Санкт-Петербургалда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда гIахьаллъана Дагъистаналъул вакилзабиги
Форумалъул тIоцебесеб къоялъ тIобитIана «Россиялъул экономика цебетIеялъе гъирабазабулел шартIал ралагьиялъул нухда» абураб сессия. Гьениб бицана улкаялъул экономикаялъул, инвестораз лъолеб бугеб бутIаялъул. Борхана къватIисел улкабаз лъазарун рукIарал санкциязеги, нартил багьа хисардиялъеги, цебетIолеб рынокалъул хисардулеб хасияталъеги Россиялъул экономикаялъухъа жаваб кьун бажаранищин абураб суалги.
Сессиялда кIалъалаго, РФялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель, финансазул министр Антон Силуановас абуна, власталде божилъи цIикIкIиналъул мурадалда, кIваркьезе кколин предпринимателазул ихтияралги гьезул мулкги цIуниялде. «Щай бизнесалъ экономикаялде гIарац биччалареб? Масала, предпринимателаз абулеб буго жидее чIара-хьарал шартIал чIезарейин. ХIакъаб жо, гьеб мехалда хайирги щвела ва инвестициялги рукIина», — ян бицана Силуановас.
РФялъул президентасул кIалъай
Форумалъул кIиабилеб къоялъ данделъи рагьана Владимир Путиница. Гьес бицана промышленниябгун технологияб цебетIеялъулги, хIинкъигьечIолъи чIезабиялъулги, миллаталъул хаслъи цIуниялъулги, халкъалъе санагIатал шартIал гIуцIиялъулги хIакъалъулъ.
Владимир Путинил пикруялда рекъон, лъикIаб букIинаан, бищун лъикIал практикабазулги проектазулги баяназул хасаб банк гIуцIани ва халкъазда гьоркьосел гIуцIабазги гьелда гIахьаллъи гьабуни. Регионазул бутIруздеги федералиял округазда ругел президентасул вакилзабаздеги хитIабги гьабун, президентас абуна, нухмалъиялъулал командаби гIуцIеян ва регионазда гьоркьосел къецал тIоритIейилан. Данделъиялда кIалъана Китаялъул халкъияб республикаялъул председатель Си Цзиньпин, Болгариялъул президент Румен Радев, Армениялъул премьер-министр Никол Пашинян, Словакиялъул премьер-министр Петер Пеллегрини ва ООНалъул генералияв секретарь Антониу Гутерреш.
Дагъистаналъе рецц-бакъ гьабуна
Сбербанкалъул нухмалъиялда гъоркь, Петербургалъул халкъазда гьоркьосеб форумалда щибаб нухалда гIуцIула ишалъулаб данделъиги. Исана гьеб тадбир тIобитIана «Россия 2024: кин рекъонккезабилеб парахалъиги реформабиги» абураб темаялда.
Стратегияб цебетIеялъул мурадалда хIадурараб 12 миллияб проект гIумруялде бахъинабизе ккола 2024 соналде. Гьелда бан гьабулеб хIалтIиялъул хIакъалъулъ бицана данделъиялда. Данделъи нухда бачана «Сбербанк» ПАОялъул правлениялъул председатель Герман Грефица. Дагъистан гьениб рехсана цебетIеялъул реформаби гIумруялде рахъинарулеб регион хIисабалда.
КIалъазе вахъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. «Дун божула нижехъа кинабго бажаризе букIиналда. Элита хIисабалда куркьбалги тIиритIун нилъ ругони, цIакъго учузлъула халкъалда цере. Гьелъул пикру гьабизе ккола политиказ гуребги. Нилъеца гурони, батIияв чияс нилъер рокъоб хиса-басиги гьабуларо. ГIадлу гьабиялъул бицани, халкъалъ рахъккуна ришватчилъиялде данде къеркьеялъул. Нижеца байбихьана. Масала, 700 заправкаялдаса, цо сменаялда жаниб, 300-500 литр къватIибе кьолин ва цо-кIиго хIалтIухъан гурони гьечIин бихьизабулеб букIана. ГьабсагIаталда гьенир хIалтIулел гIадамазул къадар гIемерлъана – анкьнусгоялдениги бахана. 2,9 нухалъ цIикIкIана налогалги. Щибха нижеца гьабураб? АхIана нижехъего заправкабазул бетIергьаби ва абуна: «Нужер лъимал школалде раччулел руго микьазарго гъуруш моцIрое щолел ва 10 соналдасаги гIемер хIалтIизарурал автобусазул шоферзабаз. Нужецайин абуни кьолел гьечIо налогал». Гьезда бичIчIана нижер пикру.
