«НТВ-ПЛЮСалъулгун» къотIи гьабуна
Дагьал церегIан къоязда Сочиялда тIобитIараб тIолгороссиялъулаб инвестициязулаб форумалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас, 10 кIудияб проект гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда, къотIаби хъвана. Масала, «НТВ-ПЛЮС» ОООялъул генералияй директор Наталья Горбуновалъулгун гьабуна къотIи-къай. Гьелда рекъон, дагъистаниязе чIобого биччазе буго тарихазулаб спутникалъул телевидение.
«2009-2018 соназда РФялда телерадиовещание цебетIезаби» абураб федералияб программаялда рекъон, регионалда бан лъугIун буго тарихазулаб эфиралъулаб телевещаниялъул телевышка.
2019 соналъул январалдаса июналде щвезегIан дагь-дагьккун аналогияб телевидение хисун тарихазулаб телевидение хIалтIизабизе байбихьизе буго республикаялда. ГьабсагIаталда республикаялъул 54705 чияс гIумру гьабулеб 26 районалъул 138 росулъ тарихазулаб телевидениялъул сигнал кквезе рес гьечIо.
Гьабураб къотIиялда рекъон, исана тIоцебесеб марталдаса байбихьун, Дагъистаналъул рикIкIада ругел росабалъеги «НТВ-ПЛЮСалъ» чIобого биччазе буго тарихазулаб телевидение. Гьелъул хIасилалда бихьизе буго 20 батIияб канал.