«Волоколамскалъул мальчишал»
Москваялдаса 130 километралъ рикIкIада, Большая Сестра абураб гIурул рагIалда буго Волоколамск районалъул Стеблево росу.
1941 соналъул 15 декабралда полковник Чанчибадзел отрядалъ тушманасдаса эркен гьабуна гьеб гьитIинабго росу. Гьениса тушманги вачахъун, БагIараб Армиялъул подразделениялъги тана Стеблево. Росуцоязда лъалаан, нагагь фашистал тIадруссун рачIани, гьез зулму гьабизе букIин.
Росу цIунизе хIадурлъи
Лъималазул рокъор гIурал Володя Овсяниковасги Саша Крыльцовасги хIукму гьабуна росу цIунизе хIадурлъизе. Гьез гIуцIана 11-16 сон барал лъималазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб букIана Финляндиялъулгун рагъда гIахьаллъарав Иван Володиница. Гьес лъималазда малъана тункIаздасанги пулеметаздасанги кьвагьдезе.
Немцал тIадруссана
16 декабралъул рогьалилъ Саша Крыловасда рагIана бекулеб гIаркьелалъул сас. Цо заманалдасан гьесда бихьана фашистазул мотоцикл. Сашаца чанцIулго кьвагьана гьезде. Фашистазул мотоцикл нахъбуссун ана. Къад росдаде гIагарлъана фашистазул цоги къокъа, амма гьездеги кьвагьдана гIолилал. Фашистазда ракIалде ккана росу цIунун аскариял ругин абун ва тIубараб къоялъ гьаруна росдаде гьужумал. Ахир-къадги гьез росу тана. Гьениб БагIараб Армиялъул солдатал ругилан ракIалде ккун батила гьезда.
Нилъерал рачIана
17 декабралъул къалъул гIужалда Стеблево росулъе рачIана БагIараб Армиялъул солдатал. Командованиялъ лъималазе баркалаги кьуна. Росу цIунарал лъималаздаги абизе лъугьана «Волоколамскалъул мальчишалин» абун.