Церегосел къагIидабазул пайда гьечIо

«ХIакъикъаталде» гьоболлъухъ вачIун вукIана Интернеталъул, искусственнияб интеллекталъул кумекалдалъун магIарул мацI цIунизе ва гьеб гIолилазда гьоркьоб кIвар бугеблъун лъугьинабизе хIаракат бахъулев гIолохъанчи, Хунзахъ районалдаса СагIид ГIабдулаев. Рахьдал мацIалде руссинарурал фильмалгун мультфильмазул онлайн-кинотеатр «Барти-ТВялъул» проекталдаги гIахьаллъана гьев. МагIарул мацIалде буссинабураб «Алжан эбелалъул хIатIикь буго» абураб гъиргъизазул фильмалда лъабго чияс хIалеб рольги цIалана гьес. СагIидица хIаракат бахъулеб буго социалиял гьиназда гьурмалги (блог) гIуцIун, гIолилазда магIарул мацI лъазабизе, батIияб мацIалъул рагIаби гъорлъе риччачIого, умумуздаса бачIараб къагIидаялъ гьеб цIунизе.

— СагIид, жакъа гIемерисел гIолилаз, магIишатияб рахъ тIубалареблъун рикIкIунеб магIа­рул мацI цIунулевлъун социалиял гьиназдаса мунго вихьизавиялъе гIилла щиб? Сундасан дуца гьеб байбихьараб?

— Дун цIалана ДГМАялда. ХIалтIулев вуго стоматологлъун. Ни­лъерго рахьдал мацI бокьизе ккани, лингвисталлъун рукIине кколаро. МагIарул мацI цIунизе, гIолеб гIе­лалда гьоркьоб тIибитIизабизе гъи­ра бижана дир Турциялде щвараб мехалда. Гьенир ругел ма­гIарул мугьажирзабазул росабалъ чIахIияб гIелалда лъалеб буго мацI, гIолохъанаб гIелалда лъалеб гьечIо. Гьезул гIумруялъулъа тIагIарабго гIадин, чанго соналдасан, магIарулазул тарихияб ВатIаналдаги тIагIине бугин рахьдал мацIин абураб пикруялъ рахIат течIо дие. Гьениса тIадвуссиндал ва Хунзахъе щведал, бихьана дида гIисинлъималазда магIарул мацI лъалеб гьечIолъи. Цинги ракIалде ккана, гьаб заманалъул ресаздаса пайдаги босун, магIарул мацI цIунизе дихъаго бажарараб хIалтIи гьабизе.

— Социалиял гьиназда дуца бачунеб блогалда магIарул мацIалъул хъвавул къагIидабазда хиса-басиял гьаризе лъугьун вуго мун. МацIалъул гIалимзабаз гьабизе тани яги гьелгун дандбан гьабуни, битIун букIинарищ гьединаб хIалтIи?

— БитIараб суал буго, амма дица абулеб жоги киназего якъинаб буго. МагIарул мацIалъул грамматикаялъулъ руго цо-цо киназдаго лъалел гIунгутIаби, мацI лъазабулев чи мекъи ккезавулел гъалатIал. Масала, руго цо-цо рагIаби ЛI хIарпгун хъвазе кколел. БолмацI гIуцIун буго северияб наречиялдаса. Гьеб наречиялда бугеб ЛI хIарп хъвавулъ хIалтIизабичIого тей гъалатIлъун рикIкIуна дица. Дун лъугьунев гьечIо магIарул мацIалъул грамматика хисизабизе, амма якъинал мекъи­ккеязде кIвар буссинабулеб буго. Советияб заманалда алфавиталде рачарал, магIарул мацIалдаго гьечIеб Ь, Ф, Ы хIарпалги хIажат гьечIо нилъее. Гьеб киназего якъинаб жо бицунеб буго дица.

— Жакъасеб къоялъул захIма­лъабиги хIисабалде росун, ма­гIарул мацI цIуниялъе, дур хIи­са­балда, щиб хIажалъулеб?

— Дунялги хисун бугелъул, гьелда рекъон хьвадизе ккола. Дунялго искусственнияб интеллекталъул кумекалдаса пайда босизе лъугьараб мехалда, нилъер мацIги малъизе ккола гьелда (ИИ) рекъон. Гьелда кIола цо лахIзаталда жаниб аза-азар гьумер магIарул мацIалде таржама гьабизе, мацI лъаларезда гьеб бичIчIизабизе ва гь.ц. Цониги искусственнияб интеллекталда магIарул мацI лъалеб гьечIо. Гьелда тIад хIалтIулев вуго дун жакъа. Гьелда жаниб магIарул мацI лъуни, кумек букIине буго мацI цIуниялъе.

