Имам Шамилиеги памятник базе ккола
ЦIияб соналда цересел къоязда «Республикаялда цере гьарурал хъулухъазе гIоло» абураб орден кьуна Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахIикъав художник, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул кIицIул лауреат, профессор, скульптор ГIалихIажи Сайгидовасе. ГIалихIажиясул хIалтIаби рихьизе бегьула Россиялъул художествияб фондалдаги, Дагъистаналъул музеяздаги, республикаялъул шагьаразул къватIаздаги, хIухьбахъиялъул парказдагун сквераздаги. Гьезда гьоркьорги рехсезе бегьула М. Танкаевасе, ГI. Данияловасе, ЦI. ХIамзатие, И. Хъазахъие, гIурус учительницаялъе, ЦIада росулъ къункърабазе рарал памятникал, республикаялъул миллияб библиотекаялда лъурал Дагъистаналъул адабияталъул классиказе барельефал. Скульпторасул хIалтIаби лъун руго Эрмениялда, Азербайжаналда, Гуржиялъ. КIудияб художествоялъулабгун философияб магIна гъорлъ лъун буго ГIалихIажияс жиндирго гIагараб СалтIа росулъ ХIХ гIасруялъул Кавказалъул рагъул, граждан рагъул ва КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзазе бараб памятникалъулъги, гьениб аскIобго бугеб цIар рагIарав гIурусазул хирург Пироговасе бараб обелискалъулъги.
ГIалихIажи цIалана республикаялъул МухIидин Жамалил цIаралда бугеб художествияб училищеялда, Дагъистаналдаса лъабго чияс гурони лъугIичIеб И. Репинил цIаралда бугеб живописалъул, скульптураялъул, архитектураялъул институталъул скульпторал хIадур гьарулеб факультеталда.
— Щвараб лъаялда гIей гьабун чIарав художник цеве унаро, — ян абула Сайгидовас. — Щибаб лахIзаталъ, хIатта макьилъги скульптор ургъизе ккола цо кинаб букIаниги цIияб сюжеталда тIад, рекIелъ, пикрабалъ букIине ккола цIияб сюжет, эскиз. Художник ккола философ.
Скульпторасда республикаялъул тIадегIанаб шапакъат баркизе гьесул мастерскаялде щварав дун гIажаиблъизе гьавуна гьенир ратарал эскизаз, гипсалда хIадур гьарурал макетаз. Дун художество гъваридго лъалев специалист гьечIониги, гьесул хIалтIабазухъ балагьараб мехалда гIажаиблъизе бачIана. Дида ричIчIичIел цо-цо макетал гьес ричIчIизаридал, дида ккана гьел художникас рухI лъурал чIагоял жалин.
— ГIалихIажи, дида гьаниб бихьулеб буго кIиго чIужугIаданалъул скульптураги. Дагъистаналъул эбелалъе памятник дуца хIадур гьабулеб бугин абулеб букIана. Гьаб кIиябго скульптурайищха гьеб?
— Республикаялъул Культураялъул министерствоялъ конкурс лъазабун букIана Дагъистаналъул эбелалъе памятникалъе эскизалъе. Гьениб дир проект бергьун букIана. Гьелъул рахъккуна республикаялъул бетIерлъун вукIарав Р. ГIабдулатIиповасги. Гьеб букIана ботIрода кIазги чIварай, магIарул къагIидаялъ ретIа-къарай, яхъун чIун цояб кверги эхеде битIун, цояб квералъ лъимадул квер ккураб макет. Гипсалдаса мазгаралде рачIине байбихьараб мехалда, ГIабдулатIипов хIалтIудаса ана. Цевеса аравщинав какун ругьунал цо къапила лъугьана лъебелалъул, ай ГIабдулатIиповасул эбелалъул сипаталда гьабураб скульптура бугин гьебилан гьерсал, гIахьучIал тIиритIизаризе. ХIасил-калам, гьеб къабуллъичIо цIибачIараб командаялъеги, кутакалда лъикIаб бугилан цебеккун гьеб беццаразеги. ЦIидасанги лъазабуна конкурс. Гьенибги бергьана дир хIалтIи – гьале дуда цебе буго аскIоб лъимерги ккун гIодой чIарай Дагъистаналъул эбелалъе памятник. Гьеб букIине буго ункъо метр борхалъиялъул. Гьеб проект къабул гьабуна комиссиялъги, дандбан буго республикаялъул нухмалъиялдаги. Гьезги гьеб лъикIаблъун рикIкIана.
— Киб лъезе бугеб памятник?
— Памятник лъеялъе чIванкъотIун тIасабищараб бакI гьечIо. Буго кIиго пикру: «Ленинград» гостиницаялда аскIоб ялъуни Кировасул цIаралда бугеб къватIалъул сквералда. Россиялъул ва къватIисел улкабазул цониги шагьар гьечIо эбелалъе, чIужугIаданалъе памятник лъечIеб. Нилъер гьаниб гьеб цебего эхетизе кколаан.
