Бусурбабазул гIалимзабаз батIи-батIияб заманалда, батIи-батIиял гIелмиял бутIаби церетIезариялъулъ лъураб лъалкI буго цIакъго гъваридаб.
Гьебгиха, Европа лъавукълъиялъул ва бецIлъиялъул нухда букIараб мехалда. Абизе ккола, исламиял гIалимзабазул кумекалдалъун цебетIеялъул нухде гали бегьанин Европаялъиланцин.
ГIелму цебетIезе ккани, хIажалъула гIемераб кагъат. Гьединаб куцалда кагъат гьабизе къваригIуна фабрика. Гьебги бичIчIун, 794 соналъ Багъдадалда тIоцебе гьединаб фабрика барав чи ккола ибн Фазил (739-805). Гьев вукIана доб заманалда халипалъун вукIарав Гьарун Рашидил вазирасул вас.
Гьеб заманалда европаялъулазда кагъат гьабулеб къагIида лъазего лъалароан. Хадуб гьединабго фабрика бана Египеталдаги (800 сон) Андалусиялдаги (950 сон). 1100 соналда кагъат гьабулеб фабрика бана Византиялда, 1102 соналда – Сицилиялда, 1228 соналда Германиялда ва 1309 соналда – Англиялда. ХIакъаб жо, кагъат гьабулел фабриказул кIудияб кумек ккана гIелму цебетIезабиялъе, батIи-батIиял тIахьал хIадур гьариялъе.
891 соналда цохIо Багъдадалда рукIана тIахьал хъвалезул 100-ялдаса цIикIкIун чи. Аль-Вакъиди (747-823) абурав машгьурав тарихчи хведал, гьесул нахъарокъоб ратун руго 600-ялдасаги цIикIкIун гIелмияб тIехь жаниб бугел сандукIал. Щибаб сандукIалъул бакIлъиялъулги бицуна гьеб щуго чиясда хIалица гурони багъаризабизецин кIолеб букIинчIолъиялъ.
АнцIабилеб гIасруялда гIумру гьабун вукIарав СахIип бин ГIибадал библиотекаялда букIун буго доб заманалда Европаялъул тIолалго библиотекабазда рукIараздасаги цIикIкIун тIахьал.
Бусурбабаз гIелму цебетIезабиялъулъ лъураб бутIа борцун хIалкIолеблъун букIинчIо. Гьел сундулго рахъалъ рукIана цебесеб кьерда ва медицина, физика, математика, химия, гьединго цогидалги гIелмабазда росана чIахIи-чIахIиял бергьенлъаби. Масала, местIер ва философ ибн Синал (Авиценна) хIакъалъулъ рагIичIев чи дунялалдаго ватиларо. Гьесул «Къанун» абураб тIехь кколаан медицинаялъул бутIаялда хIалтIулелщиназ пайда босулеблъун. 600 соналъ гьеб тIехьалдаса гIелму лъазабулаан Европаялъул университетазда цIалулезгун хIалтIулез.
Газеталъул хадусеб номералда бицина медицинаялъул гIелмуялда лъалкI тарал исламиял гIалимзабазул хIакъалъулъ.