Эфендиев хисун Иванов
Эфендиев хисун Иванов
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулевлъун тIамуна Владимир Иванов. ГьанжелъизегIан гьеб хъулухъалда вукIарав ИсмагIил Эфендиев тIамун вуго гьесул заместительлъун.
Владимир Иванов гьавуна 1971 соналъул 10 февралалда Москваялда. ЛъугIизабуна Санкт-Петербургалда бугеб РФялъул Жанисел ишазул министерствоялъул университетги РФялъул президентасда цебе бугеб Россиялъул халкъияб магIишаталъул ва пачалихъияб хъулухъалъул академияги. Гьев ккола пачалихъиябги муниципалиябги нухмалъиялъул магистрлъун.
БатIи-батIиял соназда В. Иванов хIалтIана «Цогояб Россия» партиялъул президиумалъул генералияб советалъул секретариаталъул гIакълучилъунги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председателасул заместителасул секретариаталъул нухмалъулевлъунги, Пачалихъияб Думаялда бугеб «Цогояб Россиялъул» фракциялъул аппараталъул нухмалъулевлъунги.
Законалда дандекколищ?
Газалъул мухъазул
халгьабизе байбихьана
ДРялъул прокуратураялъ халгьабулеб буго газалъул мухъазда гIагарлъухъ рарал минабазул. Халгьабиялъе гIиллалъун ккана, 31 октябралда ЦIияб Кяхулай поселокалда, газги кьвагьун, мина бухIи. Къварилъи ккана ункъоясе ва кIигояв хвана. Гьезда гьоркьоб букIана 12 сон бараб лъимерги.
Халгьабулез балагьулеб буго газалъул рогIразда аскIор минаби ралелъул закон хвезабун бугищали.
Таможняялъул ихтияр
ГIилла балагьулеб буго
Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ДРялъул хIукуматалда тIадкъана Россиялъулги Азербайжаналъулги гIорхъи бахунел машинабазул шоферзабазухъа ришват тIалаб гьабулеб букIиналъул хIакъикъат лъазабеян. Гьедин гьабиялъе гIиллалъун ккана СМИязда рахъарал макъалаби. Гьезда бицунеб букIана «Виадук» абураб таможняялъул терминалалда юк баччулел машинабазул шоферзабазухъа, законалъ