2020 соналъул тIоцебесеб кIудияб турнир тIобитIана UFC гIуцIиялъ. Гьеб букIана Америкаялъул Цолъарал Штатазул Лас-Вегас шагьаралда. Турниралда цеве вахъана Дагъистаналдаса речIчIухъан Аскар Аскаровги.
Гьев дандчIвана американав Тим Эллиоттгун. Жегиги къей лъаларев Аскар дандиясдаса гьаб нухалъги бергьана. Лъабго раундалъул хIасилал гьарун хадуб, судияз бергьенлъи кьуна дагъистаниясе. Гьеб букIана Аскарил UFC гIуцIиялъул турниразда кIиабилеб къеркьейлъун. ТIоцебесеб нухалда дагъистанияв дандчIван вукIана Мексикаялдаса речIчIухъан Брендон Мореногун. Гьеб къеркьеялда судияз спортсменал рикIкIана бащад ккараллъун.
Гьебго турниралъул аслияб къеркьеялда октагоналде рахъана Ирландиялдаса речIчIухъан Конор Макгрегоргун СШАялдаса спортсмен Дональд Серроне. Къеркьей байбихьун 40 секунд инелдего нокауталде ккезавуна Макгрегорица дандияв.
Дагъистаналдаса спортсмен, UFC гIуцIиялъул речIчIухъан ГIумари АхIмадовас гьеб турниралда сверухъ загьир гьабуна гьадинаб пикру:
— Кидаго гIадин, UFCялъул иргадулаб турнирги ана тIадегIанаб даражаялда. Гьелда къеркьарав нилъер ракьцояв Аскар Аскаров вуго унго-унголъунги къуватав спортсмен. РакIчIола гьев дагь-дагьккун тIадагьаб цIайиялда UFC гIуцIиялъул бищунго къуватал спортсменазул мухъилъе вачIине вукIиналда.
— Макгрегоридаги Серронедаги гьоркьоб букIараб къеркьеялдаса хадуб жубараб речIчIухъанлъи бокьулезда гьоркьор батIи-батIиял суалал раккана. ХIатта, руго Конорица Дональд вичун восун вугин абулелгицин. Дур пикру лъазе бокьилаан.
— Къеркьеялда цебе ХIабиб НурмухIамадовас абулеб букIана Серроне Макгрегорикьа хIинкъулев, къалев вугин. Гьедин ккезеги ккана. Дональдица бихьизабуна жив херлъун, къеркьеяз гIорцIун вукIин. Гьев гьабсагIаталда цеве вахъунев вуго гIицIго гIарцуе гIоло. Къеркьеялдаса хадуб букIараб пресс-конференциялда гьес бицунелъухъ балагьунги бихьулеб букIана гьеб гьедин букIин.
— Мун кида вахъине вугев октагоналде? Лъалищ щивгун къеркьезе вугевали?
— Декабралда букIана ахирисеб къеркьей ва гьелда бергьун вукIана гьоркьохъеб цIайиялда UFCялъул рейтингалъул микьабилеб бакIалда вугев Йен Хейнишидаса. Амма, щаяли лъаларо, гьесдаса бергьаниги, гIуцIиялъ дун бищунго къуватазул рейтингалда цевехун вачинчIо. КватIичIого байбихьизе буго иргадулаб къеркьеялде хIадурлъизе. UFCялъ жегиги лъазабичIо кида ва щивгун цеве вахъине кколевали. Хьул буго гьаб нухалъгIаги гIуцIиялъ дида данде къуватав речIчIухъан вихьизавилин.
— КватIичIого ХIабиб НурмухIамадов къеркьезе вуго Тони Фергюсонгун. Дур пикруялда, гьеб къеркьеялъул хIасил кинаб ккезе бегьулеб?
— Къеркьеязда бокьараб ккезе бегьула. Амма ракIчIола, Фергюсоние хъандаталихI ккечIони, гьеб дандчIваялда ХIабибица чIел босизе букIиналда. Тони загIипав спортсмен вугин абулеб мех гуро. Киназдаго лъала бажари-гьунар бугев речIчIухъан гьев вукIин. Амма хасгьабун НурмухIамадовасе бигьалъизе буго гьесда тIад бергьенлъи босизе. Тони вуго ХIабибил техникаялъе данде кколев спортсмен. РукIуна данде кколарелги, кигIан загIипав вукIаниги гьединав къезавизе захIмалъула.
UFCялъул ахирисеб анлъго къеркьеялда бергьенлъи босана ГIумари АхIмадовас. Рехсараб гIуцIиялъул мухъилъ дагъистанияв цеве вахъунев вуго 2013 соналдаса нахъе.