Чачаналъулгун Дагъистаналъул гIорхъода ккараб дагIбаялъе гIилла щиб?
Гъизляралда гIагарлъухъ ккараб дагIба-рагIи киназдаго рагIун батила. Шукру Аллагьасе, би тIечIого рорчIана. Питнаялде иш ккана «Чачан Республика, Шелковский район» абураб хъвай-хъвагIайги тIад гьабун, хасаб игIлан шагьранухлул рагIалда чIваялъ. 11 июналъул сардилъ гьеб нахъе бахъана дагъистанияз. Гьелъул хIакъалъулъ рагIидал, ЧРялъул парламенталъул председатель МухIамад Даудовасул («Лорд») бетIерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бачIана ОМОНалъул цо къокъа ва добго бакIалда эхетизабуна игIлан. Даудовас лъазабуна, «жидерго ракьалда бокьараб гьабизе ихтияр бугин» абун. Гъизляралъул дагъистаниял гIажаиблъизаруна гьеб лъазабиялъ. Гьезда лъалебцин букIун гьечIо игIлан чIвараб ракь чачаназул кколеблъи.
Гьеб лъугьа-бахъиналъул гIахьалчи, ДРялъул НКОялъул координациялъул советалъул председатель ва жамгIияб комиссиялъул член Шамил Хадулаевас дида бицана, дагIба жеги хIалуцинабизе ва кьал ккезабизе хIаракат бахъулел гIадамалги камун рукIинчIин. Гьенире щвана ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, ДРялъул МВДялъул министр МухIамад ГIабдурашидовги, транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министр Ширухан ХIажимурадовги. БукIана гьениб нилъер ОМОНги.
Гьенир рукIаго, М. Даудовас бадибчIвай гьабун буго Гъизляр районалъул бетIер Александр Погореловасе: «Сонисеб лъугьа-бахъин ккелароан, районалъул гIадамазда бичIчIизабун букIарабани, гьаб ракь чачаназул бугеблъи. Гьелъие гIоло тIоритIизе кколаан жамагIатазул дандеруссинал, районалъулги росабазулги советазул депутатал дандчIвазе кколаан гIолилалгун. Гьебмехалда гьаб гIала-гъважа ккелароан», — абун.
Руго гьесул рагIабазулъ ритIухълъиялъул мугьалги, амма гьев мекъи вуго: 1) Кинаб хIажалъи букIараб гьанже гьеб игIлан эхетизабизе? Ш. ХIажимурадовас бицана, шагьранухлул гьеб бутIаялъул тIалаб кидаго гьабулаанин Дагъистаналъул дорожниказ. 2) Щай Даудовас цадахъ бачараб ОМОН, гьев вагъизейищ вачIун вукIарав яги маслихIаталъейищ? Кин букIаниги, нилъер гIадамал хIалуцинаричIого, дурго ОМОН рикIкIадегIан битIеян абураб мехалда, гьев хехго гIенеккана гьеб пикруялъухъ ва ОМОН нахъе битIеян лъазабуна. Гьедин гьабизеги гьабуна.
Нилъер нухмалъиялъул вакилзабаз абуна, гьеб ракь хIакъикъаталдаги чачаназул бугилан. Амма халкъалъул цIикIкIарасеб бутIаялъе гьеб рекIеего гIечIо. Руго гьелъие гIиллабиги.
ГIорхъи чIезабиялъул рахъалъ ДРялъул комиссияги дагIбаялъе гIиллаги
ГIорхъаби мухIкан гьариялъул иш байбихьана 2019 соналъул январалдаго. Чачаназ гьеб иш хехго рагIалде бахъинабуна. Нилъерал щурун рахъинчIо. Мулкалъул ва ракьазул гьоркьорлъабазул цIияв министрлъун тIамуна Агъарагьим КъагьирхIажиев. Гьев жигаралда лъугьун вукIана гьеб ишалда гъорлъе, амма дагь-дагьккун жигарчилъи чучлъана.
Гьелдасаги цебе, ай 2018 соналъул ноябралдаго, Ингушетиялда ккарал лъугьа-бахъиналги кьочIое росун, Дагъистаналъул коммерциялъулал гурел гIуцIабаз (НКО) – гьелда гъорлъ руго 40 сонил ригьалде рахинчIел дагъистаниял – гIуцIана Дагъистаналъулги Чачаналъулги гIорхъи мухIкан гьабиялъул рахъалъ жамгIияб комиссия. Гьеб ишалда гъорлъ вукIана гьаб макъалаялъул авторги. Рехсараб комиссиялъ тIобитIана цо чанго данделъи ва кIвар буссинабуна нилъер хIукуматалъ гьеб ишалъул тIалаб гьабунгутIиялде.
ДРялъул парламенталъул председатель Хизри ШихсагIидов нижгун дандчIвана 2019 соналъул февралалда. Гьениб къотIи гьабуна пачалихъияб комиссиялда гъорлъе жамгIияталъул экспертал рачине ва районазде цадахъал сапарал гьаризе. Цо тартибалда унеб букIана хIалтIи. Амма апрелалда хIаракат лъугIана. Дидаги «Цогояб Дагъистан» абураб жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъул нухмалъулесдаги Владимир Ивановас абуна: «ДандеккунгутIиял мухIканлъизегIан, комиссиялъул хIалтIи заманаялъ лъалхъизабун буго», — ян. ХIукуматалъул хъулухъчагIазда лъалеб гьечIо щиб гьабилебали. НахъетIамун толеб буго иш. Чачаназда «чIалгIун» батила, гIорхъиялъул рахъалъ нилъер рахъалдасан мухIканаб жавабалъухъ балагьун чIун. Ва гьезги жидер ракьалда – Гъизляралда гIагарлъухъ букIаниги щиб – эхетизабуна нухлул игIлан, хадурккун суалал рижунгутIизе.
