Канлъи цIунулел къагIидаби
Анлъабилеб марталда дунялалдаго кIодо гьабуна глаукома унтуде дандечIеялъул къо
Глаукомаялде данде къеркьеялде кIвар цIикIкIинабиялъул мурадалда, 2008 соналдаса нахъе гьелъул бицунеб къолъун бихьизабун букIана анлъабилеб март. Глаукома ккола беразда жанисеб бидул тIадецуй цIикIкIиналдалъун лъугьунеб унти. Гьелъул хIасилалда канлъиялъул нерв хола, канлъи дагьлъула яги тIубанго беццлъула.
Унти лъугьунеб куц
Жеги лъазе кIун гьечIо глаукома лъугьиналъе гIилла щиб кколебали. Беразул бидул тIадецуй (ВГД) цIикIкIанагIан, канлъиялъул жаваб кьолеб нерв хола.
Глаукомаялъул батIи-батIиял тайпабиги дандчIвала. Гьезда гьоркьоб бищунго цIикIкIун дандчIвала рагьараб бокIоналъул (открытоугольная) глаукома.
Дунялалдаго 2-3 % гIадамазул глаукома унти буго. Россиялда 1,2 миллион чиясул глаукома унти буго. Глаукома лъугьиналъул гIилла лъаларо, амма гьеб лъугьине рес буго
40-ялдаса цIикIкIун сонал рарав чиясул; гIагарлъиялъул цогIагиязул глаукома букIун батани; ракI унтараб бугони; артериалияб гипертония яги гипотония бугони; гIадал нах гьорой (мигрень) бугони; стероидал гьекъолел ругони.
Дару гьабичIони беццлъизе рес бугеб захIматаб унти жиб букIаниги, глаукома бугев чияс гIадатияб гIумру тIамизе бегьула. Офтальмологасул бербалагьиялда гъоркь гьоркьоса къотIичIого даруги гьабизе ккола.
Беразул бидул тIадецуй бугев чияс мехтизарулеб жо гIемер гьекъезе бегьуларо. Хъалиян цIалел чIахIияб ригьалъул гIадамазда гьоркьобги унти ккеялда хIинкъи буго. БецIаб рокъоб телевизоралъухъ ралагьизеги лъикIаб гьечIо. Спорталъулги кIудияб кIвар букIуна глаукома бугесул чорхое. Гьединго унтарас гIураб къадаралда кьижизе ва хIухьбахъи гьабизе ккола.
ТIубанго сахгьабизе кIоларо
Глаукома ккола гIиллаго гьечIого баккулеб унти. ГIемерисезда лъаларо жидерго глаукома букIин цIакъго канлъи дагьлъараб мехалда гурони. Дару гьабулеб гьечIони яги заман анагIан глаукома бугев чиясул канлъи тIубанго ссун инеги рес буго.
Сахал беразда жаниб гьоркьоса къотIичIого хIалтIула берзул лъамалъи. Гьеб лъамалъи хьвадиялъул къагIида хвани, лъамалъи бадибе бакIарун хутIула ва гьелъ берзул бидул тIадецуй цIикIкIинабула.
Глаукома унтиялъе аслияб дарулъун ккола берзул жанисеб тIадецуялда (ВГД) хадуб халкквей. ВГД ккезе биччачIони, берзул канлъи цIунизе бегьула. Жиндир заманалда ва битIун диагноз лъезе кIвани, унти лъалхъизабизеги кIола.
Лазералъулаб операция
Глаукома унтуца тIубанго беццлъизариларедухъ берзул жанисеб тIадецуй дагьлъизабизе ва берзул унтараб нерв сах гьабизе бегьула. Беразул жанисеб тIадецуй (ВГД) гIодоцинабизе лъикIаблъун офтальмологаз медикаментазулаб къагIида бихьизабула. Гьел ккола бадире тIинкIулел дараби. Цо-цоязухъа гьеб къагIида хIалтIизабун бажаруларо, глаукомаялде данде бадире тIинкIулел дараби багьаял рукIунелъул ва гьел гьоркьоса къотIичIого гьаризе кколелъул. Дараби гьаруниги берал сахлъулел гьечIони, лазералъулаб хирургиялъул къагIида хIалтIизабула.
Рагьараб бокIоналъул глаукомаялъе лазералъул операция гьабулаго, беразда жаниб букIунеб лъамалъи кколеб хIалалда хIалтIуледухъ лазералъул чIоралъ гIисинал къорал гьарула берзул цояб бокIоналда ва гьелдалъун берзул бидул тIадецуй дагьлъула.
Цо-цо мехалда лазералъулаб операция гьабун хадуб заманалдасанги цIидасан цIикIкIине бегьула беразул жанисеб тIадецуй. Гьеб мехалда операция гьабичIого жо кколаро.
К. Керимова, Р. Багьавудинова, М. Пайзулаева, ХI. ГI. Булачил цIаралда бугеб республикаялъулаб офтальмологияб
больницаялъул глаукоматознияб централъул ординаторал