Бардачок

МагIарухъ нижер росулъ жанире щвараб бакIалда рукIана цебе росдаца иргаялда лал тIамулел гьоцIаби, хадуб машинадул нух росулъе бахъидал, лал тIамулебги тедал гьенир нижер колхозалъул юк баччунел машинабиги, цогидаб техникаги букIунаан чIезабун.

Дол лъабкъоялда анцIабилел соназ гъутаналдаса магIарухъе баччулеб ролъги, херги, кIалцIиги камулароан колхозалъул. МагIарухъа рехеги гьел машинаби чIорого унароан, хасго хаслихъе хур-хер жаниб буссиндал. ГIатIиракьалда чIараб гIагарлъиялъе ритIулел картошкадул хъапазул гIемериселъ цIун унаан гьел. ГьитIинабго ГАЗ-51 машинаялъ кIиго тоннагIанасеб гурони бакIлъиги босулароан. Районалда базаралдеги гIатIиракьалдеги гIемериселъ гьел машинабазда рекIун унаан гIадамал. РукIинчIо гьадин бокьухъе рекIине тIадагьал машинаби.
Гьединаб цо машинаялда хIалтIулев вукIана, армиялдаги шоферлъун хIалтIулев вукIарав, жиндир хIал алжаналда батаяв дир гьудул Хъиличил Идрисги.
Цо пуланаб Агъвалиб, базар букIунеб шамат къоялъ, капотги рагьун, машинаялъул
мотор букIунелъув квалквадулев гьесда аскIое ячIуна Агъвали базаралде ине бокьарай, кIудияб ригьалъул росуцояй ва гьелъ Идрисида гьикъула:
— Ле вас, мун жакъа Агъваливе ине вугищ? — ан.
— ГьечIо.
— Щай? Шамат къоялъ базаралде унаан гурищ мун.
— Дуда вихьуларищ дун, машина хун, гьеб къачIалев?
— Щиб гьелъул хун бугеб? – ан гьикъула хIамида къулгьугIанги машинаялъул жо лъаларей дой херай кIодоца.
— «Бардачок», — ан абула махсаро камуларев Идрисица.
ТIокIаб рагIи гьесдаги абичIого, нахъ юссун унаго, Идрис жакъа унев гьечIин Агъваливе, досул «бардачок» хун бугин данде ккараздаги бицунаго, рокъое уна, гьеб къоялъ рагIараб цIияб рагIи лъарай кIодо.