Чачаназе щвана ракIалдаго гьечIеб (нилъеразда гьедин кколеблъи лъалаан) жавабги. ЧIванкъотIараб хIукму гьабизе власть хIинкъулеб ва щиб гьабилебали лъалареб мехалда, халкъалда гьоркьоб къадруги билун бугони, «кидаго гIадин ккола иш». Дида ракIалде щвана микьабилеб маялда букIараб дандчIваялда Владимир Ивановас абурал рагIаби: «Нилъеца заманалда лъалхъизабуна гIорхъабазул масъала…». Дица гьесда абилаан гьанже: «Бихьулищ, заманалда масъала тIубангутIиялъул хIасил кинаб кколебали?!» — ян. Щайха гьедин ккараб? Щайгурелъул гIорхъи чIезабиялъул масъалабазул хIакъалъулъ СМИяздасан бицунеб гьечIелъул. Дагъистаниязда лъаларо гьелъул хIакъикъат. Щайгурелъул ДРялъул Пачалихъияб комиссия хIалтIулеб буго хIинцго ва балъго. Буго цоги гIилла – Гъизляр шагьаралъул нухмалъиялъ, низамги цIуничIого, жидее бокьухъе ракьал хIалтIизари. Гьединго хIалтIи гьабулеб буго питна бекьизе бокьаразги. Гьелъ хIалуцинабизе буго нилъеразулги чачаназулги жамгIият.
Щиб гьабизе кколеб букIараб?
Гара-чIвариязул байбихьуда, ай 2019 соналъул январь-февралалдаго, чачаназ абулеб букIана ракьал хисеян абун. Хабар букIана 20-гIанасеб гектаралда сверухъ. Гьедин гьабуни, «Хасавюрт-Гъизляр» шагьранух Чачаналъул ракьалде гъорлъе ккелароан ва букIинаан нилъерго ракьалда. ГIорхъи мухIкан гьабиялъул гIемерисел масъалабиги тIуралаан гьебмехалда. БукIинароан дагIбаги. Нилъер хIукумат «ургъун бахъунебго гьечIо». Масъалаги тIубалеб гьечIо. «Гьабги нилъер, добги нилъер» абун рукIине бегьуларо. ХIажат буго, ращалъиги цIунун, ракь бикьизе.
Гъизляралда гIагарлъухъ бугеб чачаназул ракь хIажат бугеб къагIида бакIалъулал хIакимзабазе. Гьез, лъиданиги дандбачIого, картабазухъги балагьичIого, гьеб ракь босун буго кадастралъул хIисабалде ва, мехго бачIого, гьабун буго гьелъул приватизация. Хадуб, 1942 соналъул координатазда рекъон, (1958 соналъул карта) гьеб ракьул бутIа ЧРялъул кколеблъи бициндал, гьез (Гъизляралъул нухмалъиялъ) жидерго чукъа-рахханалъул кумекалдалъун бахъинабуна ахIи-х1ур. ХIакимзабазул хъантIиялъеги кIигьумерчилъиялъеги ахирго гьечIо. Лъица гIадамал ригъинаруралали бигьаго чIезабизе бажарула, гъира бугониха. Нижеца, ай жамгIиятчагIаз абулеб буго рачIа кинабго гIакъилго гьабизейилан. Кье бюджеталде приватизация гьабураб ракьухъ букIине кколеб налог, кье чачаназе гьелде рекъонкколеб ракьул бутIа цогидаб бакIалдаса ва лъугIана хабар. Биччанте хадубккунисеб хIалтIи, ай жидее бокьухъе ракь хIалтIизабиялъулги, тунка-гIусиялда халкъ тIамиялъулги гIайибиязул рахъалъ иш, низам цIунулел идарабаз роцIинабизе.
Щиб гьабизе бегьулеб?
Гьанир рехсолел руго «Цогояб Дагъистан» абураб жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъул нухмалъиялда гъоркь 12 июналда тIобитIараб цадахъаб данделъиялда (гьелда гIахьаллъана щугоялдаса цIикIкIун жамгIияб гIуцIиялъул вакилзаби) къабул гьарурал малъа-хъваял.
1. ДРялъул парламенталъулаб комиссиялъул статус хисизабизе ккола – гьеб букIине ккола ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасе мутIигIаблъун; букIине бегьула гьеб ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараблъунги.
2. Гьеб комиссия гьабизе ккола пачалихъиябгун жамгIияблъун ва гьелда гъорлъе рачине ккола жамгIиял гIуцIабазул щугониги вакил-эксперт; гьелде рекъонкколеб, ай Пачалихъиябгун жамгIияб комиссиялъул статус тасдикъ гьабулеб, подзаконияб акт къватIибе бахъизе (ДРялъул бетIерасул указ яги ДРялъул Халкъияб Собраниялъул хIукму). Гьелъул тIоцебесебго данделъиялда тасдикъ гьабизе Программаги Комиссиялъул хIалтIул планги.
3. Комиссиялда тIадаблъун гьабизе щибаб моцIалъ, гIорхъаби мухIкан гьариялъул рахъалъ ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ бицун, пресс-конференциял тIоритIи.
4. Загьир гьабизе Дагъистаналъулги Чачаналъулги цадахъаб жамгIияб комиссия (яги совет) гIуцIизе кколин абураб ва вацлъиялъул халкъазе пайдаял проекталгун пикраби хIадуриялъул хIакъалъулъ пикру.
Денга Халидов,
ДРялдаги ЧРялдаги гьоркьоб гIорхъи чIезабиялъул рахъалъ гIуцIараб жамгIияб комиссиялъул эксперт, ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул хIалтIулаб къокъаялъул нухмалъулев