ХIиллачагIаздаса цIодорлъи гьабе

ГIемерав чиясул гIарзал руго банкалъул картаялдаса гIарац бахъун унеб бугин абурал.

Социалиял гьиназдасан яги лъазабиязул приложенияздаса цо-цо баянги босун, хIиллачагIаз ахӀун бачIуна жал банкалъул хӀалтӀухъаби кколин ва нужеда лъазабула картаялдасан изну гьечӀого операция гьабулеб букӀиналъул. Гьез рагӀи кьола гьеб иш лъугIизабиялъул мурадалда хIалтIи гьабизе.

Божилъи щвезе ккани, хIилла­чагIазе гӀемераб жо къва­ригӀунаро: гӀицӀго дур цӀар, адрес, телефоналъул номер ва банкалъул картаялъул номер бугони гIола. Банкалъул гьереси-хIалтIухъабаздаса мунго цӀунизе ккани, дур картаялъул нахъисеб рахъалда бугеб лъабго тарих балъго цӀунизе ккола, CVV яги CVC абулел кодал.

Гьебин абуни «бикъизе» бегьула нилъеца хIалтIизаризарулел сайтазде рачIунел ссылкаби рагьани яги телефоналъ ахIун бачIуна, гьадинаб бакIалда, банкалда цевеги чIун, дур паспорталда рекъон кредит босулев вугин абун. Гьеб гьес босунгутIизе жидеца кумек гьабилин, паспорталъулги картаялъулги баянал бецейилан кIалъала. Руго цогидал къагIидабиги. Масала, дир­го ккараб бицинин.

Дица СБЕРбанкалъул картаялдаса бахъун, ВТБ банкалъул картаялде рехана 20 азарго гъурущ.

Амма, гьенибе рехараб гIарац дидаго лъачIого, щибго телефоналъ ахIун бачIинчIого, лъицаниги суал кьечIого тIагIун батана. Дирго рукъалда аскIоб бугеб банкоматалда аскIойги чIун, картаялде балагьулаго, бачIана баян 18 600 гъурущ бахъун анилан абураб.

Дирго беразда божичIого, дица телефоналда бугеб ВТБ банкалъул приложение, чанго нухалъ свинабуна, рагьана, мекъи ккун ятилинги абун. Амма гьениб хутIун батана 76 капек.

Дица хехго банкалде ахIана. Гьез карта «заблокировать» гьабуна. ГIарацин абуни ун батана Краснодар краялдаса Алена Дмитриевна Т. абурай гIаданалъул картаялде. Гьениб бугоан телефоналъул номерги. АхIана гьенибе, гьелъин абуни рицана ричIчIуларел жал. Жийги йигила мунго гIадин хIиллачагIазул гудракье ккарай гIадан.

Гьеб гIарац гьабсагIат нахъе би­тIичIони, полициялдеги ун гIарза хъвазе бугин абидал, гьелъ гьарана, 19 сон барай жинда тIасан гIарза хъвагейилан. ХъвачIого, нахъеги гьединалго жал гьаризейищ гьей гIадал телел. Узухъда, теларо. Ана полициялде, гьенив вугоан ЧIарада районалдаса ГIали МухIамадов абурав гIолохъанчи.

Гьес дие кумек гьабуна. Хъвана гIарза, хIиллачIужуялъухъеги ахIун гьелда бичIчIизабуна гIарац нахъе битIичIони щиб букIунебали.

Дица гьаб щай хъвалеб бугеб? Киназдаго лъан букIине гьединаб кIичIикье жалго ккунгутIизе. МАКС­алде ва цогидал бакIазде рачIарал ссылкабиги рагьуге, лъаларев чиясе жавабалги гьаруге. Лъалареб номералъ банкалъул рахъалдасан кIалъайдал, гьезие бокьараб жавабги кьоге. Нагагь баян бачIани дихъе гIадаб, гIарац бахъун бугин дур счеталдаса абун, гьебсагIаталдаго ун банкалдегун, босун распечаткагун, полициялде ине ккола. Нилъеца гьеб кIвар кьечIого тезе бегьуларо. Щайгурелъул нилъеда лъаларо, нилъер счеталдаса бахъараб гIарац кибе унебали.

ХIиллачагIи гIемерлъун руго. ГIарцуда хадур чIарал «чанахъаби» нилъеда сверухъги ратула. Гьединазе букIине ккола гьабулеб къвакIараб тамихI.

ТIадежоялъе, гIадамал къосинаризе «ИИги» баккун буго гьанже. Гьебги буго гIадамазул бетIер хIалтIизе биччачIого букIине ба­ккараб гIаламат. Интернеталдасан гуккулел руго лъимал. Воре, цIо­дор­го рукIа. Нахъа кватIун ккечIого бу­кIине.

Рукъият ГIалисултанова