Къецазда гIахьаллъана 960 команда
«ТIомол торгIо — 2017» абураб, футболалъул рахъалъ шагьаралъулаб къоло цоабилеб турниралда бергьарал командабазе ва призеразе шапакъатал кьеялъул тадбир тIобитIана ичIабилеб ноябралда МахIачхъалаялда. Лев Яшин ракIалдещвеялъе, «Динамо» спортивияб жамагIаталъ 95 сон ва МахIачхъалаялъ 160 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIана исана гьел къецал.
Дагъистаналъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул республикаялъул лъималазулгун гIолилазул спортивияб школалъул базаялда анкьабилеб августалдаса микьабилеб сентябралде щвезегIан тIоритIарал гьел къецазда гIахьаллъи гьабуна гIумруялъул батIи-батIиял ригьазул 10 азарго чияс – 960 командаялъ. Турниралда бергьаразе ва призеразе саламги кьун, гьезда бергьенлъи баркана МахIачхъала шагьаралъул бетIер Муса Мусаевас. Гьес абуна гьенир данделъарал гIолохъанал футболистал ругин жидерго кьерилазда гьоркьор бищунго къуваталилан. Мэрас гьел ахIана сахаб гIумру гьабиялъул къагIидаби цIунизе, спорт бокьулеллъун, ва Дагъистан машгьур гьабурал цIар рагIарал атлетаздаса мисал босулеллъун рукIине. Мэрас бихьизабуна «ТIомол торгIо» абураб исанасеб турниралда, цересел соназулалде дандеккун, цIикIкIун лъималаз гIахьаллъи гьабунилан. Гьелъ нугIлъи гьабула спорт бокьулезул къадар цIикIкIунеб букIиналъеян абуна Мусаевас.
Турниралъул хIасилазда рекъон, призалъулал бакIазе мустахIикълъарал киналго командабазул гIахьалчагIазе кьуна къиматал сайгъатал, грамотаби ва кубокал. Судьябаз ва къецал гIуцIараз цIарчIвана батIи-батIиял номинациязда бищунго лъикIал футболистазда. Гьезул гIемерисезул анищ буго хадубккун профессионалиял футболисталлъун рахъине ва Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ хIазе.
ГIолохъанал футболистазе призал кьуна МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевас, эркенаб гугариялъул рахъалъ олимпиялъул чемпион Загъалов ГIабдулбеговас, РДЮСШалъул директор Александр Маркаровас ва эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион ГIабдусалам ХIадисовас.
Россиялъул инкъилабалъ 100 сон тIубаялъул юбилеялъул хIурматалда «Цогояб Россия» партиялъул Дагъистаналъул комитеталъ шашкаби хIазе бокьулезе сайгъат гьабуна унго-унгояб байрам – гьелъул гIарцулаб квербакъиялдалъун МахIачхъалаялъул Родопалъул бульваралда бугеб шахматазул павильоналда, шагьаралъул шашкабазул федерациялъул президент Адзиев Арсенил ва Дагъистаналъул шашкабазул федерациялъул пресс-секретарь ИсмагIилов ИсмагIилил жигаралдалъун тIобитIана гIурус шашкаби хIаялъул рахъалъ рагьараб турнир. Къецазда гIахьаллъана 30 чи, гьезда гьоркьов Чачаналдаса ва Ингушетиялдаса лъабго чиги.
ХIаял тIоритIана Швейцариялъул къагIидаялда рекъон, 9 туралдасан. Щибаб доскаялда унел рукIана хIалуцарал хIаял. Къецазул хIасилалда рекъон, 8 очкогун ракIчIараб бергьенлъи босана Хасавюрталдаса гIолохъанав шашист Юнусов Салманица, кIиабилеб бакI щвана МахIачхъалаялдаса МахIмудов Сабирие, лъабабилеб призалъулаб бакIалде вачIана 6 очко босарав хIалбихьи бугев шашист Гъизилюрталдаса Алданов ГIабдулагь.
ТIоцебесеб бакI босарав Юнусовасе кьуна кубок. Киналго призалъулал бакIал ккуразе кьуна грамотаби, медалал ва гIарцулал сайгъатал.
