Болъихъгун ЦIумада рагъ лъугIаралдаса 20 сон баялъул хIурматалда кьолеб шапакъаталдаса инкар гьабуна журналист Алик ГIабдулхIамидовас.
Гьес абулеб буго жинда цадахъ доб мехалъ рукIарал цониги пишацоясул цIар гьечIила шапакъат щолезул сияхIалда. Гьеб цо.
КIиабилеб бугони, жинда бихьулеб бугила гьел шапакъатал хIакимзабаз жидеего бокьарал чагIазе кьолел рукIинги. Гьезда гьоркьор ругила доб рагъулъ рукIарал ополченцалги, амма кьвагьулеб тункIил гьаракь рагIулеб бакIалде аскIорецин къачIезеги кьолел ругила медал-киласал.
Гьанже Алик ГIабдулхIамидовасго гIадин, къого соналъ церего гьел шапакъатаздаса инкар гьабун букIана Болъихъ районалъул Гъагъалъ росдал ополченцазги. Медалазе гIоло гурин жидеца ярагъ кодобе босун букIарабин абун буго гьез Москваялдаса хIакимзабазда. Гьелъул бакIалда, «Город-Герой» гIадин, «Село-Герой» абураб статус кьезе лъикIаблъун бихьулеб букIана гъагъадерида. Амма росдае гьединаб цIар кьезе бихьизабун гьечIин къануналдаян, Москваялъ инкар гьабуна гьезие.
Гьелда тIасан лъикIаб гара-чIвари ккана гьанжегIагар редакциялда гьоболлъухъ рукIарал Гъагъалъа Юсуп Нажмудиновасулгун ва ЯхIя ЯхIяевасулгун.
1999 соналда ополчениялда рукIана гьел.
— Доб мехалъги гьел шапакъатал кьолел рукIараб куц бихьараб мехалъ, дица хIисаб гьабуна, КIудияб ВатIанияб рагъул шапакъаталгицин кьолел рукIанадай гьединабго инжитаб къагIидаялъилан, — илан байбихьана ЯхIяев ЯхIяца. — Щалго гурел чагIазе кьолел рукIана къого соналъ цере гьел.
— ГIанди-Гъагъалъан нижедаса байбихьун букIана ополчение гIуцIизе. ЯхIя вукIана гьезул церехъабазул цоявлъун, — илан бицана Юсуп Нажмудиновас.
— ГIамм гьабун, чан чи вукIарав нужер кьеразулъ?
— 300-ялдасаги цIикIкIун чи вукIана. Дун доб мехалъ Астраханалда вукIарав чи, рагъул хабар лъарабго, хъата-масан нухда вахъун, кIиабилеб къоялъго росулъе щвана. ЯхIяги нижги гIагарал чагIи ккола. КIудиясул тIалаб-агъаз хIисабалда, дир инсуда гьарулеб букIана гьас, кIигояв вугониги гIелин нужер хъизамалдаса. Юсуп, щиб кканиги, рокъоселги цIунун тейилан.
Гьеб мехалъ инсуца кIиго гранатаги кисиниб къазабун, вацал ругеб бакIалда гьезда хьолбохъ эхетейилан, жиндаго цадахъ вачана дун. Эмен (мунагьал чурад) вукIана ополчениялъул штабалъул нухмалъулевлъун.
Шапакъатаз гуро борцунеб
ВатIан бокьи
— Юсуп, дида бицана мунагьал чураяв Расул ХIамзатовасги гьикъун бугин нужеда шапакъатаздаса инкар щай гьабурабилан?
— БукIана гьединаб жо. Росдал жамагIатги данделъун гьабураб хIукму букIана гьеб. Шапакъатал кьезе ругезул сияхIалда нижер щугоясе бихьизабун букIана «Бихьинчилъиялъе гIоло» орденги, лъабнусидасаги цIикIкIун чиясе «БахIарчилъиялъе гIоло» медальги кьезе.
