Нахъеги — гIагараб районалде, хунздерил тIалъиялде. Нахъеги — ЦIада росулъе. ГIакъил ЦIадаса ХIамзатил минаялъухъе гьоболлъухъ. Гьаб нухалда — гьесул гьитIинав вас ХIажиясул нусгосонилаб юбилеялде. Гьале доб мина. МагIарулазе ХIамзатги кьураб, дунялалъул адабияталъе Расулги кьураб, Дагъистаналъеги Северияб Кавказалъеги тIоцевесев академикги кьураб хIикматаб мина. Гьаб минаялъуб бижанщинаб гIакъиллъи! Гьаниса боржанщинаб машгьурлъи! Гьале гьаб минаялъ цIар рагIизабуна Дагъистаналъул.
Гьале дол кьурабиги, цIигьулдерил росдал парахалъиги цIунун чIухIадго эхетун ругел. Гьале дол сухъмахъалги… Гьал сухъмахъаздасан дол кьурабазухъе кIудияв вац Расулгун цадахъ чанги харун ватила гьитIинав ХIажиявги. Гьале росдал къватIал. ГIодов ккун, тIаде вахъун вукIинесев гIалимчияс къойил чан нухалъдай гьел мерхьунел рукIарал. Гьале гьаб инсул минаялъул кIалтIаса байбихьулел дол нухазги доле дол сухъмахъазги нухарегIана кIиявго вац кIудияб дунялалде. Гьале доб мина. Расулил асаразулъ даим чIаго букIине бугеб инсул мина.

ХIамзатил гIакъиллъиялъул ирсиласухъе
ГIажаибаб чIаголъи букIана араб анкьалда ЦIада росулъ. Гьеб хIадурлъун букIана дунялалдаго жиндир цIар рагIизабурал васазул цояв ХIамзатил ХIажиясул гIелмияб гьунаралъе бетIер къулизе ва тIаде щолел ругел гьалбал къабул гьаризе.
Радал гIуж. Москваялдаса ва МахIачхъалаялдаса рачIарал гьалбал, росуцоял, районцоял, инсулги кIиявго васасулги пагьму-гьунаралъул адаб гьабулел гьалбал данделъун рукIана ХIамзатиеги, Расулиеги, ХIажиясеги рарал памятниказда цере — ракIалде щвезавуна гьезул щивав. Ва гьалбал гIедегIана хIикматаб минаялъухъе.
Гьаб нухалдаги музеялъул директор ГIайшат ПатахIовалъ, гIалимзаби Ибрагьимил МухIамадица ва ГIабдулкъадирил МухIамадица, профессорал МухIамадхан МухIамадхановас ва Камил Ландаца, ТIанусиса Хъайтмаз ГIабдулхаликъовас, Дагъистаналъул халкъияв художник ГIамирхан МухIамадовас рицарал харбазухъ, ракIалдещвеязухъ гIенеккидал, ракI хIайранлъулеб букIана инсулги васазулги гIадатлъиялъухъги гIаданлъиялъухъги. Гьеб гIадатлъиялъ рачунги ратила гьел гIумруялъул бищунго тIадегIанал тIогьазде. ХIикмалъизе ккараб хIужа гьечIищха — щибаб машгьурлъиялда хьолбохъ батулеб буго гIадатлъи. Ва гьелъулъ, тIоцебесеб иргаялда, батила машгьурлъиялъул балъголъиги.
Гьалбадерил хадусеб сапар букIана «ХъахIал къункъраби» комплексалде. Гьениб тIобитIана Северияб Кавказалъул тIоцевесев академик ва гьабсагIаталдаги филологияб гIелмуялда цохIо гурони Северияб Кавказалда гьечIев академик ХIажи ХIамзатовасе сайгъат гьабураб гIелмияб конференция. Гьеб нухда бачана филологиял гIелмабазул доктор, ИЯЛИялъул гIелмияв хIалтIухъан АхIмад МуртазагIалиевас.
