Бакъвараб гьанги цIураб бакьги

Кьиндалиде магIарулал хIадурлъулеб куц

Хасалихълъиялъ къо-лъикI гьабун бахъанин абизе бегьула. Кьиндалил цIорораб квач тIибитIун буго мугIрузде. Хасел тIаде гIунтIулеб букIин бицунеб буго тIабигIаталъ… Гьединаб гIужалъ байбихьула магIарухъ хъвехъари гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ дагьабго бицине ракIалде ккана.

РакI гIорцIун бугони,

берги гIорцIула

Исана хъвехъари дагьаб кватIанин абизе бегьила. Цогидаб бакIалда лъаларо, декабрь щвечIого гьеб байбихьичIо, мисалалъе, Гьонода.

Нужедаго цебечIечIищ, гьабсагIат азбар бакьулъ хъураб ригьгIанасеб оцги, хасалоде бакъвазабизе гьанал чIалал гьарулел цоял, буссине гьан батIа гьабулел цогидал. Бежа-белъун, цIигьанал тIагIам гъасда хIадурулел руччаби. Аваданлъиги ракIгъейги.

Бакъвараб гьанги цIураб бакьги… Гьеб кIиябго нигIмат камураб мина-рукъ цебечIезабизе захIмат буго жакъа. Анкьумумуздаса байбихьун, цебеса цебе кьун, нилъехъе щвараб, жакъаги хвезе течIого цIунараб гIадатги гIамалги. Щивасул ратила гьелда хурхун жиндирго ракIалдещвеял.

МоцIица, цIакъго рес бугез кIиго моцIица цебеккунго толаан хасалоде хъвезе бугеб хIайван жаниб. Гьелъие чури-лъим рекъезабулел, чед-хинкI данде гьабулел рукIунаан.

Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул «МугIрул сухъмахъал» абураб тIохьода буго гьелъул хIакъалъулъ бицунеб цо гьадинаб кесек.

«Доб букIана 1931 соналъул кватIараб хасалихълъи. ГIемерисел гIадамазул царгъал чIорого рукIана. Хуриса бахъараб хIалухъен къадарабго гурони букIинчIо. Хасел киндайин нухда тIамилаян ургъалида рукIана гIемерисел гIадамал.

ХIасаниласул бугизего бугеб рохел букIана, риидалго жаниб тараб, дунял цIорозе байбихьарабго хъвезе ракIалда бугеб куй. Бокьоб жанибги гьунарого бугин кколедухъ кьаралъун бугеб гьелъухъ валагьун бер гIорцIуларого хутIулаан гьев. Жиндаго кваназе кIвечIого гьелъие кьезеян нахъе лъун толаан чанги хинкI. «ИншаАллагь, гьаб куйдуца хьихьила исана дир хъизан. ЦохIо гьалъул рачIчIалда, хIакъаб жо, анкьго килограмм мохмохил бахъила. ТIерен гьабун буссун, цадахъ картошка бежулеб куцги цебечIезабун, бералги къанщун чIолаан гьев. Бер гIорцIун бугони, ракIги гIорцIула чиясул. Гьединал пикраби-хиялаз вохизавун, разиго унаан гьев годекIаниве».

Гьедин цебечIезабулеб буго Муса МухIамадовас араб гIасруялъул ракъарал соназ магIарухъ букIараб гIумруялъул цо бутIа, гIадатияв магIаруласул хьулазул бечелъи. ХIакъикъаталдаги хасалиде хъураб хIайваналъ, их тIаде щвезегIан, бащдаб бог тIаса рехула. ЧIалда дализарун ругел бакъвараб гьанал чIалаздаса ва цIурал бакьаздаса бугеб рохелги, гьездаса чIвалеб берцинаб махIги сундухъниги кьолеб жо гуро.

Эбел-инсудаса балъго рокъоса босизе щвараб бакьил кесекги босун, хъещтIеротIе унел рукIарал лъимерлъиялъул сонал лъида щоларел ракIалде? ЦIадуде тIадеги ккун бежараб гьеб бакьидаса букIунеб букIараб татуги, гьелъул тIагIамги…

Цебеги гьанжеги

ТIадехун абухъе, хъвехъариялде байбихьун буго магIарухъ. Жанир тарал бугъбузул, бусбузул багьа цIехолел, даран гьабулел рагIула гIадамал росулъе щведал.