Спорталъул тайпа хIисабалда шашкаби хIай гIолилазда гьоркьоб машгьурлъизабиялъе республикаялъул спорталъул идарабаз кIваркьеялъе, гьел кантIизариялъе мисаллъун букIине биччанте, рехсараб комитеталъ, гьеб хIай бокьулезул гьариги тIубазабун, жидерго ресалда рекъон гьабураб иргадулаб квербакъи.
АхIмадудин ГьитIинамухIамадов,
МахIачхъала шагьар
Бокс
ТIатIалаго — микьабилеб бергьенлъи
11 ноябралда рингалде вахъана Колумбиялдаса боксергун
Профессионалиял спортсменазда гьоркьов къецазда гIахьаллъулев Дагъистаналдаса боксер Ражаб Бутаевас рингалда тIатIалаго микьабилеб бергьенлъи босана.
Хасавюрталъул Шамил ГIумахановасул цIаралда бугеб спортивияб школалъул «къебелъухъ» куцарав Р. Бутаев 11 ноябралда рингалда дандчIвана Колумбиялдаса боксер Ханер Гонсалесгун. Бутаевгун рингалда дандчIвазегIан Гонсалес къун вукIинчIо цониги профессионалияв боксерасдаса. Гьесул букIана 19 бергьенлъи. 66,7 килограмм цIайиялда Бутаевасда ва Ханерида гьоркьоб букIараб микьгораундалъулаб къеркьеялда ракIчIараб бергьенлъи босана дагъистанияс.
Рамазание — Кубок
Чуниса тIоцевесев
дунялалъул чемпион
Ноябралъул анкьабилеб къоялда Лаваша районалъул Чуни росдаца кIодо гьавуна ММА спорталъул тайпаялъул рахъалъ дунялалъул кубок босарав Расулил АхIмадил вас Рамазан. Гьениб школалда цебе бугеб майданалда тIобитIана Рамазан кIодогьавиялъул тадбир.
Гьев ккола нижер росулъа вахъарав тIоцевесев дунялалъул чемпион. Рамазан гьавуна 1993 соналда Чуни росулъ, лъугIана росдал гьоркьохъеб школа, хъулухъ гьабуна Россиялъул армиялда. Гьениса тIадвуссун хадув машгъуллъана спорталде.
Ноябрь моцIалда Белгородалда рукIарал ММАялъул рахъалъ дунялалъул кубокалъе гIоло къецазда 86 кг цIайиялда бергьана Рамазан ва щвана Дунялалъул Кубок.
Нижер росу гIуцIаралдаса нахъе буго 80 сон. Гьебгощинаб заманалда жаниб тIоцеве вахъарав дунялалъулго чемпион ккола ХIасанов Рамазан.
Рамазан жеги гIолохъанго вуго, божула жиндирго бергьенлъабаздалъун гьес ниж жеги рази гьаризе рукIиналда. Гьев тренировкабазде хьвадула МахIачхъалаялда бугеб «Аманат» спортивияб клубалде. Гьесул тренер ккола Султан Ибрагьимов. Тадбир ана рохалида, Рамазание кьуна сайгъаталги. Росдал жамагIаталъ гьарула Рамазание сахлъиги рохелги, хаду-хадурги спорталъулъ ва гIумруялъулъ бергьенлъабиги. Чуни росдал бегавул ХIайбулаев ТIалхIатица, Рамазанил бергьенлъиги кIодо гьабун, гьеб къоялъ хъвезе басиги кьуна.
Тадбиралъул ахиралда Рамазанил инсул яц ПатIиматица баркала кьуна гьесул бергьенлъи кIодо гьабизе бачIараб росдал жамагIаталъе. ЖамагIаталъги баркала кьуна росуго чIухIарав гьединав вас гIезавуралъухъ Рамазанил эбел СагIдиятиеги эмен АхIмадиеги.
Рамазание къецазде ине гIарцул рахъалъ кумек гьабуна Москваялда чIарав Чуниса Абубакарил вас Къурбанов Русланица.
МухIамад Мусаев