— Дур цо-цо скульптураби ричIчIизе захIмалъула. Мисалалъе, Р. ХIамзатовасул къотIноб лъун букIараб «Мать и дитя» скульптура какулелги дагьал рукIинчIо. Гьанже гьеб нахъе бахъун буго. Кибе гьеб араб?
— Искусство бичIчIулел чагIи нилъер гIемер руго. Квеш ккараб жо буго гьеб бичIчIуларезул гьаркьал цIикIкIунел рукIин. Цо-цо мехалда дида ккола дун ЕвропаялдагIаги вукIараваниян. «Мать и дитя» скульптураялъе гьеб бичIчIулел чагIаз лъикIаб къимат кьуна. БичIчIуларезул кумекалдалъун шагьаралъул цеве вукIарав мэрас нахъе бахъизабуна. Гьеб босун ана Дагъистаналъул югалъулаб рахъалде ва гьениб цо райцентралда лъунги буго. Искусство «цIакъго бичIчIулез» бицине байбихьана ГIурустеатралда цебе лъун бугеб «Прерванная музыка» абураб скульптураялъулги. Искусство бичIчIулел дагъистаниязги Москваялдаса рачIарал художниказги гьелъие тIадегIанаб къимат кьедал, руцIцIунги чIана. Памятникал, скульптураби рукIине ккола философияб магIна гъорлъ бугел, балагьарал ургъизе, пикру гьабизе, хасго гIолилал анищал гьаризе тIамулел, рухIияб рахъалъ инсан бечед гьавулел. Искусствоялъул къимат гьабуларо нилъер гьаниб. Цебе гIадин Культураялъул министерствоялъги гьелде кIварго кьоларо. ХIакъикъаталдайин абуни, букIине ккола иш лъалел чагIаздаса гIуцIараб художествияб совет. Гьебги цогидабги гьечIолъиялъ нилъ рачунел руго рухIияб хъарцинлъиялде. БитIахъе ракI унтула гьадингоял дилетантаз искусство чIвалеб бихьидал.
— Имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тIубаялде памятникалъе лъазабураб дур проект бергьун букIана. Гьаниб мастерскаялда гьелъул гьитIинаб копияги бихьулеб буго. Щай гьеб лъечIеб?
— 1997 соналда имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тIубаялде лъезе кколаан памятник. 1996 соналдаго дица гипсалдалъун хIадурун букIана кIиго метр борхалъи бугеб скульптура. Чода рекIарав имамасул памятникалъул борхалъи букIине кколаан анлъго метр. Гьеб лъезе тIасабищун букIана троллейбусалъул горсвери бугеб бакIги. Пачалихъияб советалъул председательлъун вукIарав МухIамадгIалигун цадахъ дихъе рачIун рукIана республикаялъул кинабго нухмалъиги. Гьел разигоги хутIана памятникалдаса. М.-ГI. МухIамадовасул кагъатгун дун ана Москваялде, Роскультураялде. Гьезулгун дандги бан, щвана литейнияб заводалде. КъотIи-къай гьабуна авансалъе цебеккун гIарац гьенибе битIизе ва цинги памятник гьабизе байбихьизе. Гьелдаса хадуб байбихьана бада-гъудур. Диналъ гьукъараб бугин инсанасул сурат гьабизеян лъугьана диниял цо-цо церехъаби. Гьезул асарищ цIикIкIараб ялъуни политикайищ гьоркьоб чIварабали, хIалтIи чIун хутIана. Парангазул колонизаторазде данде вагъулев вукIарав бусурманчи ГIабдулкъадирие къоло лъабго метралъул борхалъи бугеб памятник гьабун буго Алжиралда. Турциялда, Египеталда, Азербайжаналда, Гьоркьохъеб Азиялъул улкабазда ран руго памятникал, нилъ ругеб къагIидаха бищун цIакъал.
Дида бичIчIухъе, гьениб политика хIалтIизабуна. Пачаясул Россиялда данде имам Шамил вагъана эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло. Гьев вукIана рухIияв цевехъан гуревги, жинца Европаялдацин букIинчIеб халкъияб, демократияб пачалихъ гIуцIарав политик, полководец, гIалимчи, реформатор. Имам Шамилие цо бакIалда гуреб чанго бакIалда лъезе ккола памятник. Жеги гьеб лъун гьечIолъиги ккола дагъистаниязе ничаб жо. Шамилил скульптураялъухъ валагьизе дир мастерскаялде вачIун вукIана Расул ХIамзатовги. Гьес бицана Совет Союзалдаса рачIарал машгьурал хъвадарухъабиги рачун жив Гъуниве щванила ва гьезда тIабигIатги, рагъ ккарал бакIалги рихьизарун хадуб гьез гьикъанила Шамилие бараб памятник киб бугебилан. Гьезда абизе жиндидаги рагIи батичIила.
Пайзула Пайзулаев