РФялъул регионазда гьоркьоб ДРялъ цересел бакIал ккола гIиял, чIегIербоцIул къадаралъул ва гIезарулел овощазулгун пихъил рахъалъ
Ахираб заманалда нилъер республикаялде гIезегIан рачIана ва рачIунелги руго Москваялдасаги улкаялъул цогидал регионаздасаги хIакимзабигун хъулухъчагIи. 14 июналдаги МахIачхъалаялде рачIана РФялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель, финансазул министр Антон Силуановасул бетIерлъуда гъоркь федералиял министразул (экономикияб цебетIеялъул министр Максим Орешкин ва Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботарев) ва батIи-батIиял идарабазул жавабиял хIалтIухъабазул, СКФОялъул вакилзабазул кIудияб къокъа. Гьел нилъехъе рачIиналъе аслияб мурадги буго экономикияб рахъалъ республикаялда бугеб ахIвал-хIал мухIкан гьаби ва РФялъул президент Владимир Путиница загьир гьарурал «Миллиял проектал» (гьел тIураялъе СКФОялъе биччан буго 74 млрд гъуруш, хадусел соназда гьеб къадар дагьабги цIикIкIине ккола) цере иналъе квербакъулел ресал дандрай. Гьалбадерида цадахъ РФялъул росдал магIишаталъул министрасул тIоцевесев заместитель Жамбулат Хатуовги ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель, росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги гIахьаллъун, Халкъияб магIишаталъул университеталда тIобитIана «Развитие сельскохозяйственной кооперации» абураб темаялда данделъи. Гьениб Силуановас абуна: «Дагьаб цебеги нилъер аслияб масъала букIун батани Россия жибго жинцаго кванил нигIматаздалъун хьезаби, гьабсагIаталда тIоцебесеб бакIалде бачIана жиндирго тIалабалги тIуран нигIматал къватIисел пачалихъазде ричиялъул суал. 2018 соналда Россиялъ къватIисел пачалихъазе ричарал кванил нигIматазул багьа цIикIкIана бичулеб яргъил багьаялдасаги. Гьеб буго экономикаялъул нилъеца жеги киналго ресалгун сурсатал хIалтIизабичIеб, хадубккун хасаб кIвар кьезе кколеб, кьезе бугеб бутIа», — ян. Росдал магIишаталъул кIварги, гьеб хIалтIулъ дандчIвалел захIматал шартIалги хIисабалде росун, гьес абуна хадубккунги магIишат цебетIезабиялъе гIемераб хIалтIи гьабизе бугин.
ХIалтIуда рекъарал хIасилал
Гьелда цебесеб къоялъ, росдал магIишаталда бугеб ахIвал-хIалалъулги церечIарал аслиял масъалабазулги бицана «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIобитIараб данделъиялдаги. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Жамбулат Хатуовас, ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас, ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас, районазул ва гьезул росдал магIишаталъул управлениязул, магIишатазул бутIруз, фермераз. Данделъи рагьана Артем Здуновас ва гьеб нухда бачине рагIи кьуна Жамбулат Хатуовасе. Гьес абуна: «Росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIай буго экономикаялъул цIакъго кIвар бугеб ва цебетIеялъе гIатIидал ресал ругеб бутIа. Ахирал соназда Россиялъ байбихьана гьелъул нигIматал къватIисел пачалихъазе ричизеги. БачIунеб щуго лъагIалида жаниб нилъеца кIиго нухалда цIикIкIинабизе ккола къватIире ричулел нигIматазул гIаммаб къадар. ГIорхъода, ралъдал рагIаллъуда букIиналъги, кинабго рахъалъан рекъарал шартIал рукIиналъги гьеб масъала тIубаялъулъ Дагъистаналъ кквезе ккола щулияб бакI. Гьелъие руго киналго ресалги, хIалбихьигун махщел бугел хIалтIухъабиги. Нижер рахъалъан букIина хIажатаб кумекги», — ян.
Хатуовас лъикIаб къимат кьуна Дагъистаналъул росдал магIишаталда рилълъанхъизарулел ругел цIиял къагIидабазе, рихьизарурал хIасилазе ва министрасул хIалтIуе. Гьес киналго гIахьалчагIи ахIана рагьараб, чIванкъотIараб, чIагояб гара-чIвариялде.
Нилъер республикаялъ Россиялда тIоцебесеб бакI ккола гIиял къадаралъул рахъалъ (4,6 млн бетIер, тIолабго Россиялдаго – 21,5 процент), гьебго буго гIезарулел овощазул рахъалъги (1438,5 азарго тонна, 8,3 процент), кIиабилеб бакI — гIезабураб цIолбол рахъалъ (178,3 азарго тонна, 33 процент), лъабабилеб бакI — чIегIербоцIул къадаралъул рахъалъ (5,3 процент), ункъабилеб бакI — пихъ гIезабиялъул рахъалъ (161,1 азарго тонна, 4,9 процент).
