ къабул гьабуна «1992-2005 соназда Дагъистан Республикаялъул мугIрузул районазул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ» абураб хIукмуги. Хадуб гьабуна «Дагъистан Республикаялъе ва гьелъул мугIрузул районазе 1996-2000 соназда пачалихъияб кумек гьабиялда бан Россиялъул хIукуматалъул хIукмаби тIураялъул хIакъалъулъ» хIукмуги.
ХIукуматалъул рахъалдасан гьединаб тIалаб бугониги, росабазул гьумер тIубанго хисизабун, гьенир гIумру гьабиялъул рукIине кколел шартIал чIезариялъулъ цо къадаралъулаб хIалтIи гьабуниги, кьучIдасанго гьениб бугеб ахIвал-хIал хисизабун бажаричIо.
Жакъа гIицIго магIарулаз гIумру гьабулел росабазул къадар бахунеб буго 297-ялде. Гьелдаго цадахъ 90-ялдаса 100 проценталде щвезегIан къадаралда магIарулаз яшав гьабулеб буго 462 росулъги.
Нилъер росабазул жал рарал къагIидабазулги, рукъзабазул сипатазулги буго цо хасаб тартибги. Цоцазда аскIор цун ран, цоязул тIох цогидазул азбарлъун кколеб букIана цебе заманалда. Гьебги букIана аслияб куцалда ракьалъул къимат гьабун, гьеб тIощел, пихъ гIезабизе цIунун тей мурадалда гьабулеб цIуна-къай. Жакъа, узухъда, гьеб суалалдехун цIакъго батIияб бербалагьи буго.
Росабалъ гIумру гьабиялъулъ билълъанхъараб къагIида буго тухум-кьибилалъул кьучIалда. КIудиял хIалтIаби гьарулаго, минаби ралаго, хурулал хIалтIаби тIоритIулаго, гваял гьарун, цоцазе кумек гьаби букIана гIадатлъун лъугьун. Гьелъ магIарулазул цоцалъ гъунки, тухумазул гьудуллъи щула гьабулаан.
Жагърапиялъул рахъалъ босани, мугIрузул районазда гуребги, магIарулаз гIумру гьабулеб буго Буйнакск, Хасавюрт, Гъизилюрт, Гъизляр, Тарумовка районаздаги.
МагIарул чIахIиял росабилъун ккола 11 азаргоялдасаги цIикIкIун гIадамаз гIумру гьабулеб Болъихъ росу, 10 азарго чияс яшав гьабулеб ЧIикIаб росу ва гь. ц.
Киназего баянаб букIахъе, магIарул росабалъ аслияб куцалда хIалтIи гьабула ракь хIалтIизабиялда, росдал магIишаталъул культураби гIезариялда, ахихъанлъиялда ва гIи-боцIи хьихьиялда сверухъ.
Советияб заманалда росабалъ рес щвана ракьал лъалъан, гьездаса цIикIкIун пайда босизеги. Амма ахирал соназда хIалтIи гьечIого гIемерисел ругониги, цересел соназда гIадин хIалуцун гьел бутIабазда гьабулеб жигарчилъиги нахъеккезе тун буго.
Гьелдаго цадахъ магIарул росабалъ тIиритIарал рукIана тIансаби ресси, цIулада, ганчIида накъишал рахъи, арбабашал, буртаби гьари гIадал махщелалги. Гьел пишабаздехунги цIакъго лъикIаб бербалагьи бугин абизеги жакъа захIмат буго. Къайи гьаниса босун, добехун бичиялдалъун гIумру гьабиялъул къагIидаги дагь-дагьккун тарихалде унеб бугелъул, жакъасеб къоялъул цIиял пишабазда цадахъго нилъерго росабазулъ ругьунаб магIишат гIезабиялда хурхараб хIалтIи цебетIезабуни, ракIалде ккола, цIакъго лъикI букIинаанилан.
Гьеб кинабго ва жакъасеб къоялъул гIумруялъул хаслъабиги хIисабалде росун, бокьилаан, гIагараб росдал тарихалъул хIакъалъулъ нужерго пикрабиги загьир гьарун, нижехъе хъвани.
З. Ильясов