Нижеца рихъ-рихъун рана сияхI тIад хъван рукIарал тIанчал. Доб мехалда ДРялъул хIукуматалъул шапакъатал кьолеб отделалъул нухмалъиялда йикIарай гIаданалъ рагьун абуна нижеда нуж гIадаллъунищила ругел гьездаса инкар гьабизе, нужеца росичIони, цере ккарал чагIазе щвезе ругила гьел.
МухIамадгIали МухIамадовасда цадахъ 1999 соналъул декабралда Москваялде Владимир Путинихъе унеб делегациялда гъорлъ рукIана мунагьал чураял Расулги дир эмен Нажмудинов Нажмудинги. Гъагъалъа чи вугищ самолёталдаян делегациялдаса цояс гьикъидал, жив вугилан дир инсуца абулеб рагIун буго Расулида. Цинги гьес гьев жиндаго аскIове ахIун вуго. Гьесги гьикъун буго инсуда щай нужеца шапакъатаздаса инкар гьабурабилан. Щайгурелъул каранда ралел орденазе гIоло гурин жал къватIире рахъун рукIарал, инсул росу тушманасдаса цIунизе гIоло рукIанилан жаваб кьун буго инсуцаги.
— Гьелда данде жиндиего хасиятаб къагIидаялъ жаваб кьун батила Расулицаги.
— Инсуца бицунаан Расулица данде гьабураб жавабалъулги. Амма дидаго ракIалда гьечIо гьеб жакъа гьаниб бицине. ЦIакъ берцинго, пасихIаб магIнаялъул жаваб букIанилан бицунаан инсуца, — ян ракIалде щвезабуна Юсуп Нажмудиновас.
Рокъове щвечIого рагъулъ щапарав росуцоявги, Интербригадаги, Ш. Басаевас Гъагъалъа жамагIатчагIазда гъолеб букIараб яхIги.
— Ополчениялда рукIаго ками кканищ нужер гIадамазе?
— Лъабгояв чIвана нижер гIолохъабазул. Гьезул цояв ИсмагIил ИсмагIилов абурав вас, дунго гIадин, Астраханалдаса вачIунев вукIарав чи, росулъецин щвезе санагIат ккечIого, ана ополченцазда гъорлъе ва тIоцересел къоязго чIвана. Рокъове щвезе хъван букIун гьечIо гьесие. Гьесул бахIарай йикIун йиго Астраханалдаго ячарай. Чанго соналдасан гьесул хабаде щвезе ячIун йикIана гьей ясги ячун.
Лъукъаралги рукIана гIезегIан. Лъабго анкьгIанасеб заманаялъ цIунана нижеца росу. Гьеб лъабабго анкьида жаниб цониги чи росу тун цогидаб бакIалде инчIо парахалъи рещтIинегIан. Нижедаго хьолбохъ эхетарал гIадин, руччабиги рукIана, росурагIалде ракIарун. Щибаб сордоялъ зикруги бачана гьез, хIажалъи ккани, ярагъ кодобе босизеги хIадурго рукIана.
Гьаниб цо хас гьабун бицинчIого гIоларо нижерго доваса гIолохъанчияс гьабураб гьунаралъулги. Террористал рачIунеб рукIараб нух, сардилъ ун, жаниб минаги лъун, кьвагьизабуна гьес. Гьезул жидерго машинаги кьвагьун, анцIгоялдасаги цIикIкIун чи чIван вукIана. Гьелдалъун хъачагъазе нухги къотIана. Гьеб кIудияб бахIарчилъи букIана доб мехалъ.
— «Интербригада» абун рачIарал ополченцаз щибниги гIахьаллъи гьабун гьечIин гьеб рагъулъ, «ГIачIаб» абулеб бакIалда шашликIал режун, ихтилат кеп-гьабулел рукIун гурониян бицуна…
— Ихтилат гьабулелги рукIун ратиларо гьел. Дир хIисабалда, гьел рукIана рагъулъе лъугьине тIадругезул буюрухъалъулъ балагьун чIун. Гьебги гьезие бокьараб лахIзаталда кьезе рес букIана. Гьединлъидал рагъудаса нахъегIан къан чIун «Интербригадаялъулал» рукIанин абураб пикру дица къабул гьабиларо. Болъихъе щвезегIан рачIаралъухъги баркалаялъе мустахIикъал руго гьел, — ан абуна ЯхIя ЯхIяевас.