Мелиорация, пиринчI, гIияхъанлъи
ГIагараб заманалда хасаб кIвар кьезе хIажатал бутIабилъун рихьизарун руго мелиорация, пиринчI гIезаби ва гIияхъанлъи цебетIезаби. Дагъистаналда гьабсагIаталда буго лъалъалеб ракьул 400 азарго гектар, (нилъер магIишатияб ракьул 90 процент буго тIабигIияб лъим, риччел дагьаб), амма гьелдаса 280 азаргогIанасеб гурони хIакъикъаталдаги лъалъаларо. Гьебго заманалда нилъер республикаялда гIезарулел нигIматазул 70 процент буго лъалъалел ракьаздаса щвараб. ЦохIо гьеб хIужаялъцин цIакъго мухIканго бицуна лъалъалел ракьазул бугеб пайдаялъул. Гьединлъидал чара гьечIого хIажатаб иш буго мелиоративияб хIалтIуе туркIи кьей. Гьелда хурхарал киналго тадбирал (басриял каналал къачIай, рацIцIад гьари ва цIиял рахъи, шлюзал ва цогидал техникиял объектал хIалтIизе риччай ва гь.ц.) тIураялъе республикаялъул бюджеталдаса исана биччана 500 млн гъуруш. Гьелъ рес кьезе буго тIадеги 1 млрд гъуршил багьаялъул нигIматал щвезе. Исана нилъеца бакIарана 82 азарго тонна пиринчIалъул, советияб заманалда гурони нилъеца бакIарулароан гьединаб къадар (2025 соналда бакIаризе хIисабалде босун буго 150-160 азарго тонна). Нилъедаса цIикIкIун гьеб бакIарула Краснодар краялда, амма нилъералъул даража рикIкIуна тIадегIанаблъун, гьединлъидал гьелъул тIалабги буго цIикIкIараб. Къадар цIикIкIараб гьечIониги, гьеб уна къватIисел пачалихъаздеги (Азербайжан, Гьоркьохъеб Азиялъул республикаби).
Дагьаб цебегIанги гIияхъанлъиялда сверухъ ругел баянал рукIана дагьал понцIозарурал. Ахираб кIиго соналда жаниб гьезулъги мухIканлъи гьабуна. Гьелда цадахъ ккана гIиял даражаялъул рахъалъги рекъараб къадаралъул хиса-свери, ай селекциялъулаб хIалтIулъ дагьабго багъа-бачари, нигIматал къачIаялъул суалал тIуразе байбихьи, квасул масъалабиги рукIалиде ккезари. ГIиял гьан къватIисел пачалихъазде бичиялъул суалалъги босана лъиданиги ракIалда букIинчIеб борхалъи: гъоркьиса Ираналъе бичана 4,2 азарго тонна гьанал. Ираналдасаго гIадин заказал руго Турциялдасаги. Гьелъул хIакъалъулъ бицана ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги. Гъоркьиса гIезегIан захIматаб (халатккун рачIел цIадал, цебеккунго гарцIаз гьарурал гьужумал ва гь.ц.) заман букIаниги, росдал магIишаталъул хIалтIухъабаз рихьизаруна лъикIал хIасилалинги абуна гьес. ГIезарурал нигIматазул гIаммаб багьа бахана 124 млрд гъуршиде. Росдал магIишаталъе кумек хIисабалда федералияб бюджеталъ биччан букIана 2,7 млрд гъуруш, исана биччазе буго 3 млрд гъуруш. Ахираб лъабго соналда жаниб бекьулеб ракьалъул гIатIилъи цIикIкIана 23 азарго гектаралъ, ва гьеб бащалъана 367 азарго гектаралда. Гъоркьиса босана 230 техника, гьелъул багьа ккола 316 млн гъуруш (кIиго соналъ цебе босаралдаса 3,6 нухалъ цIикIкIун).
2025 соналде щвезегIан тIубазе республикаялъ кьун букIана 21 мелиоративияб объект къачIазе заявка (гIаммаб багьа 9 млрд гъуруш). Гьел киналго ккола федералиял объектал, амма федералияб программаялде гьоркьобе босана гIицIго ункъо объект (гIаммаб багьа 3 млрд гъуруш). Министрас гьарана хутIараб 17 объектги программаялде гьоркьобе босизе ва хIалтIи тIубаялъе гIарац биччазе кумек гьабейилан. КIиабилеб, гочинабун гIи-боцIи хьихьулеб Дагъистаналда цIакъго кIудияб масъалъун буго хасалил хIаримазда риидалги гIемераб гIи-боцIи хутIиялъул хIасилалда гьезде тIаде цIикIкIараб хIал кколеб букIин. Цо гектаралъ хIехьолеб норма 0,7 шартIияб бетIер гIиял батани, нилъер гьаниб гьеб бахунеб буго 2,5-3 бетIералде. Гьелъул хIасилалда холеб буго ракьул даража. Гьединаб ракь цIуни, гьеб къачIай буго захIматаб, цIикIкIараб харж тIад унеб хIалтIи. Мисалалъе, Гъизляралъул зонаялда гьединаб хIалтIи гьабизе хIажат буго 600 азарго гектаралда, гьеб хIалтIул гIаммаб багьа бащалъула 9 млрд гъуршида. Гьебги буго федералияб бюджеталъул кумек гьечIого тIубазе кIолареб масъала.
ГIабаш ГIабашилов