МагIарул мацI цIуниялъе щибдай пайдаяб жо гьабилаян абун ургъулев ва хIалтIулев вугелдаса лъабго сон буго дир. Лъабго нух буго гьелъие: хIажатаб рагIи жинцаго тIаса бищулеб (Т9) магIарул клавиатура гIуцIи; магIарул мацIалда мультфильмал, передачаби ва цогидабги контент гIуцIи; искусственнияб интеллекталъулъ магIарул мацI лъей.

МагIарул клавиатура гIуцIизе хIажатаб материалги бакIарун, гьеб иш гьабулеб машгьураб компаниялде рехун буго. Гьединго искусственнияб интеллекталъе магIарул мацIалде руссинарурал предложениязул корпус гIуцIизе байбихьун буго. Дие батIаго гIемераб гIарац къваригIунаро гьеб хIалтIи гьабизе. Гьелъие хIажатаб жо буго магIарул мацIалда пуланал предложениял гIурус яги ингилис мацIазде руссинаризе ва гьелъул гIаксалда гIурусалдаса ва ингилисалдаса магIарулалде руссинаризе. ИИялда лъала гьел мацIал, гьезул кумекалдалъун магIарулги малъизе бегьула. ХIаракат бахъула цо-цо роликал магIарул мацIалде руссинарун тIиритIизаризе, социалиял гьинал магIарул мацIалда рачине.

— Лъималазда мацI лъачIогоян абун, гIемерисез гIайибчIвала гьезул улбузда. Улбуз рокъоб ма­гIа­рул мацI бицунебги малъулебги букIарабани, лъималазда мацI лъалаанин абула. Дуца кин рикIкIунеб?

— Улбузда гIайиб гьечIо лъималазда рахьдал мацI лъангутIиялъул. Жакъасеб къоялъ дунялалда кинабго бараб буго глобализациялда. Киданиги дунял букIинчIо гьадинаб цифровияб цебетIеялда. 100 соналъ цереги чотIа рукIана, азарго соналъ цереги чотIа рукIана, жакъайин абуни сверхзвуковой истребителазда роржунел руго. Эбел киданиги йикIинчIо лъималазда мацI малъиялъул рахъалъ жакъа гIадаб рес къотIараб хIалалда. БачIунеб гIелалъе магIарул мацIалда я клавиатура гуро, я кино, я мультикал гуро. Исана «Барти-ТВялъ» таржама гьабурал гIадал мультикалги фильмалги гурони, жакъа лъимал ралагьизе магIарул мацIалда хIадур гьабураб щибго жо гьечIо.

— Руго гурищ магIарул мацIалде руссинарурал мультикал?

— Ругоха советияб заманалдаго рукIарал мультикал. Гьанжесел лъи­малазе рокьуларо гьел, анимацияги хисун бугелъул, гьанжесеб къагIидаялъул мультикал тIаса рищула гьез. Гьединлъидал хIажат буго лъималазе ралагьизе гъира базабулел мультфильмал рахъизе яги таржама гьабизе. Гьанжесеб заманалъул лъималазе бокьулеб «Смешарики» («Копогорочал») абураб мультфильм байбихьун буго «Барти-ТВ» онлайн-кинотеатралъ магIарул мацIалде таржама гьабизе.

— Хадуб кверчIвай щвечIони, ссун унеб проектлъун хутIиладай «Барти-ТВ»?

— Рахьдал мацIалда мультфильмал, фильмал ва передачаби рахъи — гьеб буго жакъа мацI ва миллат цIуниялъе цIакъ хIажатаб жо. Нилъеца жакъа гьелъул хIажалъи унго-унгояб къагIидаялда борхулеб гьечIо. Лъимал 7-8 сагIаталъги, тIубараб къоялъги мультиказухъ ралагьун рукIуна. Ахиралда гьел батIияб мацIалда гаргадизе лъугьуна. Гьедин букIине бокьун батичIони, лъималазе магIарул мацIалда риччазе ккола мультфильмал. Гьеб онлайн-кинотеатр цIунун хутIизе ккани, гьезие квербакъизеги ккола.

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА