Рак унтиги сах гьабула
Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда рак унти цIикIкIун буго 35 проценталъ
2017 соналда ругел баяназда рекъон, Дагъистаналда ракалъ унтун вуго 4899 чи (2346 бихьинчи ва 2553 чIужугIадан). 2018 соналда, каранда рак унти бугин абун, хъвай-хъвагIай гьабун буго 578 чIужугIаданалъул, ай 100 азаргоялда гьоркьоса 150-ялъул (тIолабго Россиялдаго — 408-ялъул). Нилъер республикаялда соналдаса соналде цIикIкIунеб буго ракалъ унтаразул къадар, тIадежоялъе, гьеб «гIолохъанлъулебги» буго. Рак унти букIин лъайдал, унтарасе дунял бачIинахъего кIийиде бикьула — «унтилалде» ва «унтун хадуселде». «Унтилалде» букIаралда хутIула ругьунаб гIумру, бокьулеб хIалтIи, гьудул-гьалмагълъи ва гIагарлъи. «Унтун хадуселда» — цохIо мунго.
КигIанго захIмат букIаниги, сахлъиялда хьул букIине кколин рикIкIунеб буго ДГМУялъул онкологияб кафедраялъул доцент, республикаялъул онкологияб централъул хирург-онколог-мамолог ГIумардибир МухIамадовас.
Рак унти ккеялъе рукIунел гIиллабазул, гьеб сахгьабиялъе республикаялда ругел ресазул, гьелдаса цIуна-къай гьабизе кколеб къагIидаялъул хIакъалъулъ бицун, гьесулгун гьадинаб гара-чIвари гьабуна нижеца.
— ГIумардибир, рак унти сундалъун ккезе бегьулеб?
— Рак унти ккола пуланаб логол клеткаби цIакъго гIемерлъи, ай гьезул къадар хIатталдаса ун цIикIкIин. Гьелъие бугеб гIилла жеги лъалебги гьечIо. Унти ккеялъе квербакъула клеткабазул геназул ва гормоназул гIунгутIабаз, квешаб экологиялъ, заралиял вирусаз, гIумру гьабулеб куцалъ, хъалиян цIаялъ, мехтизарулел жал гьекъеялъ, лъимер рехиялъ… Гьез квешаб асар гьабула геназул аппараталъе. Рак унти ккола цо клеткаялъул магIна хвеялдаса.
— Рак унти «гIолохъанлъулеб» бугин абулелъул, гьелъие бугеб гIилла щиб?
— Жакъа гIолилаз бигьаго гIумру тIамулеб букIин ккола гьелъие бугеб аслияб гIилла. Гьез бакIаб хIалтIи гьабуларо: я магь баччуларо, я хурир хIалтIуларо, хъахIаб чедги кун, сериалазухъги, балагьун, тахида регун унеб буго хIалчIахъадазул гIумру. Гьез къанагIатги кунаро хъачIаб, къвакIараб квен, кванилъ гIемер хIалтIизабула кьаралъи. КватIун гурони ясал росасе унаро, кватIун гурони гьез лъимер гьабуларо. Гьел гIунгутIабазул «кумекалдалъун» ккола гIолилазул чорхолъ рак унти. Ясазул гормоназул магIна хола, каранзул клеткабазулъ гьел цIикIкIуна, гьелдалъун гьезул каранда рак унтиги ккола.
— Берккеялда хIинкъараб сахлъи БетIергьанас кьурав чиясдаги тIатунагури рак унти…
— Рак унти ккеялъе цо гIилла букIунебани, бигьаго букIинаан гьелда данде къеркьезе. Рак унти букIине бегьула эбел-инсудаса ирсалъе щварабги, вирусал-бактериязул «гIайибалдалъун» ккарабги, гIураб къадаралда пихъ ва овощал щвечIолъиялъ ва кколеб къагIидаялда черх кIвекIуларого букIиналъ ккарабги.
— Кинаб гIилла рикIкIунеб рак унти ккеялъе бищунго кIвар кьезе кколеблъун?
— Гьуъразда рак унти ккеялъе аслияб гIиллалъун рикIкIуна хъалиян бухIи, гьеб гуребги, гьелъ рак ккезабула кIветIалда ва мукъулукъалда.
Дагъистаналда тIоцебесеб бакIалда буго руччабазул курмузда рак унти ккеялъул хIужа, кIиабилеб бакIалда — гьуъразда, лъабабилеб бакIалда — тIомода, ункъабилеб бакIалда — чохьода ва бицатаб бакьалда, щуабилеб бакIалда — предстательнияб цIекIгьанада…
КьучIдасанго хисун буго жакъа гIадамаз гIумру гьабулеб къагIида. Тамахаб гурони квен кунеб гьечIо, рагъари дагьлъун буго. Гьеле рак унти ккеялъе квербакъулел цоги гIиллаби. ГIемер заманалъ гIодорчIей ва саяхълъиялда гIумру тIами ккола предстательнияб цIекIгьанада рак унти ккеялъе бугеб аслияб гIилла.
— Дагъистаниязул гIемерал гIарзал рукIуна республикаялда медицинаялъул хъулухъ гIодобегIанаб даражаялда бугинги абун. Масала, гIурал дараби рукIунарин, халатал иргаби рукIунин, хъулухъ гьабиялъул даража тохаб бугин. Республикаялъул онкологияб централда гьеб рахъалъ кинаб хIал бугеб?
