Машгьурай магIарул шагIиралъул байрамкъо кIодо гьабизе буго
11 сентябралда ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов дандчIвана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъул васалгун. Гьез бицана шагIиралъул 85-сонилаб байрам кIодо гьабиялъул хIакъалъулъ.
МухIамад-Расул, МухIамад ва Жамбулат МухIамадоваз республикаялъул нухмалъулесе сайгъат гьаруна Фазул суратгун къватIире рачIарал почалъул къайиялъул тIоцересел экземплярал. Рамазан ГIабдулатIиповас, Фазу ГIалиевалъул гьунаралъе тIадегIанаб къиматги кьолаго, абуна гьелъул асараз жеги гIемер заманалъ къалъизаризе ругин дагъистаниязул ракIалин. «Гьей йикIана, лъикIай шагIирги, хъвадарухъанги, публицистги гурейги, дунялалда лъугьа-бахъунебщинаб жоялъул хIакъалъулъ хасаб пикру бугей гIаданлъунги. Гьей нилъеда кIоченаро», — ян абуна гьес.
Рамазанилги эбелалъулги гара-чIвариялги ракIалдещвезарун, Жамбулат МухIамадовас абуна, гьел гара-чIвариязул тIехь басмаялде бахъарабани, гьеб лъугьинаанин моралияб тарбиякьеялъул учебниклъун.
ДандчIваялда бицана Фазу ГIалиевалъе памятник лъеялъул хIакъалъулъги. Гьеб кватIичIого эхетизе буго шагIиралъул цIар кьураб шагьаралъул ахикь.