КIалъазе рахъарал филологиял гIелмабазул доктор, профессор, ДГПУялъул филологияб факультеталъул кафедраялъул нухмалъулев МухIамад Ибрагьимович МухIамадовас, филологиял гIелмабазул кандидат, ИЯЛИялъул отделалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулкъадировичас, тарихиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамадхан МухIамадхановас, филологиял гIелмабазул кандидат, ИЯЛИялъул гIелмияй хIалтIухъан ПатIимат ГIалибеговалъ, ЦIада росдал ХIамзатил музеялъул директор ГIайшат ПатахIовалъ, Щотода росдал аслияб школалъул гIурус мацIалъул учитель Анжела МухIидиновалъ, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ГI. Лабазановас бицана гIалимчиясул ва гьесул гIелмиял хIалтIабазул хIакъалъулъ, ракIалде щвезаруна гьесул гIумруялдаса цо-цо лахIзатал. РукIана росуцоязулги гIагарлъиялъулги кIалъаялги.
Конференция ана тIадегIанаб даражаялда. Гьелъие гIиллалъунги, тIоцебесеб иргаялда, букIун батила гьеб магIарул мацIалда бачин, тадбирал рахьдал мацIалда тIоритIи къанагIалъараб гьаб заманалда.
Гьелдаса хадур данделъана Хунзахъ Ш. Шамхаловасул цIаралда бугеб культураялъул кIалгIаялъур. Тадбир байбихьана академик ХIажи ХIамзатовасул гIелмияб гIумруялъул ва къисматалъул хIакъалъулъ бицунеб фильмалдасан.

Хадуб тадбир нухда бачана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Жавгьарат Хъайтмазовалъ ва Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралъул артист Белек ГIабасовас. Районалъул Культураялъул кIалгIаялъул хIалтIухъабаз бихьизабуна ХIамзатил Расулил асараздаса гIуцIараб литературиябгун музыкалияб композиция. Дагъистаналъул ХIукуматалъул рахъалдасан академикасул юбилей баркана вице-премьер Ризван ГъазимухIамадовас.
Гьалбадерие музыкалияб салам кьуна Белек ва Салман ГIабасоваз, «КочIолаб ЧIарада» бихьиназул хоралъ, Дагъистаналъул мустахIикъай артистка, Хунзахъ районалъул культураялъул рукъалъул хIалтIухъан ГIайшат Тажудиновалъ, Авар театралъул артистка Амина ГIабдулатIиповалъ ва цогидазги. Районалъул культураялда цере ругел кьурдул ансамблязги жигараб гIахьаллъи гьабуна дандеруссиналда. Гьенив кIалъазе вахъарав районалъул бетIер НурмухIамад Задиевас цоги нухалда ракIалде щвезавуна ХIамзатил ХIажияв ва районалъул рахъалдаса кIудияб баркала загьир гьабуна ва ХIурматалъул грамотаби кьуна, Москваялда гIумру гьабун вугониги, Дагъистаналда тIоритIулел аслиял тадбиразда гIахьаллъулев ОСПДялъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи Тажудин Исрапиловасе ва Москваялда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялда ХIажи ХIамзатовасе сайгъат гьабураб тадбир тIобитIаралъухъ ва академикасул хIакъалъулъ фильм бахъиялда гIахьаллъарав Мурад Магаевасе.
Байрамалъул ахиралда эмен кIодо гьавун тадбиралда гIахьаллъаразе баркала кьуна ХIажиясул вас ХIамзатица.
Хунзахъе гьабураб сапаралдаса хъвараб гьаб гьитIинабго макъала лъугIизабизе бокьун буго ХIажи ХIамзатовасе сайгъат гьабураб «Росдал захIматчи» газеталда батараб ИЯЛИялъул хIалтIухъан Мариза МухIамадовалъ хъвараб кочIол куплеталдалъун:
«ГIумруялъул дарсал» магIарулазе
Аманат гьабурав гIакъиласул вас,
ГьитIинаб Дагъистан дуниялалда
РагIизе гьабурав шагIирасул вац…
Шамай Хъазанбиева

