Чахьикье кьили биччазе бегьиларо

100-ялдасаги цIикIкIун сон тIубараб нилъер магIарул газеталъе нухмалъи гьабуна 15 редакторас ва гьанжесеб «ХIакъикъаталде» щвезегIан гьелда цIарги хисана 12 нухалда.

 

 

Ахираб 10 соналда жаниб цо министерствоялда 13 министр хисулеб хIужаялде дандеккун, узухъда, редакторзабазул къадар гIемераб гьечIо.

 

Гьел, МахIач Дахадаевасдасан ва Шамилил васасул яс Написатидасан байбихьун, хIакъикъаталдаги руго магIарул миллаталъул, гьелъул адабияталъул ва маданияталъул цебетIеялъул иццул бетIералда ругел жавабиял гIадамал.

 

 

Гьезул цояв ккола ЦIумада районалъул Лъондодаса МухIамад Шамхаловги (1916-1965). Гьев вукIана журналист, хъвадарухъан, 1957 соналдаса 1978 соналде щвезегIан, ай 2I соналъ «БагIараб байрахъалъул» редакциялъе нухмалъи гьабурав гIуцIарухъан. Гьес 1957-1969 соназда нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул Журналистазул союзалъеги.

Жакъа нилъер жамгIияталда рахьдал мацIазда сверухъ бугеб лъикIаб гуреб ахIвал-хIал лъаларев чи республикаялда ватиларо. Рокъоб эбел-инсуца кIвар кьунгутIиялда цадахъго, школаздаги гьездехун цо кIудияб рокьи бугин абизе захIмат буго. Гьединлъидал рахьадал мацI бицунезул къадарги къойидаса къойиде дагьлъулеб буго, гIолеб гIелалда гьеб бицинего лъалеб гьечIо.

 

 

Гьебги хIисабалде босун, магIарул редакциялъул хIалтIухъабаз, Журналистазул союзалъул нухмалъулез росабалъе ун, гьеб суалалда сверухъ бугеб хIал лъазабула, ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъе кIвараб хIаракатги бахъула.

Гьеб мурадгун гьал къоязда ниж щвана М. Шамхаловасул росулъе – Лъондоде. Цебе кIудияб букIаниги, гьанже росулъ хутIун буго гIицIго 50-ялде гIагарун цIараки.

 

 

Школалъул минаги къачIалеб букIун, гьениб дандчIваялде цIалдохъаби ракIаризе рес ккечIо. Гьединлъидал данделъана берцинго къачIараб, киналго шартIал жанир чIезабураб мадрасалде.

ГIажаиблъи гьабизе ккараб жо, я магIарул, ялъуни жидерго (багвалазул) мацIалда кIалъалел гIолилал гьенир рихьулел рукIинчIо. Киназго бицунеб букIана гIурус мацI. ХIатта, как базе рачIараздехун гьабулеб вагIзацин дибирас гьабуна гIурус мацIалда. Къадекакги бан, мажгиталдаса къватIире лъугьунеб бакIалда вихьана лъабго-ункъо сон барав гIадав кIиго вас. Гьезухъ гIенеккидал, бицунеб бугоан гIурус мацI. Школлъималазул дарсиде индал, I2 цIалдохъанасда гьоркьоса гIицIго цо вас ватана магIарул мацI лъалев.

Росулъе бачIунеб гьечIо газета. РакIалде ккана, чIаго вукIаравани, щибдай гьелда абилаан мунагьал чураяв МухIамад Шамхаловасилан. Миллаталъул канлъун кколеб магIарул газеталъе подписка гьабиялъулни бицинарин, мугIрузул районазде унелъул гьенир дандчIвалел магIарул росабазул цIаралгицин хъвалел руго нилъер гуреб мацIалда. Бегьилароандай гьел, Конституциялъ рес кьовухъе, кIиго мацIалда хъвазегIаги.

 

 

Нилъер миллаталъе кьураб мацI гIумруялда цадахъ БетIергьанас кьураб гурищ бугеб, щайха гьеб цIунун кIалъазе бегьуларел диниял церехъабиги?!

Хириял миллатцоял, бегьиладай нилъеца гьедигIанго цIакъ чахьикье кьили биччазе? ГIурус мацIалде данде рагIи абулеб, гьелда гIайибчIвалеб мех гьаб гуро, гьелъ нилъер миллат цебетIеялъе гьабураб квербакъи бицине хIалкIоларебгIан кIудияб буго. Гьелъие бергьараб къимат кьуна Расул ХIамзатовасги цогидал магIарул церехъабазги, амма «рукъ бакъараб садакъа гьабугеян» гурищ умумузул кици бугеб? Расулица абухъе, щай бегьулареб нилъер гIумрудул гьоко цIазе кIиябго чу базе: магIарул мацIги гIурус каламги.

 

 

Гьединлъидал нилъее цебего ургъизе заман щун буго нилъер миллат хутIи-хутIунгутIи жинда бараб гьеб суалалда тIад. Щайгурелъул жакъа бахъулеб «ХIакъикъат» газетаги тIадругезе бокьухъе электронияб къагIидаялде сверизабуни, магIарул мацI тIагIиналъул зарал жидеда хъатIулел чагIи руго гIицIго нилъ ва нилъер миллат. Гьелъие гIайибияллъунги нилъго хутIизе руго.

 

 

Цо кIудияв гIалимчиясул рагIаби руго: «Нужер мацI тIагIун унеб батани, гьелъие кинабниги цогидаб гIилла гьечIо, гьеб цIуниялда бан нужеца тадбирал гьарунгутIи гурони», — ян.

Гьеб битIарабги буго.