Дагьалдаса байбихьила

ТIоцебесеб гали тIамулес, кIиго соналъ налог кьезе кколаро

 

«ХIакъикъаталъул» редакциялде цIалдолез ритIун рачIарал кагътазда цIехолеб буго: «Индивидуалияб предпринимательлъиялъул (ИП) цогидаб бизнесалдаса щиб батIалъи бугеб? Гьеб рагьизе ккани, гIемераб гIарац кьезе кколин ва битIахъе налогаз гъанкъулин абула. Гьелъул хIакъалъулъ газеталда хъвани, бизнесалде байбихьизе бокьарал чагIазе кумек букIинаан», — илан.
Гьеб масъалаялда тIасан дица гара-чIвари гьабуна ДРялъул гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул рескомалъул председатель Руслан МухIамадовасулгун.
— Руслан, индивидуалияб предпринимательлъи (ИП) сунда абулеб?
— РФялъул законалда рекъон, ИП ккола юридикияб гьумер гIуцIичIого гьабулеб предпринимательлъи, ай жалго бетIергьанаб гьитIинаб бизнес. Гьелъул кIвар бугеб хаслъилъун ккола, щиб кканиги, жиндирго буголъиялъул жаваб живго хважаинас кьезе кколеб букIин.
— ИПялъул хъвай-хъвагIай киб гьабулеб, гьеб масъала тIубазабулаго кигIан заман ва харж унеб?
— ИПялъул хIалтIи гIуцIизе кколеб къагIидаялъул хIакъалъулъ мухIканго хъван буго N 129-ФЗ «О государственной регистрации юридических лиц и индивидуальных предпринимателей» абураб РФялъул федералияб законалда ва РФялъул гражданияб кодексалда. Гьезда рекъон, ИПялъул хъвай-хъвагIай гьабизе бегьула гIумру гьабун вугеб бакIалъул МФЦялда яги налогазул инспекциялда. Гьенирго кьола къваригIунел документазул сияхI, кумек гьабула гьел цIезе ва хъвай-хъваялъул хIалтIи лъабго къойил болжалалда тIубазабула. Цогидаб бизнес гьабулаго тIалаб гьабулеб къагIидаялъ нотариусалда документал тасдикъ гьари ИПялъе къваригIунаро. Пачалихъияб пошлина абун кьезе ккола 800 гъуруш.
— Лъил ихтияр букIунеб ИП рагьизе?
— РФялъул щивав гражданинасул ихтияр букIуна гьединаб бизнес гьабизе, гьелъие хIукуматалъ кумекги гьабула.
— ИП рагьулаго, ветераназе ва инвалидазе пачалихъалъул рахъалдасан кинабгIаги кумек букIунищ?
— Гьеб рахъалъ ветераназе ва инвалидазе кинабгIаги бигьалъи бихьизабун гьечIо. Амма гьеб бизнесалъул хважаинас инвалидал хIалтIуде росани, гьес хIукуматалъе кьезе кколеб налог 30 проценталъ дагь гьабула.
— ИПялъ лъагIалида жаниб кигIан налог кьезе кколеб?
— Цебеккунго гьадигIанаб хайир щвезе бугин абун, лъагIалида жаниб цо нухалъ кьола налог. Щибаб шагьаралда ва районалда гьелъул къадарги батIи-батIияб букIуна. Буго «Упрощенная система» абун налог босулеб къагIидаги. Гьеб буго гьитIинаб бизнесалда ругел чагIазе хIукуматалъ гьабулеб кумек, гьелъул аслиял гIаламатал ккола цIакъго гIадатияб хIисаб гьаби ва кьей, гьединго чара гьечIого кьезе кколеб чанго налогалъул бакIалда цо налог кьезе бегьулеб букIин.
Щолеб хайиралъухъ балагьичIого, ИП рагьарасда тIадаб буго социалиял фондазде чIезабураб къадаралда гIарац кьезе. 2014 соналда кьезе кколаан 20727 гъуруш, 2015 соналда — 22261 гъуруш, 2017 соналда – 23400 гъуруш. Фермераз кьезе ккола росдал магIишаталъул цогояб налог.
