ГIемераб — рокъоб,рекъараб — чохьониб

НекIсиял грекал ва румал къойида жанир цо нухалда гурони кваналел рукIун гьечIо, анкьида жанир цо къоялъ гьел ракъун чIолелги рукIун руго.  «ТIаде вахъа анлъгоялда, кванай къобакьулъ, къаси — анлъгоялда, кьижа — анцIгоялда», — ян малъулеб буго XVI гIасруялда гIумру гьабун вукIарав пуланав гIакъилас.

Ингилисазул тохтур Эндрю Бордица хъван буго: «ХIалтIи-пиша гьечIев чи сордо-къоялда жанив кIиго нухалда квананиги гIола. ХIалтIухъан кваназе бегьула лъабго нухалъ», — ан.

ГIемер кванай – инсанасул унти, дагь кванай — хIайваназул унтиян аби буго умумузул.  Кициги буго  радалквен гьалмагъасулгун бащад гьабе, къадеквен дуцаго кванай, къасиквен тушманасе кьеян абураб.

Гьайгьай, гIемер кванай ккола чиясул заралияб гIамал. ГIемерисел, ай 35-40 соналдаса тIаде арал гIадамал  цIикIкIун кванаялдалъун байбихьула кьаралъизе ва, чохьое лагълъи гьабиялъ, гьел кIвекIула батIи-батIиял унтабаз.

ГIакъилзабаз ва гIалимзабаз рикIкIунеб буго, инсанасул гIумруялъул халалъи, сахлъиялъул ахIвал-хIал, гIакълуялъул даража бараб бугин кванил роценалда. Масала, гIалимчи Томас Эдисоница къоялъ кваналеб букIун буго 350 грамм кванил, гьебгиха лъабидеги бикьун. 94 сонил ригьалде вахинегIан гьев вукIун вуго гIураб чIаголъиялда. Дунялалдаго цIар рагIарав чачаназул кьурдухъан МахIмуд Эсенбаевас цо гара-чIвариялда журналистасда абуна: «Дун киданиги кваначIо гIорцIизегIан, тепсиялда нахъаса вахъунаго дир букIуна гIорцIун гьечIин ккараб асар», — ан. Кремлялъул кIалгIаялда, гIолохъанчи гIадин, 74 сон барав Эсенбаев кьурдулеб мехалъ, тIадеги рахъун, киназго гьесие хъатчIвана.

Киназего бокьула берцинаб, къа­мартIаб черх букIине. Амма гьелда тIад хIалтIиялдаса чехьги цебе ккезабун, гIемерисезул фигура лъугьуна гургуралъул гIадаб.

Цо пуланаб росулъ гIолилазе ма­гьари лъолеб сордоялъ, кIал бе­гIе­рай гIаданалъ абун бу­го: «Гур­хIанаха бахIарасда, бахIара­лъул ха­лалъи-гIеблъи батуларого, щиб къо­дай гъаримасда бихьила», — ян.

Халалъи-гIеблъи лъаларедухъ черх лъугьиналъе бугеб аслияб гIилла ккола чияс гьабулеб хIал­тIудаса чехь цебе ккезабулеб букIин, ай хIалтIи гьабун тIолеб гIетIалдаса кваналеб жо цIикIкIунеб букIин. Цо гьалмагъасде абулеб рагIана: «Гьев чохьоч кваназавиялдаса чIвазего бигьаяб букIина», — ян. Чохьочие цIакъ бокьула кьарияб квен. 150 килоялде бахана гьесул цIайи, махIабазе захIмалъана къаркъала бехъерхъизе. Ана тохтурзабазухъе, чIана диетаялда. МоцIида жаниб 15 кило тIаса рехизе бажаранинги абун, лъимер гIадин, вохунги вукIана пакъир. Диета тун моцI индал, тIаде бачIун батана 20 кило.

Цо-цояз абула: «КваначIого чIаниги цIайи бахуна, гьединаб буго нижер тухумалъулго тIабигIат», — ан. Амма гьеб буго багьана. Лъида вихьарав концлагералда цониги кьарияв чи…

Аварагасул хIадисалда буго: «Кванирукъ бикьизе ккола лъабиде, ай квание тела лъабил бутIа, лъадае — лъабил бутIа, гьаваялъе — лъабил бутIа», — ян. Гьеб малъа-хъваялда данде ккола гьанже гIелмуялъ малъулебги. Нилъер бертабазул, мавлидазул тепсиязда букIуна 10-I5 батIияб нигIмат, хIикмалъизе бачIуна цо-цо чагIи гьенир кваналеб куц бихьидалги.

