50 нухалъ цIикIкIун
Кьишни нахъе босаралъухъ багьа бахинабуна
ЖКУялъухъ, ай минаялъулгун коммуналияб хъулухъалъухъ, кьолеб гIарац цIикIкIана 2019 соналда. Пачалихъияб Думаялъул экологиялъул комитеталъ абулеб буго гьеб анцI-анцI нухалъ цIикIкIинабизе бугинги.
Кьишни нахъе баччаралъухъ кьолеб гIарац унаан «Содержание и ремонт жилого помещения» абураб пункталде гъорлъе. Гьелъухъ багьа босулаан, квадратияб метралъул хIисабги гьабун. Масала, цо-кIиго чияс жаниб гIумру гьабулеб бугониги, 70 квадратияб метралъул минаялъул бетIергьанас гьелъухъ гIарац кьолаан 35 квадратияб метр бугесуласдаса, гьениб щуго-анлъго чияс гIумру гьабулеб бугониги, дагьаб къадаралда. БичIчIулеб батила, кIигоялдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб бакIалда кьишниги цIикIкIун букIунеблъи.
Гьеб хIужаги кьочIое босун, депутатазда ракIалде ккана ритIухълъи чIезабизе. Гьез загьир гьабуна, пуланаб рокъоб гIумру гьабулев чиясул хIисабги гьабун, кьишниялъухъ мухь босизе кколин абураб пикру. Пуланаб идараялъухъа босулеб мехалда хIисабалде босизе буго гьенир хIалтIулел гIадамазул къадар.
Кьишниялъухъ багьа босулаго, кьочIое босизе буго кIиго далил: муниципалияб нухмалъиялъ чIезабураб кьишни данде бакIариялъул нормативги кьишниялъул цо кило нахъе босиялъухъ регионалияв операторас чIезабураб тарифги. Регионалияв операторги тIасавищула бакIалъул нухмалъиялъ. ЦIияб соналдасан багьа цIикIкIинабиги бараб букIине буго рехсараб кIиябго далилалъухъ багьа бахинабиялда.
Кьишниялъул норматив
Нормативал чIезаризе байбихьана 2016 соналда. Цо чияс, лъагIалида жаниб гIумру гьабулаго, кигIанасеб кьишни гьабулеб – гьелда рекъон чIезабула норматив. ГIадамаз гIумру гьабулеб бакIалъухъаги гьел хIалтIулел идарабазухъаги босулеб нормативги букIуна батIи-батIияб. Гьел нормативал батIи-батIиял руго щибаб регионалда.
Масала, Дагъистаналъул тарифазул хъулухъалъул баяналда рекъон, кьишни нахъе баччаралъухъ багьа чIезабун гьечIо – гьеб иш тIалъула гьеб хIалтIи гьабулел компанияздаян абулеб буго гьез. Рехсараб хъулухъалъул сайталда лъун буго гьадинаб суал: «Дир буго ижараялъе босараб партал бичулеб тукен. Гьелъул гIаммаб гIатIилъи буго 30 квадратияб метр, дармил бакIалъул гIатIилъи – 18 кв.м. Дир тукенги буго цогидаб минаялда жаниб. Бегьулищ дица, гIаммаб минаялъулалда цадахъ гуреб, батIаго гIарац кьезе кьишниялъухъ? Кинаб бугеб тариф? Нужер сайталда дида ратичIо тарифал хъван», — илан.
Кьун буго гьадинаб жавабги: «Законалда рекъон, кьишни баччи кколаро пачалихъалъ рекъезабулеб иш. Гьеб буго конкуренциялъулаб хIаракат ва гьелъул багьаги чIезабула гьеб хъулухъ тIубалеб идараялъ, потребителасулгун гьабураб къотIиялда рекъон», — илан.
Интернеталъул гьурмал хъирщараб мехалда, цебечIолеб буго гIажаибаб сурат. Масала, бакIалъул нормативазда рекъон, Ставрополь краялда бугеб тукадул щибаб квадратияб метралдаса лъагIалида жаниб къватIибе баччулеб буго кьишниялъул 383 кг, Астраханалда – 250 кг, Калининградалда – 165 кг, Пенза областалда – 84,2 кг, Ростов областалда – 297 кг, Омск областалда – 43,8 кг ва Алтаялда – 13,6 кг.
ЦIиял нормативазда рекъон, гIадамазул къадаралде кьишниялъухъ багьа рекъезабулеб бугони, Москваялда босизе буго цо чиясухъа 90 гъуруш, Санкт-Петербургалда – 85,38 гъуруш, Иркутскалда – 87,5 гъуруш, Краснодаралда – 97,32 гъуруш, Иваново областалда – 88 гъуруш. Гьебги – кьишни батIаго бакIарулеб бугони. Гьелъул мурадалда къватIазда лъезе ккола батIи-батIиял къалал: кванил нигIматазул хутIелазеги, кагътиеги, цIорол цIарагIалъегун цIералъеги, батIабахъичIеб кьишниялъеги.
