Дагьал церегIан къояз, МахIачхъалаялъул Редукторазул поселокалда къотIнор къадада ран ругел, ВатIанияб рагъул бахIарзазул суратал носоца ссуссун ратана цо гIоркьилас.
Полициялъул хIалтIухъабазухъе кквезе щвана гьев. ГIолохъанчи гьев ватулеблъи кквелелдаго лъалеб букIана киназдаго. Гурого, гIумрудул ригь бегулев херав чияс гьединаб хIалихьалъи гьабизе рес букIинчIо.
Гитлерил фашисталгун рагъулаго бахIарчияб гьунар бихьизабурал жиндирго умумузул цIаралде тударулел иман къосарал лъимал зама-заманалдасан раккун рачIуна. Цойищ-кIигойищ соналъ цебе Астраханалда бугеб «Абадиялъе бакараб цIа» мемориалалда аскIобги хъублъи гьабун батун букIана. Гьеб инжитлъи гьабуравги нилъер республикаялдаса ватана. Дунялалъулго гIащтIичи, Гитлергун вагъичIого, гьесухъе кверде жиндир инсул кIудаэмен инчIогоян, гьелда тIаса лъугьинеги кIоларогоги буго цо ракI беццаб уммат. ГIаксалда гьеб рагъул тарих хисун букIарабани, Германиялда жиндир жакъа гIорцIараб гIумру букIинаанилан кколеб буго гьел пакъиразда.
Щай жакъасеб хIакъикъат гьедин кьогIго бугеб? Сунца тIамулел ругел гIун бачIунеб «меседилаб гIел» гьедин рахIму гьечIого пикру гьабизе, бахIарчияб цIаралъул жидерго умумул гьедин хIакъир гьаризе? Гьеб суал буго жакъа газета цIалулев дуцаги, гьал мухъал хъвалев дицаги такрар гьабулеб.
— Лъималазда КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъикъат ракI батун бицунев чи гьечIо жакъа. Я школалда, я рокъоб гьелъул хIакъалъулъ бицен лъугIун ине буго, — ян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи Шамил Хадулаевас. Гьев гьединго ккола ДРялъул «Хвел гьечIезул полк» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулевги. Рагъул ветераналги бахIарчиял умумулги ракIалде щола гIицIго Бергьенлъиялъул къоялъ. Лъабго тIегьги кодоб ккун, умумузул хабадеги къулизе ун лъугIула рагъул бахIарзазе гьабулеб адаб-рецц. Гьединал чIаголъи гьечIел мисалал рукIаго гурхIунищ къотIиларел бахIарчиясул Меседил цIва щваразул суратал, — абун гьелда кIудияб гIажаиблъиго гьабулеб гьечIо Ш. Хадулаевас.
Гьеб кIочон тараб бихьугегиян рукIунаан умумул. Амма букIун бугин гьеб кIочон тарабги хIалихьалъиян бицана Хадулаевас хадубги.
2019 соналъул сентябралда Европарламенталъ къабул гьабуна Советияб пачалихъ Гитлерил фашизмго гIадаб вахIшияб улка букIанин чIезабулеб резолюция. КIудияб ВатIанияб рагъулъ Совет ХIукуматалъ бихьизабураб гьунарги гьелъул кIудияб тарихги кьучIдасанго хисизабизе бокьун буго цо-цо хIукуматазе. ХIатта Советияб пачалихъалъул аскаралъ, фашизмалъул жужахIалдаса хвасар гьарурал пачалихъазул халкъазцин мугъ рехана нилъеде. Гьеб кIудияб рагъулъ нилъеца бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубалеб буго. Адаб гьечIелщинал чагIи гIаксалда руссун рукIаян тела. БахIарчиял умумузул тарих гьезул бер щолареб борхалъиялда цебего щулалъун буго. Гьелдаса нилъ чIухIизеги гьукъеян абе, бажарулеб батани.