— ИП къазе бокьани, щиб гьабизе кколеб?
— Кредиторазул тIалабал тIуразарун бажарулеб гьечIони, ИП банкротлъун рикIкIуна. Гьеб тадбир тIубазабула Арбитражияб судалъ. Гьеб хIукму къуваталде лъугьаралдаса нахъе, ИП вугилан абун гьабураб хъвай-хъвагIаялъул къуват хола.
ИП банкротлъун рикIкIейилан гIарза кьезе бегьула живго индивидуалияв предпринимателас, кредиторас яги гьесул вакилас.
— КъваригIани, малъа-хъваялъулаб кумек лъица гьабулеб?
— Буго республикаялъул предпринимателазе чIобого юридикияб ва финансалъулаб консультативияб кумек гьабулеб агентство. Гьелъул вакилзаби руго щибаб шагьаралда ва районалда.
— ГIолохъабазе гьабулеб кумекго букIунищ?
— ТIоцебе бизнесалде байбихьулев предприниматель кIиго соналъ налогаздаса эркен гьавула. ЛъикIал хIасилал рихьизаруни, гьесие рес буго гIарцулаб грант щвезеги. Кредит босиялъеги бигьалъи гьабун буго. Гьеб мурадалда, бизнес-планги босун ине ккола Россельхозбанкалде. Рес буго лизингалъулаб компаниялдаса техника тIалаб гьабизеги.
— Руслан, гIолохъанал, бизнесалъе жеги хIалбихьи гьечIезе щиб гIакълу дуца кьелеб?
— ХIалбихьи щвеялъе, байбихьизе ккола гьитIинаб, чIахIиял харжал унареб бизнесалдаса, хIасил кколеб бугони, гьеб кIодогьабизе бегьула. Цебе гIадин, гьанже щибаб къоялъ рачIунел халгьабулел чагIиги рукIунаро. ИПялъе квалквал гьабулеб бугони, гIарзаги хъван, нижехъе рачIа. Нижер профсоюзалъ цIунула гьезул закониял ихтиярал.
— Заманалъулаб хъвай-хъва­гIа­ялда рекъон, ИПялъул хъвай-хъвагIай гьабизе бегьулищ?
— Хъвай-хъвагIай гьабула гIумру гьабун вугеб адресалда рекъон, паспорталда «заманалъулаб» абун хъвай-хъвагIай букIинеги бегьула. Хъвай-хъвагIай бугеб бакIалъухъ ба­лагьичIого, хIалтIи гIуцIизе ихтияр букIуна РФялъул бокьараб шагьаралда ва районалда.
— ИП рагьарасул ихтияр бугищ, живго жинцаго хIалтIуде восанилан, хъвай-хъвагIай гьабизе ва жиндиего захIматалъулаб книжка цIезе?
— Предприниматель хIалтIухъан­лъун рикIкIунаро ва захIматалъулаб книжкаялда хъвай-хъвагIаялги гьаруларо. ХIалтIулев вугин абун хъвай-хъвагIай гьабуни, гьес жинцаго жиндиргогун захIматалъулаб къотIи-къайги, захIматалъулаб книжкаялда хъвай-хъвагIайги гьабизе ккола, хIалтIухъан хIисабалда, налогалги кьезе ккола. Гьеб буго магIнаги хайирги гьечIеб иш.
— ИПялъул цIар букIине бегьулищ?
— Ихтияр букIуна ИПялъе чIобого бокьараб цIар кьезе. Документазда ва нуцIида бараб табличкаялда къваригIуна ИПялъул цIар. Гьединго хъвай-хъвагIай гьабизе бегьула къайиялъулги (товарный знак).
— ХIалтIул стаж букIунищ?
— Хайир щолеб букIин-букIунгутIи цIехечIого, ИП рагьараб къоялдаса нахъе гьеб къазегIан, предпринимателасе пенсиялъул стаж рикIкIуна.
— ИП бугони, цогидаб бакIалда хIалтIизе ихтияр букIунищ?
— БукIуна. ТIадежоялъе, дур бизнес бугин хIалтIуда бицине бегьула. Налогазе кьезе кколеб гIарцул къадаралъе гьелъ кинабгIаги асар гьабуларо.
Нури Нуриев