Абулеб буго, кьишниялъухъ гIарац бакIариялъул къагIида хисизабиялъе кьучIлъун кканин экология хашлъулеб букIин. Экспертазул баяназда рекъон, гIемертIалаяб минаялда гIумру гьабулев щивав чиясул моцIида жаниб данделъула кьишниялъул 0,751 кубическияб метр. ЛъагIалил хIисаб гьабуни, гьеб ккола 2,1 кубическияб метр. Амма кьишниялъул гьеб къадаралъ экологиялъе гьабулеб зарал мухIканго чIезабун бажаруларо, щайгурелъул щибаб шагьаралъул хаслъи букIуна. БатIи-батIияб букIуна кьишниялъул заралги щивасул кьишниялъул роцен чIезабулел къагIидабиги.
Амма, кьишниялъухъ гIарац бакIарулаго, жеги хIисабалде босула шагьаралъул къватIазда лъурал къалаздаса кьишни данде гьабиги, гьеб шагьар тун къватIибе щвезабиги, пуланаб бакIалда гьеб букъиги. Гьелъухъ унеб харжги бегизабулеб буго гIадамазул гарбазде. Щайгурелъул нилъехъа бакIарараб гIарцухъ гьеб хIалтIиги гьабула, хIалтIухъабазе харжалги кьола, машинабазе хIажатал алаталги росула, цIатариялъухъги кьола. Гьеле гьел хIужабазде мугъги чIван, чIезабула кьишниялъухъ тарифги.
Киб ва кигIан
Регионазда чIезабун буго батIи-батIиял бакIаздаса кьишни баччаралъухъ батIи-батIияб багьа. Масала, лъималазул ахикьа, цо лъимадул хIисабги гьабун, лъагIалида жаниб къватIибе рехулеб буго: Камчаткаялда – 186 кило, Ставрополь краялда – 181, Ростов областалда – 177, Киров шагьаралда –61 ва Владимир областалда – 48. Бищунго дагьаб буго Ленинград областалда – 43,5 кило лъагIалида жаниб.
Гьелдасаги дагьаб кьишни бакIарулеб буго рехсарал регионазул лъайкьеялъул идарабазда. Калининградалда гьеб гIаксалда буго: лъималазул ахалдаса – 96 кг, амма цIалдохъабазул яги студентазул – 130 кг; Алтаялда – 81,4 кг, Ставрополь краялда – 68, Иваново областалда – 53, Владимиралда – 34, бищунго дагь – Ленинград областалда – 12,4 кг.
Щай гьедин кколеб бугеб? Гьеб суалалъе жаваб гьечIо.
Кинго бичIчIуларо АЗСазухъ босулеб кьишниялъул багьаги. Цо машинаялъе бакIалъухъ балагьун, Ленинград областалда лъагIалие чIезабун буго 1950 килоялъул норматив, Ростов областалда – 1696, Иваново областалда – 1320, Омск областалда – 167, Пенза областалда – 28 ва Кировалда – 27,2. Кин бакIарулеб гьебгунияб кьишни заправкаялда? Гьениб гьечIо кинабгIаги производство. Бензинги къолонибе тIола ва гьениса – машинабазде. Кинаб кьишни букIунеб гьениб?
Кафе-столоваязе чIезабун буго жеги гIажаибаб норматив. Щибаб кафеялда бугеб цо бакIги хIисабалде босун, Ставрополь краялда чIезабун буго лъагIалида жаниб кьишниялъул 543 кг, Ростов областалда – 446, мадугьалихъ бугеб Астрахань областалда – 53,8, Владимир областалда – 244, Омск областалда – 162, Алтаялда – 68 ва Кировалда – 240. БатIа-батIагойищ квен гьабулеб щибаб регионалда? Яги цо регионалда гIадамаз бащдаб гъадринибго тун, цогидаб регионалда тIубанго кунищ бахъинабулеб?
Парикмахерскаязулги буго гьединабго батIалъи. Алтаялда, парикмахерскаялъул цо чиясе бакIги хIисабалде босун, лъагIалил норматив бахуна кьишниялъул 227 килоялде, Ростов областалда – 680 килоялде, Ставрополь краялда – 597, амма Астрахань областалда гIицIго 32. Астраханалде киналго тIохIокал ракIарун ругеб къаг1ида.
Багьабаз хIанчIулеб буго
Кьишниялъухъ гIарац босиялъул цIияб къагIида хIалтIулеб буго 2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе. Цо-цо регионазда гьелъухъ босулеб багьа цIикIкIана 50 нухалъ. Гьелда бан, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Владимир Бурматовас загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Красноярск краялъул Туруханалъул технологияб зонаялда гIумру гьабулеб лъабго чи вугеб хъизамалъухъа гьанже босула 13 азарго гъуруш (цебе кьолаан 230 гъуруш), ай багьа цIикIкIана 56 нухалъ. Ямал районалда гIумру гьабулеб гьединабго хъизамалъ кьезе буго 63 гъуршил бакIалда кIиазаргоялдаса цIикIкIун гъуруш, ай 33 нухалъ цIикIкIун. Ингушетиялда кьишниялъул багьа бахана 18,5 нухалъ, Гъоркьияб Новгород областалда – 17 нухалъ, Астрахань областалъул Харабалин районалда – 9,6 нухалъ, Курган областалда – микьго нухалъ, Пермь краялъул Юрлин районалда – 6,6 нухалъ, Коми Республикаялда – 5 нухалъ, Иркутск областалда – 4,4 нухалъ, Воронеж областалда – 4 нухалъ», — ан.