Цоги мисал. ГIадлу гьабизе байбихьизе ккола щивас жиндасаго. Гьаниб бицунеб букIана бечедазулги мискиназулги хIакъалъулъ. Гьайгьай, гьанир мискинзаби гьечIо, амма хIакъикъаталда гьел гIемер руго. ГIадлу гьабизе байбихьараб мехалда, нижеца квер хъвачIого тана ралъдал порт. Амма гъоркьиса гьениса нарт баччиялъул бутIа цIикIкIана кIицIулго, исанаги цIикIкIине буго.
ТIоцебесеб нухалда гьаниб бицана халкъалъе щиб гьабун бажарулебали. Сон губернаторазда бихьизабуна гьезул жавабчилъи сундулъ бугебали, чIезаруна масъалаби тIураялъул цо-цо нухал. ГьабсагIаталда нилъеца бицунеб буго законодательство хисизабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьебин абуни хъван букIана цIогьазеги ришватчагIазеги, гьанже хъвазе ккола ракIбацIцIадаб бизнесалъе рекъонкколедухъ», — ан.
РФялъул экономикияб цебетIеялъул министр Максим Орешкиница тIадегIанаб къимат кьуна Дагъистаналъул нухмалъулесе. Цогидал регионазул бутIруздаги абуна гьесдаса мисал босеян.
КъотIи-къаял гьаруна
Дагъистаналдаги «Россети Северный Кавказ» компаниялдаги гьоркьоб къотIи гьабуна регионалъул токалъул мухъазул комплекс цебетIезабиялъул хIакъалъулъ. КъотIиялда гъоркь гъолбасана ДРялъул бетIер Владимир Васильевасги рехсараб компаниялъул генералияв директор Виталий Ивановасги. Гьеб ишалда гIахьаллъи гьабурав СКФОялда вугев президентасул вакил Александр Матовниковас абуна, гьезда рекъон, СКФОялда токалъул мухъал къачIаялъе Россеталъ биччазе бугин 50 млрд гъуруш. ХIалтIи гьабизе буго 2024 соналде щвезегIан.
Дагъистаналъулги Карелиялъулги социалиялгун экономикиялги, гIелмиялгун техникиялги, культуриялги бухьенал камил гьариялъул мурадалда хасаб къотIиялда гъоркь гъолбасана ДРялъул бетIер В. Васильевасги Карелиялъул нухмалъулев Артур Парфенчиковасги.
Ядернияб медицинаялъул центр – Дагъистаналда
Гьеб гIуцIиялъул хIакъалъулъ бицана В. Васильевасулги «Фармстандарт» ОАОялъул нухмалъулев Виктор Харитонинилги дандчIваялда.
Центр букIине буго республикаялъул клиникияб больницаялъул азбаралда. ГьабсагIаталда гьениб балеб буго кIитIалаяб мина. Гьенир лъезе руго гьанжезаманалъул технологиял аппараталги диагностикиял алаталги. Аслияб мурад буго Дагъистаналда онкологиял унтаби ругел гIадамазе медицинаялъул кумек республикаялдаго гьаби, ай гьел Дагъистан тун къватIире ине ккечIого рукIин.
Россиялъул почалъул генералияв директор Николай Подгузовасги Владимир Васильевасги гьабураб къотIиялда рекъон, кватIичIого гIуцIизе буго хасаб хIалтIул къокъа. Гьелда гъорлъ рукIине руго Россиялъул почалъулги Дагъистаналъул пачалихъиял идарабазул вакилзабиги. КъотIиялъул аслияб мурад буго республикаялъул гIадамазе гьарулел почалъул хъулухъал камил гьари.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
администрациялъул
пресс-хъулухъ