ХIухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гIадамал унеб «Каспий» санаторий рагьун букӀана XX гӀасруялъул байбихьудаго, Каспий ралъдал рагӀалда. Ралъдал бацӀцӀадаб гьаваги тӀабигӀаталъул лъикIал шартIалги цолъараб гьеб бакIалда сахлъи цӀуниялъе лъикIаб асар гьабула.
Тарихал ва хIужаби
Жакъа рехсараб санаторий бугеб бакIалда тӀоцересел рукъзал рана 1915 соналда. Гьелдаса нахъе «Каспий» лъугьана сахлъи щула гьабизеги хӀухьбахъиялъеги гӀадамал хьвадулеб бакӀлъун. Гьенир хIалтIизарула даруяб хӀарщги минералиял лъиналги.
1930-абилел соназда «Каспиялда» ккана хиса-басиял: рана цӀиял минаби, гӀатӀид гьабуна инфраструктура, лъикӀлъизаруна хӀухьбахъи гьабулезе шартӀал.
КӀудияб ВатӀанияб рагъул заманалда «Каспиялда» кумек гьабулаан рагъда лъукъаразе. Рагъдаса хадуб санаторий тӀадбуссана жиндирго аслияб хIалтIуде.
1960-абилел соназда гьенир хӀалтӀизаризе байбихьана дару-сабаб гьабиялъул гьанжесел къагӀидаби, тӀолабго улкаялдаса специалисталги рачӀун.

Жакъа «Каспий» ккола сахлъи цӀуниялъул рахъалъ гьанжесеб заманалда рекъонккараб курорт. Гьенир гьарула батIи-батIиял процедураби, медицинаялъул кумекалдаса байбихьун, къватӀиб хӀухьбахъи гьабиялде щвезегӀан. Щивав чиясда гьенир ратула чорхое рекъарал санагIалъаби. Масала, бацIцIадаб гьаваялда хьвади, спортивиял тадбирал ва черх лъадари, батIи-батIиял даруял лъел ваннаби, дару-сабаб гьаби ва, узухъда, ралъдал бацӀцӀадаб гьаваялдаса пайда боси.
Санаториялъул руго хӀухьбахъиялъе санагIатал берцинал бакӀал, кинотеатр, хӀаял, кьурдул ва спортивиял майданал, фонтан, къватIиб буго 25 метралъул халалъи бугеб бассейн, минералияб лъел лъабго ицц.
Исана май моцIалда диеги рес щвана гьеб санаториялде ине ва бицунебщиналъул хIалбихьизе. Гьенир унго-унгоги ратана кибго гьечIеб гIадаб берцинлъиги, бацIцIадаб гьаваги, санагIалъабиги, тохтурзабазул лъикIаб бербалагьиги ва тIадчIейги.
«Каспиялда» гIуцIарал шартIазухъ балагьун, Россиялда ругел цогидал санаториязда гьоркьоб гьелъ ккола кIиабилеб бакI. Гьениб бараб анцIабго къо, цо къо гIадин, паркъунги ана. Гьений йикIаго, санаториялъул нухмалъулев Шамил районалъул Хучада росулъа Ибрагьимил ГIалилгун гара-чIвариги гьабуна.
— Киназго бицунеб, киназего бокьулеб, хIухьбахъизе гIадамал рачIунеб гьаб санаториялъе чан соналъ дуца нухмалъи гьабулеб бугеб?
— 2006 соналда, бичулеб букIун, босана нижеца гьаб. Цебе гьаб унаан Дагъистаналъул курортазул гIаммаб гIуцIиялде гьоркьобе. Гьанже буго жибго жиндаго чIараб идара. Гьаб букIана кутакалда бичча-бихъан тараб, тIад хIалтIиги гьабичIого, чIунтун унеб букIараб бакI. ЦогIаги минаялда тIад букIинчIо, букIине кколеб къагIидаялъ лъураб тIох, гIекколел рукIана рукъзал. МуцIиялъулъ къан, тIутI-кIкIараялъ хIухьел цIазе толареб, жаниве чи лъугьине бокьулареб, рехун тараб хIалалда батана гьаб. Москваялдаса ва цоги шагьараздаса халкъ гьанибе бачIунароан. Нижеца тIадчIун хIалтIун къачIана, киналго санагIалъаби чIезаруна.
— Россиялъул рикIкIадал шагьараздасаги рачIунел руго гьанире хIухьбахъизе гIадамал. ХутIулищ гьел рази?
— Рази гьечIелги камуларо. Цо-цо рукIуна (цIакъ къанагIат ругониги) гьединалги. Цо гьадинаб иш гьабеян гьарун рачIараз, нагагь гьеб нижехъа гьабун бажаричIони, бачIуна битIахъего гьелде данде хъвараб бадибчIвай гьабураб кагъат.
