21 маялда тахшагьаралъул кIудияб мажгиталда тIобитIана республикаялъулаб ифтар
Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги.
«Дагъистаналде вачIиндал дида бихьана хIукуматалъул минаялда хьолбохъ бугеб мажгиталъул къадада хъварал гьадинал рагIаби: «ГIадамазе гIемераб лъикIлъи гьабурав чиясе щола Аллагьасул рахIмуги», — ян. Жакъа тIолабго Дагъистаналда рагьун руго «Рамазаналъул чадирал». Гьенир ракIарула цоцазе чед бащад гьабулел гIадамал. Гьединаб лъикIаб иш гьабиялъул кIудияб кIвар буго», — ян бицана республикаялъул бетIерас. Гьес ракIалдещвезаруна халкъазда гьоркьосел террористазулгун ккарал рагъулал лъугьа-бахъиналги. «Доб заманалда Дагъистаналъул халкъ данде бахъана хъачагъазул къокъабазде. Гьелго соназда ДРялъул муфтияталъе ккана камиял – диналъул бацIцIалъи цIунулел хIаракатчагIи къурбанлъана гьеб балъгояб рагъда. Амма гьезухъа бажарана халкъалъе битIараб тарбия кьун ва гьединлъидал динги ватIанги хириял дагъистанияз нух къана террористазе. Гьеб хIалтIухъ кIудияб баркала буго нужее», — ян абуна В. Васильевас.
Хасаб кIваркьуна гьес ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевасул хIаракатчилъиялдеги. «РакIбацIцIадал, ришватчилъиялде дандечIарал, загIипазда гурхIулел рухIиял церехъабазулгун цадахъаб хIалтIи гIуцIизе бигьалъула. Нилъеда церечIун руго республика цебетIезабиялъул рахъалъ гIемерал масъалаби. Гьел тIуразарун нилъехъа бажарила, цадахъ рекъон хIалтIани. Баркала буго, цогидал диназул вакилзабигун цокIалго хIалтIулеб бусурбабазул умматалъе», — ян бицана ДРялъул бетIерас.
КIудияб мажгиталда гIуцIараб ифтаралде рачIарал дагъистаниязе вагIза-насихIат гьабуна муфтиясги. «Инсан» абураб рахIмуялъул фондалъул рахъалдаса баркалаялъул кагъатги кьуна гьес Васильевасе – «Рамазаналъул чадир» абураб акция тIобитIулаго, щуазарго бусурманчи кваназавизе рес кьолеб гIарцул кумек гьабуралъухъ.