Щибаб соналъул, батIи-батIиял календаразда рекъон, рукIуна жидерго цIарал ва гIаламатал. Исанасеб сонин абуни кколеб буго багIараб чол лъагIел.
Чуял руго инсанасе ритIухъал, гьев вичIчIулел ва кумекалъе ратулел жал.
Чу бугеб хъизамалда лъималазе захIматалъул лъикIаб тарбия щолаан
Щивасул магIишаталда гьеб букIуна чара гьечIого рукъалъул хIалтIи гьабизе хIажатаб ва лъималазе захIматалъул тарбия кьеялъулъ кIвар цIикIкIараб рухIчIаголъи. Цоги рахъалдасан босани, гьеб ккола хъизамалъул рес букIин бихьизабулеб гIаламатги. Эмен чIаго вугеб мехалда нижер рокъосаги камичIо чуял. Гьезул цIаралги ракIалда руго. Ахирисеб чода цIар букIана «Мальчик» абун. Чода тIад гIунин дунин абуни, мекъи ккеларо. Районалда чуял тIамиялъул къецаздаги гIахьаллъана школалда цIалулеб заманалда.
Цо нухалда риидалил бакъанил гIужалъ, чуязул илхъиги бачун, радаллъизегIан гьел кваназаризе инсуца росдадаса 8-10 км рикIкIада ругел харибакIазде витIарав дун, чода тIадго кьижун ккун ватана. Гьебин абуни, кьижарав дун тIад рекIун вукIаго, росулъе тIадбуссун, радакьалде кавудал кIалтIа чIун батана. Амма инсуда лъаларедухъ ва гIадан-чиясда вихьилалде, рогьалил гIужалда цIидасан нахъвуссун, илхъи тараб бакIалде бекеризабизе ккана гьеб ва, бакI-бакIалда щущан ратарал чуялги ракIарун, рокъове тIадвуссана.
Гьанже гIумру цебетIеялъул, цIи-цIияб техника баккиялъул хIасилалда, гьезул кумекалде дагь гурони кколел гьечIо. Кин бугониги, жакъа Дагъистаналда, мухIканал баяназда рекъон, буго 41500 чу. Улкаялъул регионазда гьоркьоб, чуязул къадаралъул рахъалъ, нилъер республика буго 10-абилеб бакIалда. Бищунго гIемерал чуял руго Саха-Якутиялда. Гьениб гьезул къадар бахуна 181100 бетIералде. КIиабилеб бакIалда буго Башкортостан – 125800 бетIер. ТIолабго Россиялдайин абуни, чуязул буго цо млн. 31 азарго бетIер.
Чуязул тайпа цIуни — жакъасел масъалабазул цояб
Араб гIасруялъул 90-абилел соназда нилъер республикаялда чуязул къадар дагьлъизе байбихьана. Цого-цо бугеб ипподромги биххизе дагьаб хутIана. Амма Росдал магIишаталъул министерствоялъул хIаракатчилъиялдалъун кIвана гьездехун чуял цIуниялъул мурадалда тадбирал гьаризе. Хасго ахирал соназда кIвана Ахалтекиялъулаб тайпа цIунизе ва гьезул къадар цIикIкIинабизе.
Республикаялъул росдал магIишаталъул цебетIей гIелмиябгун техникияб сурсаталдалъун хьезабиялъул хасаб программаялда рекъон, Дагъистаналда хIисабалде босун буго 2030 соналде щвезегIан мугIрузул бакIалъулал чуязул тайпабазул генетикиял цIех-рехал гьаризе. Щайгурелъул гьел руго нилъер тIабигIиял шартIазде ругьунал чуял.
Гьединлъидал чуял хIалтIизари, гьездаса, туризмалде гIунтIун, пайда боси цIикIкIунеб буго. МахIачхъала, Каспийск шагьаразда ва гьезда сверухъ дагьаб цебегIанцин ункъо гурони чуязул клуб букIун батичIони, жакъа гьезул къадар гIемерго цIикIкIун буго. Социалиял гьиназдаги гIемер рукIуна суратал чуяздаги рекIун тира-сверулел дагъистаниязул ва нилъехъе рачIарал туристазул.
Чуял — чорхол сахлъи цIуниялда ва туризмалда
Ахикь, хуриб гуребги, чуял хIалтIизарула спорталъул, туризмалъул бутIабаздаги. Гьезда рекIун хьвадиялъ лъималазул цо-цо унтаби сах гьаризецин кумек гьабула. Чуял тIамиялъул къецаздаги гьанже гIахьаллъи гьабула гIемерал бихьиназгун руччабаз. ХIаракат бахъулеб буго, умумузул букIараб гIадаталде тIубанго руссине кIвечIониги, дагьабгIаги гIагарлъизе. Тахшагьаралда жалго бетIергьанал ипподромалцин гIуцIун руго. Гьенир лъимал, чуяздаги рекIун тира-сверизарула, чотIахъабилъун рахъине ругьун гьарула.
Дагъистаналъул чуяз гIахьаллъи гьабула Северияб Кавказалда тIоритIулел къецазда ва бергьенлъабиги росула.
Чу буго хехлъиялъул, гIураб чIаголъиялъул гIаламат. БагIараб цIадулкьераб чуялъулаблъун кколеб гьаб соналъул аслиял рахъаллъун Бакъбаккул календаралда рекъон рихьизарулел руго: гъира-шавкъ ва хIал букIин, цIикIкIараб хIасрат ва гIумруялда кколел хиса-басияздехун кIудияб цIайи букIин. Амма, гьелдаго цадахъ, 2026 сон буго щивас, тасамахIлъи биччачIого, гIадлу-низам цIунизе кколеб, лъугьа-бахъинал гIемераб сонлъунги.
З. Ильясов