— Араб гIасруялъул 70-абилел соназда бараб онкоцентралъул минаялда унтаразе чIезабун буго 200 койка, ай гьеб къадар тIолабго Россиялда бугелдаса лъабго нухалда дагь буго. Гьеле халатал иргаби рукIиналъе бугеб цо гIилла. Дагъистаналда гIадин лъабго миллион халкъ бугеб Россиялъул регионалъул онкоцентралда унтаразе чIезабун букIуна 600-700 койка. Республикаялъул сахлъицIуниялъул министрасул кумекалдалъун онкоцентралда бана цIияб поликлиника ва 60 койкаялъул стационар. Планалде босун буго гьениб радиологияб центр ва больницаялъул цоги корпус базе. Росана гIемерал унти чIезабулел алатал. ХIалтIизе байбихьана позитронно-эмиссионияб томограф.
Амма камуларо цIакъго багьаял цо-цо дараби гIоларо рукIиналъул квалквалги. Тохтурзаби гIоларого рукIиналъул масъалаги жакъа тIубазабулеб буго.
— Онкологияб хъулухъ къваригIарабщиналдалъун хьезабиялда бюджеталъул гIемераб гIарац хвезабулеб бугониги, республикаялда ракалъ унтулезул ва холезул къадар цIикIкIиналъе гIилла щиб?
— ТIолабго дунялалдаго гIадин, Дагъистаналдаги ракалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб буго. 2018 соналда республикаялда гьелъ унтаразул къадар бахун буго 151 азарго чиясде, гьоркьохъеб хIисабалда щибаб соналъ республикаялда щивав 100 азарго чиясда гьоркьоса 80-100 чи унтулев вуго. Гьедин букIаниги, унтулезул ва холезул къадар нилъер гьаниб Россиялъул регионаздаса саламатго дагь буго. Гьел хIужабаз бицунеб буго республикаялъул онкологияб хъулухъалде харж гьабулеб гIарац лъикIал хIасилал кьолеб къагIидаялда хIалтIизабулеб букIиналъул.
— Онкологаз абулеб буго цудунго тIатинабуни, рак унти сахгьабизе кIолин, амма цудунго тIатинаби захIматаб масъала кколилан. Сунда бараб бугеб гьеб захIмалъи: унти чIезабиялъул гIунгутIабаздайищ яги гIадамазул жидерго сахлъиялде гьечIеб тIадчIеялдайищ?
— Рак унти киналгIаги гIаламатаздалъун загьирлъуларо, гIаламатал тIатиндал, унтиялъ жиндирабго босула. Гьелъулъ буго аслияб масъала-захIмалъи. Унти цудунго тIатинабиялъул мурадалда, щивав чи вукIине ккола тохтурасул халкквеялда гъоркь. Кинаб ригьалдаса байбихьун чи онкологасухъе ине кколевин абураб суалалъе чIванкъотIараб жаваб кьезе захIмалъула. Амма 35-40 сон барав чи лъагIалида жаниб кIиго нухалъниги гьесухъе ине ккола. Унти цудунго тIатинабиялъул мурадалда, чара гьечIеблъун ккола зама-заманалдасан республикаялъул тIолабго халкъалъул цIех-рех гьаби. Гьединаб цIех-рех Россиялда халкъалъул ункъо проценталъул гурони гьабуларо.
— Унти сахгьабиялъе гьаб заманалъул кинал къагIидаби хIалтIизарулел?
— Сахгьари бараб букIуна унтиялъул даражаялда, унтарасул ригьалда ва гьесул чорхолъ ругел цогидал унтабазда. Аслияб къагIидаялда унти сахгьабула хирургиялъул кумекалдалъун. ХIасилазухъ балагьун, операциялдаса хадуб гьабула химия-терапия, гормоно-терапия ва лучевая терапия. Жакъа къоялъул къагIидабазул кумекалдалъун хирургас жигар бахъула унтараб лага цIунизе. Масала, церетIурал улкабазул хирургазухъа бажарула 95 проценталдасаги цIикIкIун руччабазул, нахъе къотIичIого, керен цIунун. Нилъер гьанибин абуни, гьелъул бицинего нечараб хIал буго, хирургазухъа бажаруларо, цIакъго дагьал руччабазул гурони, керен цIунун. Къокъго абуни, нилъер республикаялда гьеб рахъалъ хирургияб хъулухъ хашго буго. Гьединлъидал захIматго ракалъ унтарал чагIи операциял гьаризе Россиялъул шагьаразул машгьурал медицинаялъул центразде ине ккола.
— Ракалъ унтарал чагIазе щиб гIакълу дуца кьелеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, гьез тохтурасухъе хитIаб гьабизе ккола ва сахгьаризе ккола гьелъие шартIал ругеб хасаб больницаялда. Аслияб жо ккола унтарасул сахлъиялда божи ва тохтурасул хIалбихьи. Ракалдаса ворчIуларин абун, гIумруялде квер хьвагIун чIезе бегьуларо, къеркьезе ккола. Аллагьасул хIикмат камуларо, тохтурас хвезе витIарав чи сахлъарал лъугьа-бахъиналги чанги ккола.
Нури Нуриев