Нухалги, мехалги, цIаралги

Редакторалъул калам

 

Хириял магIарулал! Ахиралде щвана ТIадегIанас нилъее кьураб цойги сон. Кинабха гьеб букIараб нилъер республикаялъеги, миллаталъеги, миллияб басмаялъеги?

 

Исана загьирлъана СВОялда Россиялъул БахIарчилъун вахъарав цойги магIаруласул цIар – ГIаймакиса МухIамад Исбагьиевасе хун хадуб кьуна гьеб. Гьединго дунялалдаго рагIана лъабго анкьалъ перги кун, тIад перекисьги гьекъон, Украинаялда вагъарав ЦIунтIа районалъул ХутIрахъа Закаря ГIалиевги квердеги инчIого, моцIалъ гвандинив хутIарав СВОялъул бахIарчи — Дагъистаналдаса Маресьев — Гьарадерихъа ХIажимурад Хъазанбиевги.

Республикаялъул спорталда меседил хIарпаздалъун хъвана исана Олимпиялъул хIаязул чемпионаллъун рахъарал КIикIуниса АхIмад Тажудиновасулги Инхокъвариса МухIамад Рамазановасулги цIарал. Гьединго анлъабилеб нухалдаги гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъана ГIабдурашид СагIадулаев.

 

Исана хиса-басиял ккана Шамилил цIаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб фондалъулги Авар автономиялъулги нухмалъиялда.

 

Исана баккана интернеталда магIарул мацIалдаса бокьараб мацIалде таржама гьабулеб къагIида. Кавказалъул рагъул заманалдаса нахъе дунялалда щущан ругел магIарулазе кIудияб сайгъатлъун буго умумузул мацIалда бокьараб тарихияб яги цогидаб асар цIализе рес щвей.

 

2025 соналда 108 сон тIубала нилъер миллияб басмаялъ. Гьаб лъагIалида жанир гьелъул тарихалда цо кIудиял хиса-басиял ккечIониги, гIезегIан рукIана ракIгъурал данделъабиги, сапаралги, дандчIваялги, гьединалго макъалабиги. Масала, тIадеялдаса-тIаде ниж чIухIулел тадбираллъун лъугьунел руго республикаялъул даражаялда Шамай Хъазанбиевалъги МухIамад Манаповасги Миллияб библиотекаялда тIоритIулел конкурсалги, магIарулазул тарихалда лъалкI тарал ракьцоял ракIалде щвезариялъул дандеруссиналги. Республикаялда машгьурал гIадамалги ахIун, рахьдал мацIалде рокьи бижизабиялъул мурадалда редакциялда тIобитIун букIана авар диктантги.

Гьединго сентябрь моцIалда «ХIакъикъаталъул» редакция гьоболлъухъ ахIун букIана ЦIумада ва Болъихъ районаз 95 сон тIубаялде гьарулел тадбиразде, Олимпиялъул хIаязул чемпионал ГIабдурашид СагIадулаевги АхIмад Тажудиновги кIодо гьарулел тадбиразде, Шагьрудин Шамхалов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде тIоритIулел мажлисазде ва жеги гIемерал бакIазде. Гьелдалъунги бихьула миллияб басмаялдехун республикаялдаги магIаруллъиялдаги бугеб хинаб бербалагьи.

 

Гьединго ахиралде щвана почалдасан газет-журналазе подписка гьабулеб заманги. Пачалихъалъул тIалабалда рекъон, 2025 соналда «ХIакъикъат» газеталъул тираж букIине ккола 4 500 экземпляр.

Цебеялде дандеккун, щунусго экземпляралъ дагьлъизабуна гьеб. Гьединго буго цогидал миллатазул газетазул ишги.

Почалдасан хъван буго «ХIакъикъат» газеталъул 2 514 экземпляр. ХутIараб къадар гIезабизе бегьула «Дагпечаталдасан» хъванги (гьенисан подписка гьабизе бегьула бокьараб мехалда).

Хъвараб газета заманалда щоларилан абурал гIарзалги рачIана нижехъе исана соналда жанир. РачIаниги, почалъул хIалтIи гьечIони, газетал тIиритIизариялъул иш цебечIезабизеги захIмалъизехъин буго.

Гьедин, доб 2 514 экземпляралдаса гьоркьоса 1 932 газета хъван буго Шамилхъалаялда бугеб почтамталда гъорлъе унел почазул отделенияздасан. Гьелъухъ нижер редакциялъ кIудияб баркала кьолеб буго почтамталъул нухмалъулев Тикилав ХIажиевасе, гьесул заместитель ХIайбула ГIабдулмуслимовасе, бетIерай специалист Асият ГIабдулаевалъе ва цогидазе.

Хасго рехсечIого гIоларо «ХIакъикъат» газеталъул гьудул, республикаялъул УФПСалъул подписка гьабулеб отделалъул нухмалъулей ГIазизат АхIмадулаева. Сордо-къоялда жанир кида кIалъаниги, редакциялъул къваригIел тIубалейги почаздаса гIебеде нилъер газеталъе реклама гьабулейги гIадан йиго гьей. Баркала, ГIазизат, Аллагь разилъаги дудаса!

 

Бищун гIемер «ХIакъикъат» хъван буго Унсоколо росулъ (127), Хунзахъ (99) Гъоркьа Инхо (96), ХIебда (91), Игьали (76), Харахьи (71), ГьоцIалъ (68), Гъуниб (58).

Амма росабалъ гIумру гьабулел гIадамазул къадаралъухъ балагьун подпискаялъе къимат кьечIониги, битIараб букIинаро. Масала, 2 400-де гIагарун чияс жаниб гIумру гьабулеб ГьоцIалъ росуги анлънусидаса чи жанив вугеб ЛъаратIа районалъул ТIохьотIа росуги данде кквезе бегьилищха. Гьедин ТIохьотIа хъван буго 56 «ХIакъикъат». Руго цо-цо газета хъварал росабиги.