ХIайваналъул гьанал багьа буго 500 гъурщидаса бахъараб, 550-580 гъурщиде щвезегIан. ХIатта цо-цо бакIазда 600 гъурщиде бугинги рагIана. Шагьаралдаги буго гьебго багьа. МахIачхъалаялъул кIиабилеб базаралда хIайваналъул — 460, гIиял гьанал — 500 гъурущ.

ГIемерал соназ гьеб ишалда гъорлъ вугев боцIухъан, Гъуниб районалдаса АсадгIалица гьадин бицана хъвехъариялъул хIакъалъулъ.

— Ахираб 10-15 соналда жаниб цIакъ гIемераб чIегIерхIайван хъуна дица. Къойида жаниб щуго жо хъурабги къо букIана дир къайиялда. ГьедигIанги гъира букIунаан гьанада квалквадизе. Гьанже цебе гIадаб гъира гьечIо, заман арабгIан бокьулеб букIараб жоялдехун гъира ссунеб буго.

Хасалиде гьабулеб хъвехъариялъул бицани, цебе дун гьитIинаб мехалъ, гьанже гIадин жаниб тун хIайван хьихьизе рес букIинчIо. Гьод хIулизегIан колхозалъеги хIалтIун, хадуб гурони дуего рагIи-хер хIадуризе рес кколароан. Гьедин къоги бихьун, данде гьабураб херги кьун хьихьулаан боцIи. Доб мехалъ, гьанже гIадин, гьарзаго гьезие кьезе комбикорма, тIахьди ва кIалцIи букIинчIо. Аслияб къагIидаялъ ламадур, чIакIултIан, хъапустIан ва пихъги кьун хьихьулаан хъвезе бугеб хIайван. ГъутIбуздаса гъараб тIамах кьолаан. Гьеб букIана кутакалда татуяб жо гьезие. Гьедин хьихьулаан цебе боцIи.

Гьанже кIвахIаллъулел руго боцIи хьихьизе. КигIан бокьаниги ресал руго, амма боцIудаса хайир гьечIилан багьана бачуна. Дица абила: хайир буго. Нилъеца кьурабго гIадин кьола гьез нилъееги.Таваккал, ракIбацIцIалъи, гьабулеб ишалдехун божилъи букIин буго гьениб аслияб жо.

Соналдаса соналде кIалцIи-хералъул багьа цIикIкIунеб буго. Хираго чIолеб буго гьезие гьабулеб хъулухъ. Амма, цоги нухалъ такрар гьабила, цебе умумузда гIадин къо бихьуларо жакъа боцIи хьихьулев чиясда. Гьалулеб бакъукьги балеб цIадакьги гьезда цеве эхетун вукIине кколаро. Электропастухалъ боцIи жаниб кваналеб гIалахги сверун къан, хабар къотIун, дурго хъошниве ялъуни мархьи-кулиялдеги ун, хIухьбахъизе рес буго бакъанидалъагIан.

КIиабизе, боцIи хъолелъул гьеб ччукIа-рукIизе, гьан батIа гьабизе, бакьал цIезе руго батIи-батIиял ресал ва техника.

АсадгIалиго гIадин, боцIи хьихьун, бетIербахъулел гIадамал дагьал гьечIо магIарухъ. ГIумруго шагьаралда арал, магIарухъецин щвечIезги цIехолеб буго жакъа магIарухъ бакъвазабураб гьанги цIураб бакьги.

ТIарс цIун релъарал хинкIалги, гьезда тIаде къотI-къотIун рехараб цIураб бакьги, бучIулъго бакъвазабураб гьанги – гьединал сардал хIадурун руго нилъее тIаде щолеб хасалица.

Боркьараб печрукъги смартфоналги нахъе яризарун, гъасда бицунеб гьуинаб харбиде машгъуллъарал нилъги. ЦIетIа гьалулеб хьагги… Гьелдаса берцинаб жо цоги букIинадай?

Ашахан Юсупов