Кин сах гьабилеб бухIараб бакI?

ЦIодорлъи гьабе, лъимал…

 

Дунял квачазе байбихьидал, нилъеца токалъул алатаздаса цIикIкIун пайда босизе байбихьула. Амма гьездаса, хасго печаздаса битIун пайда босунгутIиялда бан, больницабазде кколел гIемер рукIуна. Цо-цоязин абуни хIаракат бахъула щиб бугониги бакI бухIарал лъимал рокъорго сах гьаризе. Киназулго гурелъулха больницаялде ине рес букIунеб, хасго росабалъ. Гьединлъидал ракIалде ккана МахIачхъалаялъул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр ПатIимат Шамсудиновалъухъе ине ва, гьединаб иш ккани, тIоцебесеб кумек кин гьабизе кколебин, гьелда цIехезе.
«ТIаде бухIараб лъим ани яги, тохлъи ккун, щиб бугониги бакI бухIани, тIоцебесеб иргаялда, хехаб кумек ахIизе ккола. Тохтур тIаде щвезегIанги лъимадул бухIараб бакI 15 минуталъ краналдаса чвахулеб лъеда гъоркь кквезе ккола. Гьеб заманалда лъимадуе кьезе ккола гьелъул унти бигьа гьабулеб дарман, мисалалъе, нурафен. АскIоб аптека батани, босила бепантен яги пантенол абураб тIад речIчIизабулеб дару. БухIараб бакIалде пантенол речIчIизабуни, унти сасуна ва бухIараб бакIалда лъугьарал къучIби ракъвазарула. Гьеб хIалтIизабизе бегьула бакъуца тIом бухIун бугониги. Гьел дарманазулъ букIуна найил хIе, парафин, перекисалъул кислота, цетеариловияб спирт, лъим. Гьел дарманаз кумек гьабула бухIараб бакIалда бугеб тIом хехго цIилъизабизеги. Пантенол батичIони, хIалтIизабизе бегьула олазоль дару. Гьелда гъорлъ букIуна цебегоялдаса нахъе нилъер чIахIияб гIелалъги бухIараб бакI сах гьабизе хIалтIизабулеб букIараб гъарцIи ва ругъун бацIцIад гьабулел цогидал жал. Цебегоялдаса нахъе гъарцIиялъул нах хIалтIизабулаан бухIараб бакI сах гьабизе. Амма аллергиялъул унтаби ругел гIадамазде гьелъ аллергия базабизеги бегьула. Цогидал дарабазде дандеккун, гьеб учузабги буго. БухIараб бакI цIакъго гьитIинаб бугони ва гIицIго багIарлъи рехун гурони лъугьараб жо гьечIони, рокъобго дару гьабизе бегьула. БухIараб бакI кIудияб бугони, къучIбиги лъугьун ругони, хехаб кумек ахIила яги тохтурасухъе бачина лъимер.
Нагагь бухIараб бакIалда хадубккун чанхъ яги хьверд лъугьун бугони, лъикIаб буго къойида жаниб кIиго нухалда левомеколь бахине ва катаналъ бухьине.
БухIараб бакIалда ретIел хъвазе бегьуларо. РетIел хъвачIого бегьулареб бакI батани, бацIцIадаб бинталъ бацине ккола. Амма, кIочене бегьуларо, бухIараб бакI гьава чIваледухъ рагьун бугони, хехго сахлъула», — ян бицана П. Шамсудиновалъ.

ТIоцебесеб кумек

Нагагь, рокъоб дару-сабаб гьабу­лелъул, лъимер лагIдолеб бугони, яги 12 сагIаталдаса цIикIкIун зама­налъ цIа-кан гIодобе кколеб гье­чIони, ялъуни, бухIаралдаса ха­дуб сордо-къо индалги, унти цIи­кIкIунеб, бухIараб бакI собон буго­ни, лъимер тохтурасухъе бачине ккола.
ТIоцебесеб даражаялъул бухIи бугони, тIом багIарлъула, амма къучIби лъугьунаро. КIиабилеб даражаялъул бухIи бугони, багIарлъиги букIуна, гIисинал къучIбиги лъугьуна бакI-бакIазда.
ТIоцебесеб ва кIиабилеб даражаялъул бухIараб бакIалде тIаде чвахун бачIунеб цIорораб лъим биччазе ккола, 12-18 градусалъул лъим биччазе ккола 15-20 минуталъ.
ЦIорораб лъим тIаде биччан хадуб, бухIараб бакI бацIцIадаб ва дагьабго биччараб чIартица бацинабила (полотенцеялъ, катаналъ ва цогидабги синтетикияб гуреб ххамалъ).
Лъабабилеб даражаялъул бухIия­лъин абуни цIакъго кIудияб ругъун лъугьинабула. Гьединаб хIалалда бухIараб бакI бугони, дагьабго биччараб ва бацIцIадаб чIартица бацина, амма цебеккунго цIорораб лъим тIаде биччазе бегьуларо. Унти къотIизабизелъун кьезе бегьула парацетамол яги ибупрофен. Кверал яги угъдул рухIун ругони, килщазда гьоркьоб биччараб ххам лъезе лъикIаб буго. Килщазда баргъичал яги рукьалда курхьен ратани, гьелги хехго нахъе рахъила.

Тохтурасухъе ине яги хехаб кумек ахIизе ккола:
— лъабабилеб даражаялъул бухIи бугони, кигIанасеб бакI бухIун бугебали батIалъи гьабичIого;
— кIиабилеб даражаялъул бухIи бугони, черх бухIарав чиясул огъохъатгIанасеб бакI бухIун бугони;
— тIоцебесеб даражаялъул бухIи бугони, ай тIомол огъохъатгIанасеб бакI багIарлъун, гьорон бугони;
— гьумер, щекъер, угъдул, рукьбузул рищи, кверал рухIун ругони.

БухIараб бакIалъе гьабизе бегьуларо:
— лъабабилеб даражаялъул бухIи бугони, лъим тIаде биччазе;
— цIакъго цIорораб лъеца бухIараб бакI цIорозабизе;
— бухIараб бакIалда рекIараб ретIел нахъе бахъизе;
— бухIараб бакIалда лъугьарал къучIби рихъизе;
— бухIараб бакIалда квер хъвазе;
— бухIараб ругънада квас-квас, цIер, пластырь чIвазе;
— ругънада щарил, хурдузул нах, тIорахь, бетарахь лъезе;
— бухIараб бакI бакъвазегIан кремал, мазал ва цогидалги гьездаго релълъарал жал рахине;
— порошок гIадал жал, присыпкаби ругънаде щвазе;
— йодалъ, зеленкаялъ, водородалъул перекисалъ, спирталъ бацIцIине.
ПатIимат СултIанмухIамадова