Лъица кигIан хъван батаниги, цойги нухалъ ракI-ракIалъулаб баркала нужер щивасе! Нижеца гьеб рикIкIуна миллаталъул хаслъи цIуниялде нужеца лъолеб пайдаяб бутIалъун.

Гьаниб батIаго бицен гьабизе ккола Абакар ГIумаровасул цIаралда бугеб ЧIикIаб росдал школалъул директор МухIамад Бартихановасул хIакъалъулъ. Гьединал директорзаби ругебгIан мехалъ магIарул мацI цIунун хутIизе букIиналда ракIчIола. ГьанжегIагар ахIун редакциялъул вакилзабигун, школалда «ХIакъикъаталъул» къо гьабуна гьес, 150 газетаги хъвана.

 

Гьединго баркала загьир гьабизе бокьун буго тIубараб лъагIалица нижергун бухьеналда рукIарал киналго цIалдолезе – Хунзахъа ТIалхIат Ахъбердиевасе, Ташиса ГIали МухIамадовасе, ГIахьвахъ районалдаса ХIажимухIамад Кучуевасе ва ХасмухIамад Муслимовасе, ЦIумада районалдаса ХIабиб Давудовасе, Хадижат Залимхановалъе, Ругъжаса ГIалисултание, БакьайчIиса Шамил МухIидиновасе, ЦIунтIаса ГIиса ГIабдулаевасе, Рамазан Абдулмуслимовасе, Игьалиса Магьди ГIабдурахIмановасе, Унсоколоса композитор АхIмад ГIамирхановасе, БежтIаса ШугIайб Ражабовасе, «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» НКОялъул председатель, ЖамгIияб палатаялъул вакил Раисат ГIусмановалъе ва цогидазе.

 

Нижер хIалтIухъабазул рекIел хинлъи загьир гьабизе бокьун буго редакциялъул кидагосел гьалбадериеги — масала, политикиял гlелмабазул доктор Камиль Ландае, лъебериде гIагарун соназ къватIисел пачалихъазда дипломатлъунги, гьединго Жиддаялда Россиялъул Генералияв консуллъунги вукIарав Акнадаса Багьавудин ГIалиевасе, филологиял гlелмабазул доктор Мухlамад МухIамадовасе, Авартеатралъул директор МухIамад БисавгIалиевасе, Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Залму Батировалъе, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевасе, машгьурай шагIир Залпа МухIамадрасуловалъе, Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъе, тарихиял гIелмабазул доктор МухIамадхан МухIамадхановасе, кандидатал ШагIбан ХIапизовасе, МухIамад Шехмухlамадовасе, жамгIияв хIаракатчи ГIалибег ГIалиевасе, «МагIарулай» журналалъул редактор, рахьдал мацlалъул учительзабазул Ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухlидиновалъе, Гуржиялъа магIарулав, ай Кьадалиса Мухlамад ЖабрагIиловасе, фотожурналист МухIамад ЧIанкIалаевасе, Карачаево-Черкессиялда вугев ДРялъул хIукуматалъул вакил МухIамад МухIамадовасе ва цогидазе.

 

Амма кигIан нилъеца миллияб газетал цIунизе ккеялъул бицаниги, бокьаниги-бокьичIониги, интернеталъ тIалъи босичIогоги хутIилебищали лъаларо. Кинабго гIайиб гьелде рехунги тIубаларо. Жибго газеталъулги ратила гIунгутIаби: дагьа-макъабго чIамучIлъиги, бер бахъулеб куцалдайин абухъе, цо-цо цIалдолезе къваригIараб къагIидаялда бадиса-бадибе критика гьабизе рес рекъонгутIиги. Гьелъиеги руго цо-цо гIиллаби. БажарулебгIан мехалда нижеца яхI бахъила хадубккун гьел рахъал хисизаризе. Амма лъалеб жо буго тIадеялдаса-тIаде дунялалда гIисинал миллатазул мацIал тIагIине байбихьараб гьаб заманалда нилъеца нилъерго хаслъи цIунизе кколеблъи. Гурони нилъ рилула, тIагIуна ралъдалъ лъел къатIра киннигин.

Гьанже киназго школал рачуна мисалалъе: гьенир рахьдал мацIазул сагIтал дагьлъизарулел ругилан. Школал гурелги, нилъ киналго гIахьаллъизе ккола гьеб ишалъулъ. Масала, рокъосанго щай гъоб рахьдал мацI гьуин гьабизе бегьулареб? КIинусгоялдаса цIикIкIун соназ церего Турциялдеги, Сириялдеги, Иорданиялдеги мугьажирлъиялде ине ккарал нилъер миллатцояз магIарул мацI школаздасанищ лъазабулеб бугеб?

Гьединго магIарул росабалъе рачIунелъул гIурус мацIалъ хъварал игIланазда цадахъго нилъерго мацIалдаги щай бегьиларел гьел хъвай-хъвагIаял гьаризе? Советияб заманалда гIадин, лъимер батаниги, ригьин гьабиялъе батаниги, нугIлъи гьабулел кагътазда кIиабилеб мацIлъун щай нилъерго мацI гьабизе бегьулареб?

 

Жеги чанги руго гьаризе бегьулел жал. Гьезул тIасияб соналда бицина. Гьалдалъун тела.

Нилъее киназего тавпикъ кьейги, араб-таралъул хIисабги гьабун, цIияб соналда церехун ине. Баркула магIарулаздаги тIолалго дагъистанияздаги ЦIияб сон! Баркат-рахIматгун щвараб батаги!

 

Зульфия ХIажиева