Суалал-жавабал

«Дир ясалъул буго лъабго лъимер. Гьелъ тIоцебесеб лъимер гьабидал, ясли-ахалде кьураб гIарзаялда рекъон, жеги бакI щун гьечIо гьениб. Яс жийгоги хIалтIулей гьечIо, лъимал гIиссинго рукIиналда бан, мукъсанаб гурони лъималазе щолеб пособиеги букIунаро.
Я мина базе кьолеб ракь ялъуни хIукуматалъул рахъалдасан кумек гуро. ГIолохъанал хъизамал кире ине кколел гIарзалъ?»

 

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гIелмиял хIал­тIухъабазул профсоюзалъу­л рескомалъул юрист Мансур МухIа­мад­са­гIидовас:

— Гьеб ккола гIемераз борхулеб, амма хIукуматалъухъа тIубазабун бажаричIеб суал. Гьеб тIубазабиялда хадуб халкквезе ккола ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ ва бакIалъулаб муниципалитеталъ. Гьениб гIадлу букIинабиялъул мурадалда ургъараб ккола ясли-ахалде ине ругел лъималазул электроннияб иргаги. Гьеб рахъалъги нилъер гьаниб ритIухълъи гьечIо.
Гьединлъидал, электроннияб иргаялда лъимер лъедал, щивав чияс хал гьабизе ккола щиб номералда гъоркь жиндир лъимадул цIар хасаб журналалде босун бугебали. Цинги ясли-ахалъул заведующиялъул гъулбасги гьабун, гьеб журналалдаса выписка (документ) тIалаб гьабила. Дур лъимадул бакIалда цогидалъе бакI кьун батани, гIарзалъ ина Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялде яги ба­кIалъулаб муниципалитеталде. Гьенисаги кумек щвечIони, судалде гIарза хъвала.

«Ахираб заманалда Дагъистаналъул нухазда автоавария ккечIеб къого букIунаро. Гьезул хIакъалъулъ щибаб къойил бицуна телевидениялдасанги. Рузман къоялъ имамзабазги цо-цо нухалда вагIзаби гьарула гьелда бан. Амма гьоркьо-гьоркьор гьарулел вагIзаби гIолел гьечIо. Бегьуларищ щибаб рузманалда гьелъул бицине, ай щуго минутгIаги гьеб масъала борхиялда тIад хвезабизе?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул Динияб идараялъул хIалтIухъан МухIамад ГIабдурахIмановас:

— ХIакъикъаталдаги нухаз­да цIодорлъи гьабейилан гIоло­хъа­­базда биун ургьибе тIезе ккараб хIал буго. Гьайгьай, пайдаяб бу­кIина щибаб шагьаралда ва росулъ вагIзаби гьарулаго, имамзабаз гьеб масъалаялда тIадчIей гьабуни. Гьеб суал дица дандбала диниял церехъабазда, шагьаразул ва росабазул имамзабазда

«2018 соналъул сентябралда васасе босана квартира. Нижеца гьеб босилалде букIараб заманалъул коммуналиял хъулухъазухъ гIарац тIалаб гьабун, счетал рачIунел руго нижехъе. Квартира босизегIан коммуналиял хъулухъаздаса пайда босулеб букIинчIелъул, ЖКялъул управляющияб компаниялъ гьарулел ишал законалда рекъон ритIарал ругищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна адво­кат ШехмухIамад Гъази­мухIа­ма­довас:

— Кинабго бараб букIуна квартира босулаго бичулесги босулесги гьабун букIараб къотIи-къаялда. Гьениб документалда нужеца коммуналиял хъулухъазухъ ругел къарзал рецIизе тIаде босулеб бугин хъван батани, счетазда рекъон гIарац кьезе ккола. Судалъ гьеб нужехъа бахъичIогоги толаро. КъотIи-къаялда гьедин хъван батичIони, ЖКялъул управляющияб компаниялъ коммуналиял хъулухъазухъ кколеб гIарац нужехъа тIалаб гьаби рикIкIуна закон хвезабилъун. Судалъ гурони гьеб суал роцIцIинабуларо.

«Социалиял гьиназда хъвалеб буго кватIичIого МахIачхъалаялда маршруткабазда рекIадухъ багьа 28 гъурщиде бахинабизе бугин. Гьебго заманалда 4 «п» маршруткаялда рекIаралъухъ 17 гъурущ гурони босуларо. Гьеб хабар битIараб бугищ?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул водительзабазул ва предпринимательзабазул чияда бачIеб профсоюзалъул рескомалъул председатель ГIисалмухIамад Набиевас:

— Транспорталъул компаниязул нухмалъулезе бокьун буго гьеб иш гIумруялде бахъинабизе. Халкъа­лъулгун дагIба-рагIи ккеялда хIин­къун, гьезие бокьун буго жалго шо­ферзабазул квераздалъун маршруткабазул тариф цIикIкIинабизе, ай цо кьвагьаралъ кIиго гIанкI чIвазе.
МахIачхъалаялда жаниб хьвадулеб 4 «п» маршруткаялда рекIа­ралъухъ 17 гъурущ гурони босулеб гьечIолъиялъ бицунеб буго, гьеб тарифалда ругони, маршутникал зарал кколедухъ хIалтIулел гьечIолъи.

«2020 соналда электронниял захIматалъулал книжкаби рукIине кколин абулеб буго. Гьеб хабар битIараб бугищ, щиб мурадалъе гIоло тIобитIулеб тад­бир гьеб кколеб?»
— Исана байбихьизе буго электронниял захIматалъулал книжкаби кьезе. Бокьани гурони гьеб босизеги кколаро.
2021 соналдаса байбихьун, хIалтIи кьолес кагътил книжкаби ругезул хIалтIул хIакъалъулъ баяналгун хIу­жаби цифровияб къагIидаялде рачине ккола.
Амма 2021 соналда тIоцере хIал­тIуде лъугьунезе чара гьечIого кьезе ккола электронниял захIматалъулал книжкаби. Гьел книжкабазул руго гIе­мерал тIокIлъабиги. Гьезда цIу­ни­зе руго кагътил варианталда ру­кIарал тIолалго баянал ва хIужаби.
Исана тIоцебесеб январалдаса байбихьун, хIалтIи кьолес щибаб моцIалъ жиндирго хIалтIул хIа­къалъулъ баянал кьезе ккола Россия­лъул пенсиязул фондалде. Гьезул кьу­чIалда гIуцIизе руго россиялъула­зул электронниял захIматалъулал книж­кабиги.
Законалъул кьучIалда чIезабизе бу­го гьеб къагIидаялде киналго ра­чIине кколеб заман. Гьединаб закон къабул гьабиялъе хIадурлъиги гьабулеб буго.