ГIемер кванаялъе руго гьадинал гIиллаби: чIалгIен ва аскIобго холодильник букIин, хIалтIуде гIедегIун, радал кваназе заман гIоларого букIин, квешаб хIал (настроение), жиндирго напс къезабизе кIунгутIи, чехь бохизабизе бокьи, нерваби гIодоре руссинариялъе цIикIкIун кванай, кьолеб-щолеб  квандаса инкар гьабизе кIунгутIи ва метералдаса байбихьун диетаялда  чIезе гьабураб «кьварараб» ният.

Дунялалдаго гIемерлъулел руго кьариял гIадамазул къадар. 1000 американасда гьоркьов вукIуна 200 кьарияв чи, Европаялда — 130, славяназда гьоркьов — 80 чи.

АбизегIан кьариял рукIунаро бакъбаккул улкабазда ругел гIа­да­мал, гьезул диналъ гьукъараб буго чохьое лагълъи гьаби. Аслияб куцалда гьез квание хIалтIизарула тIа­бигIиял нигIматал, чIахIил квен, ччугIа.

Нахъеккараб экономика бу­кIи­налъ, Африкаялдаги гIе­мер гьечIо кьариял чагIи, гьениб букIунаро хIадурарал кванил тIагIамал, гьечIо радал кваналеб гIадат, кванилъе жураларо тIабигIиял гурел жал, рукIунаро ричун росарал заралиял квенал (бизнес-ланчал).

ГIалимзабаз гьабураб цIех-ре­халъ бихьизабулеб буго, къойида жа­ниб кIиго нухалда квананиги, инсанасул сахлъиялъе кинабгIаги къварилъи кколареблъи.

ГIалимчи Герберт Шелтоница хъван буго: «Къойида жаниб лъабго нухалда кванаялъул хIасилалда черх херлъула ва жагъаллъула. ГIедегIун кванаялъ инсан херлъизавула ва унтизавула», — ян.

Кьариял чагIазул унтула ракI ва бидурихьал, цIикIкIуна бидул тIадецуй. Чорхол бакIлъи цIикIкIанагIан кIодолъула ракI, бакъвалъула би, кколеб куцалда гьеб щоларо лугбузухъе ва клеткабазухъе. КъвакIула бидурихьал, бидулъ цIикIкIуна холестерин, хIинкъи букIуна атеросклероз ккеялда. Кьариял чагIазул 60 проценталъулъ тIатуна чакрил унти, гьуърузе захIмалъула тартибалда хIухьел цIазе. ЦIакъго бакIал чагIазул мугъзагьод гьетIула, кьуризабула каранзул къали. БакIал чагIи гIемер унтула гриппалъ ва батIи-батIиял гьуърузул унтабаз, дарабазулги гьезие дагьаб гурони пайда букIунаро. Квешаб рахъалдехун хисула чехь-бакьазул хIалтIул тартиб. Унтула ургьисалаби, гьелда жанир лъугьуна ганчIал ва сали. Гьезул къанагIатги вукIунаро рукьбузул ва рищалабазул унтаби гьечIев чи. ГIелмиял цIех-рехаз бихьизабуна чорхол бакIлъиялъ зарал гьабулареб цониги лага, лугбузул гIуцIи, хIатта клетка букIунареблъи. Гьединлъидал кьариял чагIазул гIемерисел рукIуна гIумру къокъал, заман щвелалдего херлъула гьел.

Баян

Дунялалда бищун бакIал чагIи­лъун рикIкIунаан: американай Кэрол Йегер — 727 кг,

Джо Брувер — 544 кг ва Джон Минноху — 635 кг!

Жакъа дунялалда ругел бищун бакIал чагIи ккола: СагIудиязул ГIарабиялдаса Шаари Халид ибн Мухсен — 630 кг, Мексикаялдаса Франко Хуан Педро — 585 кг, СШАялдаса Брамли Кеннет — 469 кг ва Австралиялдаса Наср Андре — 468 кг.

Россиялда бищун бакIав чи кколаан Хабаровск краялдаса 40 сон барав Дмитрий, гьесул цIайи бу­кIана 450 кг.

Нури Нуриев