ГIетI тIун гIезабураб гъираялда кванала

Россиялъул ВВПялда (лъагIалида жаниб къватIибе биччараб кинабго продукциялъул, гIезарурал ва къачIарал нигIматазул, гьабураб даран-базара­лъул гIаммаб багьа) аграрияб магIишаталъ ккола 10-гIанасеб процент. Да­гъистаналда гьеб процент буго кIиго нухалъ цIикIкIараб — республикаялъул экономикаялда росдал магIишаталъ ккола щуйил бутIа.

ТIолабго Россиялда 2025 соналда росдал магIишаталъул продукция цIикIкIана 3,3 проценталъ, Дагъистаналда – 2,5 проценталъ, гьелъул багьа бахана 276 млрд гъурщиде. Тарихазул гIемер хIисаб гьабичIониги, нилъеда лъикI лъала регионалъе гьелъул бугеб кIвар, кколеб бакI — гьеб буго нилъер аслу, нилъеда гъорлъ бессараб, нилъее хасиятаб хIалтIи.

Нилъее гIоларо могьолал культураби, цIакъго щакаб жо буго гьезул рахъалъ хадубккунги нилъго нилъецаго хьезаризе кIвей. Нилъ бергьунел, «байрахъ» нилъехъ бугел рахъал ккола гIи-боцIухъанлъи, цIолбохъанлъи, пихъ-овощал ва пиринчI гIезаби.

ГIи-боцIи

Официалиял баяназда рекъон (гьезда сверухъ гIезегIан рукIана ва жакъаги камуларо батIи-батIиял бахIсал), гьабсагIаталда Дагъис­та­налда буго 4,7 миллион бетIер гIи-цIцIаназул (РФялдаго буге­лъул 22 процент) ва 950 азарго бетIер чIегIербоцIул (гьездаса 486 азарго ккола гIака) — тIолабго Россиялда буго гьезул 18 миллион бетIер.

ЦIолбохъанлъи

2025 соналда республикаялда бакIарана 302,1 азарго тонна цIолбол (2024 соналда бакIарун букIана 301 азарго тонна). Гьелъул 241 азарго тонна къачIана нилъерго гьаниб. Исана цIолбол ахал гьаризе руго жеги 800 гектаралда. Гьелъие 2025 соналда республикаялъул питомниказда гIезабуна 8,1 миллион саженец, гьезул 1,5 миллион битIана Краснодар краялде ва Крымалде. СВО байбихьизегIан ахIвал-хIал букIана гьелъул гIаксалда — гIемерисел саженцал нилъеца росулаан къватIисел пачалихъаздаса ва цогидал регионаздаса.

ПиринчI

Ахирал соназда лъикIаб туркIи щвараб гьеб нигIмат хьараб гIа­тIи­лъиги дагьлъана гъоркьиса, гIодобе ккана бакIарараб тIощалил къадарги. ТIолабго Россиялда — 9 проценталъ.

2024 соналда Дагъистаналда гьеб хьан букIана 34,7 азарго гектаралда ва гьениса бакIарана цебехун киданиги букIинчIеб къадар — 165 азарго тонна. Гьеб ккола Краснодаралдаса хадуб кIиабилеб бакI (доба бакIарула 800 азарго тонна).

Гъоркьиса нилъер гьаниб гьеб хьана 25 азарго гектаралда (гьелъулцин цо бутIа бакIаричIого тана цо-цо магIишатаз) ва гьениса щвана 120 азаргогIанасеб тонна пи­ринчIалъул. Гьединаб хIасил ккея­лъе буго чанго гIилла: лъел къва­рилъи, техника, цIатари, запчастал ва гь. ц. цIакъго хиралъи ва гьезул даража хвей. Амма аслияб гIиллалъун ккола пиринчIалъул багьа гIодобе ккей — жеги бацIцIад гьабичIеб, хъал бахъичIеб гьеб (сырец) магIишатазухъа босулеб буго 7-8 гъурщиде кило хIисаб гьабун. Гьеб багьаялде гьебги бичун хIалтIиялъул кинабгIаги мунпагIат гьечIо магIишатазе. КъунцIараб квасул рахъалъ ахирал соназда букIана ва буго гьединабго масъала, гьанже ирга щвана пиринчIалдеги. Батизе ккола гьеб масъала тIубаялъе рес, гурони цо-кIиго соналда жаниб цIакъго нахъе ккезе буго пиринчI бекьиялъул суал. Гьелъ хадур цIала мелиорациялъул, ракь лъикI гьабиялъул, къачIаялъул гIемерал цогидалги суалалгун масъалаби.

ЦIоросаролъ

Гьеб хьан букIана 12,1 азарго гектаралда ва гьениса бакIарана 51,1 азарго тонна (цебесеб соналдаса 4,9 проценталъ цIикIкIун). БакIарана ункъазаргогIанасеб тонна бакъдебуссалъулги, цебесеб соналъ бакIарун букIана 3,6 азарго тонна.

Пихъгун овощал

Дагъистаналда буго ахазул 30 азарго гектар, гьездаса 6,5 азарго гектаралда цIиял ахал чIана ахираб щуго соналда жаниб.

Гъоркьиса нилъеца бакIарана пихъил 265 азарго тонна (гьезда гьоркьоб буго Краснодаралда ва нилъер гьанибги гурони Россиялда гIезабулареб хурмаги — 6 азарго тонна). Овощазул – 1,5 миллион тонна ва бахчабазул — 236 азарго тонна.

ТIадехун рехсарал нигIматазул рахъалъ тIолабго Россиялда нилъ цебесеб кьерда рукIиналъе нугIлъи гьабула цо гьадинаб хIужаялъ. Москваялда буго «Фуд Сити» абураб, цIакъ кIудияб, къойида жаниб 100 азаргогIанасев чи къабул гьавулеб дармилаб комплекс. Жидерго росдал магIишаталъул продукция гьениб лъола 60 регионалъ ва 50 къватIисеб пачалихъалъ. Гьенир ричулел пихъазул, овощазул ва бахчабазул 10 процент ккола Дагъистаналда гIезабураб.

ГIабаш ГIабашилов