Бикъулеб ток дагьлъила
2023 соналде щвезегIан 277 000 счетчик хисизе буго
15 маялда «Дагъистан» РИАялда тIо-битIараб данделъиялда «Центр технического заказчика» АОялъул «Россети» ПАОялъул МахIачхъалаялда бугеб подразделениялъул нухмалъулев Александр Лейвенберица бицана Дагъистаналда токалъул бутIаялда гIадлу гьабулеб букIиналъул.
«2019 соналда жаниб токалъул мухъазул халгьабизе ккола. Чанго районалда гьединаб цIех-рехалъулаб хIалтIи гьабун лъугIулебги буго. Хадур хисизе руго электросчетчикал ва лъезе руго цIиял трансформаторал. Гьеб хIалтIи тIубазабиялъе харж гьабизе буго 11 миллиард гъуруш. Хисизе буго 277000 электросчетчик, разе руго тIадеги подстанциял, къачIазе руго 5500 километралъул халалъуда токалъул мухъал. Гьеб кинабго хIалтIиги гьабулеб буго халкъалъе санагIалъи букIинелъун ва ток бикъулареб хIал гьабиялъул мурадалда», — ян бицана Александр Лейвенберица.
Ихтияр гьечIого ток бачиналъул, ток бикъи-ялъул хIасилалда республикаялъул токалъул компаниялда хадуб 60 миллиард гъуршил налъи букIиналъги бичIчIула гьеб рахъ роцIинабизе заман щун букIиналъул.
ХIанипат Лабазанова