— Гьумер битIун жалго боевикал рихьизе рес ккун букIанищ нужее?
— Нижер доваса чанго чи ун вукIана гьезулгун кIалъа-басаял гьаризе, — ян ракIалде щвезабуна Юсуп Нажмудиновас. — Боевиказул рахъалдаса цевехъан хIисабалда гьелгун гара-чIварун вугоан Ширвани Басаев (Шамилил вац).
Нужеда ниж щалали кIочонищин тараб, нилъ гIодоса эхедего рукIарал мадугьалзаби гурищин, яхI гъезе лъугьун вуго гьев. Гьезул мурад букIана нижеца нухги кьун, росу къотIун Муни кьодухъе ине — гьенисан ункъо районалде бикьулеб нухдаса цогидал росабалъги гъарачилъи бекьизе. Амма гьезул къасдал хIорго хутIана, нижеца гьезда лъазабуна нижер росуги къотIун нужеца гали цебехун лъоларилан.
ЧIаго хутIилин божи букIинчIо
— Дол минутаз нуж божун рукIанищ кумекги щвелин, гьелги нахъчIвазе кIвелин абураб пикруялда?
— ЧIаго хутIилин абураб пикру нижер лъилниги букIун батиларо, — ян мукIурлъана ЯхIя ЯхIяев. – Хасго щокъробе щвезегIан ярагъги борчун, жанаваразда релълъараб куц-мухъгун рачIарал террористалги рихьулел рукIаго. Гьезда кIолаан, нижер росдада лалги тIамун, церехун ине. Гьедин гьабизе кIолеб къуват букIаралъул гьезул.
ЖамагIаталъ хIукму гьабуна ахиралде щвезегIан росу цIунизе. Амма гьеб цIакъ захIматаб хIукму букIана. Пикраби батIи-батIиял рукIана щивасул. Ахирги рачIана нилъго хунги гьезие нух кьеларилан абураб пикруялде. Гьедин букIаралъулха нилъер умумузул заманалдаги. Надир-Шагьасул, Тимурил заманалда гьедин цIунулел рукIаралъул нилъеца росаби.
— Гъоркьиса Болъихъ букIараб дандчIваялда Владимир Путиница рази гьаричIищ?
— Рази гьаруна, щай гьаруларел? Жакъа бокьарас бокьараб абизе бегьила. Халкъалъул рукIа-рахъин лъикI гьечIин, харжал дагь ругин ва гьеб гуребги. Батила гьелда жанибги гьесул гIайиб. Амма нижгун дандчIвазе вачIарав гьесул гIадатлъиялъ асир гьаричIогоги хутIичIо. Президент гIадин гурев, росдал годекIанив вугев жамагIатчи гIадин вукIана гьев нижгун хIалги рекъезабун. Гьеб гуребги, доб рагъдаса хадуб нижер районалда гIезегIан цебетIейги лъугьинчIищха – нухал рахъун, объектал ран, газ бачун.
— Гьанже, къого соналдасан, дол августалъул къоял кинаб асаргун ракIалде щолел нужеда?
— Къого соналъ цебе гуреб, гьеб кинабго сон-церекъад букIараб гIадин ккола. Гьаб жакъаги, нагагь гьединаб къо бачIани, бокьараб лахIзаталъ тушманасдаса ватIан цIунизе къватIире рахъунел гIолохъаби руго нилъер. Доб мехалда кколаан гьединал гIолохъаби цере рукIаниги, гьанже ратиларилан. Амма къого соналъ цебе ополчениялъул кьеразулъе рачIунел гIолохъаби рихьидал, нижер пикру хисана.
Чарамул ракI бугел васал руго нилъер ракьалда, гьеб буго жакъаги ниж божараб пикру.