Россиялъул ВВПялда (валовый внутренний продукт) гьоркьохъеб бизнесалъ ккола 18 процент, Турциялда — 40 процент
Россиялдаги Турциялдаги гьоркьор политикиялгун экономикиял ва туризмалъул бухьенал соналдаса соналде цIикIкIунел руго. Мадугьалихъ ва цебегоялдаса нахъе цоцада «рухьун» рукIиналъги гьел суалазулъ лъалеб бакI ккола Дагъистаналъ. ГьитIинаб бугониги, цо хасаб бутIа гьеб кIудияб ишалъулъ лъуна сентябрь моцIалда нилъер бизнесчагIазул кIудияб делегациялъ Стамбулалде гьабураб сапаралъ, гьелъул хIасилаз. Гьеб сапар гIуцIун букIана МахIачхъалаялъул бизнесчагIазул ассоциациялъ. Редакциялде щварав гьелъул (гьелда гьоркьове уна тIолабго Дагъистаналдаса 645 бизнесчи) нухмалъулев, Гумбет районалъул Ингиши росулъа Пахрудинов ГIабдулхIакимилгун нижер ккана гьадинаб гара-чIвари.
— Нуж Турциялде иналъе гIилла щиб букIараб?
— Турциялда буго дир гIемераб гIагарлъи, Шамилил заманалдаго доре аразул наслуялъул гIадамал. Гьезда гьоркьов вуго пачалихъияв ва жамгIияв хIаракатчи АхIмад Чинар, гьев ккола дир мажмикь. Кинабгоялде тIадеги цебегоялдаса нахъе бокьун букIана гьениве щвезе. Дир гьудул Айтемир Сатираевасул букIун буго турказул бизнесчагIазулгун (гьезда гьоркьов «Алмахъ» туристиябгун сахлъи щула гьабиялъул центра-лъул партнер — инвесторлъун бугеб «Сиде-Су» фирмаялъул нухмалъулев Кадирбейги) лъикIаб, гьудул-гьалмагълъиялъулаб гьоркьоблъи, лъай-хъвай. Гьанире рачIарал гьезулгун дирги лъай-хъвай гьабуна Айтемирица. Дица гьикъана Кадирбейида нужер добаги бугин нижерабго гIадинаб бизнесчагIазул ассоциация («Мусиад» гIуцIиялда гьоркьове уна анкьазаргогIанасев бизнесчи, гьелъул вакил вуго 50-гIанасеб пачалихъалда), бокьун бугин гьелъулгун бухьен гьабизе, гьечIищин дур гьединаб ресин абун. Гьес абуна живги вугин гьеб ассоциациялда гьоркьов, лъалин гьелъул гIуцIарухъаби, жинца тIубалин гьеб суалин абун. Дица ракIарана нилъер бизнесчагIи, данд-
рана киналго суалал, церелъуна тIуразе ккарал масъалаби ва кIиго моцIалъ цереккунго ритIана дозухъе нижер ругел мурадал, гьабизе бокьараб цадахъаб хIалтIул планал. Хехго щвана жавабги. Гьелда рекъон, 32 бизнесчиясдаса гIуцIараб делегация Стамбулалде щвелалде кинабго батана цIакъго лъикI хIадурун, чIезарун рукIана шартIал, тIоритIана батIи-батIиял дандчIваял. Дица кутакалда пайдаяблъун рикIкIуна доре инги, ккарал хIасилалги. Гьелдаса хадуб, гьарурал къотIи-къаязда рекъон, нижер чанго вакил нахъеги ана дове чIванкъотIарал контрактал хъвазе.
— ТIолабго Россиялда, гьелда гьоркьоб Дагъистаналдаги, ишазулал гIадамазда, бизнесчагIазда къойил дандчIвалел масъалаби (кIудиял налогал, административияб тIадецуй) киназдаго лъала. Турциялда кинаб хIалха бугеб гьеб рахъалъ?
— ГIемерго бигьа буго, гьезие дора чIезарун руго гIемерал бигьалъа-би, шартIал. Нилъер гьанибгIан бизнесчагIазе захIмалъаби ругеб бакI дида лъаларо. Нилъер гьаниб бугеб ахIвал-хIал, бизнесчагIазда дандчIвалел захIмалъабазул бицараб заманалда, гьедин рукIунго кин нуж хIалтIулел, кин нужеца яшав гьабулебинги абун, бетIер ккола доз. Доба буго тIубанго батIияб хIал. Дуе цо щиб бугониги рагьизе, цIияб иш байбихьизе бокьани, киналго пачалихъиял идараби руго дуе кумекалъе – буго учузаб гIарац (бецIизе кколеб процент цIакъго гьитIинаб), учузаб мина-карт, кивниги вукIунаро, кумек гьабун гурони, дуе квалквал гьабулев чи. Цоги рахъалъан босани, доба кьуричIого хIалтIула къвакIараб, киназего бащадаб закон. КинабгIаги балъголъи гуро, пачалихъалъухъа жиндие щибго гьечIеб заманалда бизнесчагIазги щиб рес батунги яхI бахъула пачалихъалъе кIванагIан дагьаб кьезе, бахчула бугебги. Турциялда гьечIо гьединаб низам. Пачалихъалъ бизнесчагIазухъа босулеб бутIа буго дагьаб, гьитIинаб, амма гьез гьеб кьола, гъираялда кьолин абуниги, мекъиги ккеларо. Гьел «нечола» тIадал налогал кьечIого чIезе, гьезда кутакалда лъикI лъала жинца кьураб кинабго, кибниги бикъичIого нухазде-кьоязде, социалиял хIажалъабазде унеблъи. Ни-лъееги чара гьечIого хIажат буго дозул даражаялде рахине, рахинчIого ресги гьечIо. Бачина цо мисал. Россиялъул ВВПялда (валовый внутренний продукт) гьоркьохъеб бизнесалъ ккола 18 процент, Турциялда гьеб буго 40 процент, СШАялда — 50 процент. Гьеб процент цIикIкIарабгIан пачалихъалъул гIуцIиялъеги щола щулалъи, гьелъул экономикаги рикIкIуна цебетIураблъун.