— Дагъистанияздасаги цIикIкIун къватIиса рачIарал гьалбал гIемер руго гьанир…
— Россиялъул щибаб регионалдаса рачIуна гIадамал хIухьбахъизе. Гьел цIакъ разигоги рукIуна. Хаду-хадурги рачIине хьулгун уна.
— Медициналъул рахъ босани, кинаб кумек гьабулеб?
— Аслияб къагIидаялда санаториялде рачIуна инсульт, инфаркт ккарал, рищалаби унтарал ва рекIее захIматаб операция гьабурал гIадамал. Гьаниб буго 2200 метралъул гъварилъудасан бачIунеб минералияб лъел ицц. БачIинахъего ваннаялъубе чвахула гьеб. Буго йодгун бром жубараб лъим: гьелъ мадар гьабула псориаз бугев чиясе. Узухъда, лъагIалидаса лъагIалиде лъикIлъун гурони, нахъекколеб гьечIо санаториялъул къимат. Гьаниб буго инвалидазе ток жанибе биччалеб бассейн. Гьелъ чангиясул параличалъ ккурал бохдул ва гъуждул сахгьаруна ва рилълъанхъизе кIоларел тIаде рахъинаруна.
Гьаниб дарудай хӀалтӀизарула бакӀалъул тӀабигӀиял сурсаталги: минералияб ва йодгун бромалъул лъим, Туралиялъул ва Гъаякенталъул даруяб хӀарщ, ионаздалъун бечелъизабураб ралъдал лъим. Санаториялда сах гьарула нерваби, лага-черх, урологиялъул, гинекологиялъул ва метаболизмалъул унтаби.

— Черх лъадариялъе кинал шартIал ругел?
— Гьаниб буго цо чияс батIаго ва къокъагун цадахъ физкультура ва зарядка гьабулеб зал (ЛФК). Буго сверун къараб бассейн, инфракраснияб сауна; турказул, гIурус ва финназул хIамамал. Гьезги лъикIаб асар гьабула гIадамазул сахлъи щулалъиялъе. Буго хIухьбахъулезе спортивияб майдан: футбол, волейбол, баскетбол хIазе. Буго рохьоре тIаде рахунеб 250 болъо бугеб, 37 метралъул борхалъиялъул нух. Гьеб бана хас гьабун рекIел унтаби ругел унтаразе, ракI лъикI хIалтIизабиялъе. Киназдаго кIоларо тIаде щвезегIан рахине. ТIад буго сверухълъиялъухъ балагьулеб бакI. Гьениса, хъатиниб лъураб гIадин, бихьула тIолабго сверухълъи.
— Лъималазеги гIезегIан лъикIал шартIал гIуцIун рихьана.
— ХIаракат бахъулеб бугоха, рачIарал гьалбадерие лъикIаб хIухьбахъи гьабизе ресал чIезаризе. Лъималазе хIадурун руго ракIгъеялъул батIи-батIиял программаби, дискотека, расанкIаби, хIаял.
— Чан хIалтIухъан вугев нужер?
— Риидал гьанив хIалтIулев вукIуна ункънусгоялдасаги цIикIкIун чи. Хасало — 150-200-гIанасев. Хасало хIухьбахъизе гIемер чи вачIунарелъулха.
— Рази вугищ мун дурго гьаб ишалдаса?
— Бизнес буго гьитIинаб лъимер гIадаб жо: байбихьуда тIад харжал гьаризе ккола, хадуб пайдаги кьола. Амма гьеб цебетӀезе ккани, ракӀбацӀцӀадго хIалтIизе ккола. Гьанир нужеда рихьулел минаби руго, лъагIалие цо-цо бараб, жеги балебги буго. Гьелъ рес кьола гIемерал гIадамал къабул гьаризе ва цӀикӀкӀун хайир щвезе. Гьединлъидал ахираб 10 соналда жаниб лъикIаб цебетӀей ккана нижер.
Санаториялде ине бокьараз путевкаби росизе бегьула унтиялда рекъон. Масала, инсульт, инфаркт, диабет, захIматаб операция бугони, больницаялдаса кьураб выписка битIула, гьезул сайталъулгун бухьенги гьабун (выпискаялъул букIине бегьуларо кIиго соналдаса цIикIкIун заман), гьезул электроннияб почалде — reabilitacia-caspiy@yandex.ru.
Гьениб хIухьбахъи гьабизе бокьаразда лъазе ккола, батIи-батIияб багьа-къадар букIунеблъи. Гьелъие буго сайталъул реабилитациялъул отдел ва телефоналъул номер, — 88722 52 22 05. Цинги бегьула багьа-къадар лъазабизеги. Масала, сордо-къоялъе эконом-номералъул багьа буго гIага-шагарго анлъазарго гъурущ. Амма гьединаб номер щвезе захIматго букIуна. Жакъа гьениса чи аравго, хIадурго вукIунелъул цогидав гьениве вачIине.
Цоги, санаториялъул гьечIо инвалидазе, СВОялъулазе, ветераназе абурал бигьалъаби гьариги.
Рукъият ГIалисултанова

