Миллаталъул матIу

МагIаруллъи даим чIаго букIина

 

Миллияб мацI. Миллияб маданият. Щалха кколел гьеб кIиялъулго гIаммал рахъал. МагIарул маданиятги магIарул мацIги. Цоцаздаса тIезе рес гьечIеб кIиго жавгьар. Миллаталъул кIиго кваркьи. Цояб гьечIони, цоялъул роржен загIиплъулеб. МацIалдаги миллаталдаги кьаву чIвазе толареб нилъер гIумруялъул цо бутIа. Миллаталъул маданияталъ борцуна миллаталъул къадруги тIадегIанлъиги. Маданият галадани, миллаталдаги мацIалдаги бегI букIунаро. Щибха гьабизе кколеб жакъа нилъеца хадусел гIелазе нилъерго маданият цIунизе ккани? МагIарул халкъалъул гIадаталги гIамалалги, дунялалъги жидее бутIрул къуларал.
Гьалеха, хIурматиял магIарулал, ана тарихалде цоги сон. Щиб хIал букIараб исана миллияб маданияталъул гъасда? Нижеца хIаракат бахъана газеталъул гьурмаздасан ма­гIарул маданияталъул гъанситохъ тIо­ритIарал тадбиразул хIакъалъулъ ну­жее бицине. Гьелин абуни, дагьал ру­кIинчIо. Маданият цIунулеб аслияб гъанситолъун, кидаго гIадин, букIана МагIарул театр. Гьенир чанго нухалда данделъана магIарулал — бицана миллаталъулги, мацIалъулги, маданияталъулги хIакъалъулъ. Берцинаб гIадаталде сверана гьениб магIарул мацIалъул къо кIодо гьаби. МагIарул миллияб автономиялъ ва магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъ миллатги, мацIги, маданиятги церетIезариялъулъ жидеца бутIа лъурал магIарулазе исанаги кьуна шапакъатал. Жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна республикаялъул ша­гьаразул ва районазул школазул рахь­дал мацIалъул учительзабаз ва цIалдохъабаз. Театралъул артистал ма­гIарулазде цере рахъана цIиял спек­таклялгун. МагIарул маданията­лъе кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун ри­кIкIине бегьула Дагъистаналъул хал­къияй шагIир Фазу ГIалиевалъе памятник рагьи. Гьеб ккола магIарул шагIирзабазе рагьараб лъабабилеб ва чIужугIаданалъе рагьараб кIиабилеб памятник. Гьел памятниказ цоги нухалда ракIалдещвезабулеб буго нилъеда халкъалъул чIухIилъун кколел шагIирзабаз магIарулазул цIар цIвабзазда аскIоб хъвараблъи. Амма лъаларо щиб хиса-баси ккарабали магIарул кочIол маданияталдаяли. Добго фонограммаялда гъоркь ахIулеб добго кечIги долго кочIохъабиги. Бугониги ана рокьулел кочIохъабазул концертазде. Жидерго кочIол гъасде магIарулал ракIарана МухIамадтIамир Синдикъовас, ХIажилав ХIажилаевас, Къурбан КIулизановас. Гъуниб районалдаса КъурамухIамад Бигачевасе щвана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тIадегIанаб цIар. Гьединго жиндирго юбилеялъулаб концерт тIобитIана ЦIунтIа районалдаса кочIохъан Халисат ХIамидовалъ. Ратила магIарул кочIохъабазда гьоркьор реццалъеги, рокьуеги, адабалъеги мустахIикъалги. Амма рагIулел гьечIо цIиял, чIагояб гьаркьидалъун кечI ахIулел кочIохъаби. Исана ГIурус, МагIарул ва Поэзиялъул театразда кIодо гьаруна Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби ЦIадаса ХIамзат гьавуралдаса 140 сон, Фазу ГIалиева гьаюралдаса 85 сон, ГIабасил МахIамад гьавуралдаса 85 сон тIубаялъул байрамал. Гьанибго бицинчIого гIоларо Дагъистаналъул бетIерлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповас миллияб маданият цIилъиялъе гьабураб хIалтIул хIакъалъулъги. Гьесул квербакъиялдалъун нилъехъе тIадруссана миллиял гIадатал. Районазда ва шагьаразда рагьана Россиялъул халкъазул маданияталъул централ. ТIоритIулел руго гьунаралъулал десантал. Маданияталъул, адабияталъул вакилзаби уна республикаялъул батIи-батIиял росабалъе ва шагьаразде. Шагьаралдагицин гIемер рихьула байрамазда миллияб партал ретIарал гIадамал. Гьелъул магIна ккола магIарул халкъ чIаго букIине ва хутIизе бугин абураб. ЦIилъулеб буго нилъер маданият. Гьеб нурлъун рещтIаги щивасул рекIелъ. КIудияб кIвар кьезе байбихьана магIаруллъиялде, хасго чIороголъулел ругел росабалъ гIумру цIигьабиялде. ЦIилъулеб буго маданият, цIияб гьогьен чIвалеб буго магIаруллъиялдаги. Гьелъул магIна ккола магIаруллъи кидаго чIаго букIине бугин абураб. Гьелъие гIоло нилъеца цадахъ лъугьун свине тезе бегьуларо миллияб маданияталъул гъасда бакараб мацIалдеги миллаталдеги бугеб рокьул цIа. Нилъ рукIине ккола гьелегьараб гьеб цIадул хIенхIаллъун…
Шамай Хъазанбиева