ВатIаналда букъана КIудияб ВатIанияб рагъда хварав МухIамад Казбековасул жаназа
МухIамад Казбеков гьавуна Бабаюрт районалда. Гьев хвана Ленинградалда гIагарлъухъ, фашистазде данде вагъулаго. МухIамадил жаназа батана 2016 соналда Ленинград областалда. Гьениб цIех-рехалъул хIалтIи гьабулеб букIана «Ропша» абураб къокъаялъ. Жаназаялда аскIоб батараб кагътида хъван руго гьадинал рагIаби: «МахIачхъала шагьар, Хасавюрт станция, Бабаюрт росу… яц… вац Абат. Казбеков Магьмет Казбекович. Гьаб буго дир адрес». Жаназаялда аскIобго батун буго «Ленинград цIунаралъухъ» абураб медальги.
«Мемориал» абураб Баяназул цолъизабураб базаялъулги (ОБД) ва «Халкъалъул бахIарчилъи» абурал сайтазда хъван буго МухIамад Казбековас хъулухъ гьабулеб букIанин 256-абилеб дивизиялъул 930-абилеб кьвагьдохъабазул полкалда ва гьев вукIанин гIужихъанлъун. Гьев хвана 1943 соналъул 27 июлалда Вороново абураб росдада гIагарлъухъ ккараб рагъулъ.
МухIамадил жаназа букъана 11 декабралда МахIачхъалаялъул рагъулаб хабалалъ. Гьенибго тIобитIана рагъул къурбанал ракIалдещвезариялъул данделъиги. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул премьер-министрасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевги, РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул аппараталъул Дагъистаналда вугев бетIерав федералияв инспектор Алексей Горловги, Ветераназул гIуцIабазул цолъизабураб советалъул председатель ГIумар МуртазагIалиевги, солдатасул гIагарлъиги.
Владимир Васильевас баркала кьуна, ватIан цIунулаго, рагъда бахIарчиго хварав солдатасе. Баркала кьуна гьес нилъер ракьцоясулги рагъда тIагIарал цогидалги солдатазул жаназаби ратизе хIаракат бахъулел къокъабазеги. «Ахирисев солдат рокъове тIадвуссинегIан, лъугIуларо рагъ – гьедин абуна улкаялъул бетIерав командующий Владимир Путиница. МухIамадица бахIарчиго кьуна ватIаналъе гIумру. РухIалда барахщичIого, цIунана гьесги гьесул гьалмагъзабазги нилъер улка. Араб гIумруялъул бахIарзал нилъеца кидаго цIунизе руго рекIелъ», — ан абуна гьес.
Хварасе дугIа гьабуна шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас. Гьес бицана жиндир эменги рагъда гIахьаллъанилан ва, диналъулги миллаталъулги батIалъи гьечIого, тушманасде данде рахъун рукIанин тIолабго улкаялъул халкъал. «ЧIагоязда кIочене бегьуларо рагъда чIварал ракьцоял. Гьезул лъикIабщинаб гIамалги ишалги рехсезе ккола нилъеца. Умумузул мисалалъе мустахIикъаллъун рукIине хIаракатги гьабизе ккола. Аллагьас нилъее киназего тавпикъ кьеги, нилъерго ватIанги халкъги бокьизе, гьеб цIунизе рахъине хIадураллъун рукIине», — ян абуна муфтияс.
«Рокъобе нух» абураб ТIолгороссиялъул жамгIияб проекталда рекъон, КIиабилеб дунялалъул рагъда хварал ва араб бакI лъачIого тIагIарал гIадамал ралагьулел руго. Проекталъул нухмалъулев Сергей Мочинскияс гьадин абуна данделъиялда: «Сержант Казбековги гьесул кIиго гьалмагъги 73 соналъ эхетана жидерго посталда. Дида лъаларо, щал рукIарал гьесул гьудулзаби, гьеб лъиданиги киданиги лъазеги батиларо. Дун гьавуна ва гIуна Смоленск шагьаралда, амма дица Казбеков рикIкIуна дирго ракьцоявлъун. Нилъер щивасул вуго 27 миллион ракьцояв»,-ан.
Республикаялъул ТОКСалъул къокъабаз митингалда рикIкIана рагъул темаялда кучIдулги.
МухIамад Казбековасул медальги цогидал жалги кьуна гьесул васасул яс Губай Казбековалъухъе. СихIкъотIиялъул лахIзатги гIуцIун, митингалъул гIахьалчагIаз кIодо гьаруна рагъда хварал бахIарзал.
Кавсарат Сулейманова