— Россиялъулги Турциялъул-ги бухьенал кидаго рукIана цин тIаде ун, цин гIодоре ккун. Гьел цо хIалалда гьечIого рукIиналъ рахIатхвезабуларищ бизнесчагIазул?
— ДандчIвараб заманалда турказул бизнесчагIаз кидаго бихьизабула зоб, нилъер рагъулаб самолет бортизабидал гьоркьоблъи хун букIиндал, додинаб мисалалъул жо цоги ккезе гурин абураб хIинкъи бугин абураб магIнаялда. Амма гьабсагIаталда гьединаб рахIатхвей букIиналъе гIиллаби гьечIо. Нижер кIиябго ассоциациялъ гьаруна къотIи-къаял, гьезда рекъон щибаб соналъ хасало ниж ине руго доре, ихдал-риидал дол рачIине руго гьанире. Нижер буго гьадинаб пикру. Швейцариялда щибаб соналъ тIобитIула «Давос» экономикияб форум, щай бегьулареб гьединабго мисалалъул «Алмахъ» форум нилъер гьанибги тIобитIизе? ГIемер лъикI бегьула ва нижеда ракIалдаги буго гьедин гьабизе, санайилаб «Турция-Дагъистан» форум Казбек районалъул Алмахъ росулъ, «Алмахъ» централда тIобитIизе, гьелъие хIажатаб кинабго гьабизе байбихьунги буго.
— Экономикаялъул кинал ра-хъал гьоркьоре рачине ругел Турция-Дагъистан бухьеназ, нилъер
гьанир бизнесчагIазе ругел захIматал шартIаз хIинкъизаризе гьечIищ гъол?
— Бизнесчи вуго жиндир хIалтIулъ цо щиб бугониги ккезе бегьулин абураб хIинкъи камуларев, дандчIвалел масъалабаз къуркьизавуларев, кидаго цевехун унев чи. Гьезул гъира буго нилъер росдал магIишаталъул нигIматаздехун, хасго пиринчIалдехун, Гъизилюрталда бугеб фосфоразулаб заводалъул продукциялдехун, бокьун буго нилъер минералияб лъим. ХIалтIулел руго гьаниб мебель гьабиялда, гьелъул тукенал рагьиялда тIад. Туркал руго бакIал раялъул устарзаби, гьезул къасд буго ралел бакIазе хIажалъулел материалал къватIире риччалеб завод гьаниб базеги. Нилъер гьаниб гIемер бицуна туризм цебетIезабизе ккеялъул, гьелъие турказул буго хIакъикъияб гьунар, къваригIун буго гьезухъа гьеб махщел щвезе. Гъозие бищун бокьулареб, дандего кколареб жо буго ришватчилъи. Гьанже гъоздаги бихьулеб ва бичIчIулеб буго гьеб унти ни-лъер гьаниб дагьлъулеб, рацIцIалъи цебетIолеб букIин.
— Мун вуго цевегоялдаса нахъе (1991 сон) бизнесалда вугев, хIалбихьи бугев чи. Ахираб заманалда, хIакъикъаталдаги, бигьалъанищ бизнесчагIазе хIалтIи гьабизе?
— Хиса-баси ккана гьадинаб — рацIцIалъи цIикIкIана. Цо жо гьабизе, цIияб иш рагьизе ккани, анцIго идараялъ абулаан кьего кьейилан. Гьанже гьеб гьечIо, чиновниказ нижехъа ришват босуларо, хIинкъула босизе. Гьебги буго кIудияб бергьенлъи. Амма дие цIакъ бокьилаан (гьеб буго дир анищ) гьез гьеб хIинкъун гуреб, хасиятаблъун лъугьун босичIого тезе. Дагьлъана халгьабиялги. Цоги бигьалъаби, ай банкалдаса учузаб гIарац щвей ва цогидабги нилъер гьаниб жеги гьечIо.
— Бугищ абизе бокьараб жого?
— Нилъее цIакъ бокьула власть какизе, амма какун жо кколаро, гьелъ хIасил кьоларо. ХIасил кьола гьабураб пайдаяб хIалтIуца. Кибго бицуна нилъер пачалихъалъе гIолел гьечIин инвестициял абун, цо данделъиялда Медведевасцин абуна нилъер инвестициялъулаб атмосфера бугин загьру гъорлъе бараб гIадинабилан. Инвестициял рачIинчIони, пачалихъ цебетIоларо. Гьебго буго Дагъистаналдаги, гьеб берцин ва лъикI бихьулеб хIалтIи гьабичIони, гьел гьанире рачIунаро. Турциялдеги ун нижеца гьабулеб хIалтIи буго гьитIинаб, амма хадубккун Дагъистаналъе пайда кьолеб иш. Дие цIакъ бокьилаан, нижедаса мисалги босун, цогидазги гьединабго хIалтIи гьабизе. Гьаб заманалда гьелъие киналго нухал рагьунги руго, лъицаниги щибго гьу-къунги гьечIо.
ГIабаш ГIабашилов