ГIинкъасдаги кIола рагIизабизе
Лъабго миллион чияс гIумру гьабулеб Дагъистаналда вукIине ккола лъеберго сурдолог
Дагъистаналда гIинкъал ва гIинда бакIал гIадамазул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Гьелъие ругел гIиллабазул, гьеб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъе гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул клиникияб больницаялъул №2 оториноларингологикияб отделениялъул заведующий, республикаялъул бетIерав отоларинголог Юнускъади Жамалудиновасулгун.
— Юнускъади, бокьилаан къокъго гьел масъалабазул хIакъалъулъ бицани.
— ТIолгодунялалъул сахлъицIу-ниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, дунялалда вуго 70 миллион гIинкъав чи. ГIинда бакIазул къадарин абуни жеги цIикIкIараб буго. Цоги, дунялалъул халкъалъул 17 проценталъул букIуна гIундузда жаниса лъугIиго гьечIеб сас. Россиялда вуго гIинда бакIав 13 миллионалдасаги цIикIкIун чи, гьездаго гьоркьоб — миллион лъимерги. 1000 лъимада гьоркьоса цо лъимер букIуна тIубанго гIинкъаб.
— Щиб жо кколеб сурдология?
— Сурдология абулеб латин рагIиялъул магIна ккола гIинкълъи абураб. Сурдологиялъул аслиял масъалабиги ккола гIинкълъи ва гьелда хурхарал кIалъаялъул гIунгутIаби сахгьари, гьединго рагIиялъул гIунгутIаби ругел чагIазе медицинаялъулаб, педагогияб ва социалияб къагIидабазда унтудаса хадуб сахлъи рукIалиде ккезабиялъе кумек гьаби.
— Дагъистаналда кин гIуцIун бугеб сурдологияб хъулухъ?
— Республикаялда хIалтIулеб буго ункъо сурдологияб кабинет ва гьенив хIалтIулев вуго анлъго тохтур-сурдолог. Медицинаялъулаб стандарталда рекъон, лъабго миллион чияс гIумру гьабулеб Дагъистаналда вукIине ккола лъеберго сурдолог. Анлъго сурдологасдаса щугояв хIалтIулев вуго МахIачхъалаялда, цояв — Дербенталда. Гьединлъидал, гIинда бакIал чагIазе захIмалъулеб буго сурдологасухъе рачIине, гьелдаса пайда босулеб буго коммерциязул гIуцIабазги. ГIарацги босун, гьез тIаде босулеб буго гIинда бакIал ва гIинкъал инвалидазул цIех-рех гьабиялъул ва гьел сахгьариялъул жавабчилъи.
— ГIинда бакIлъиялъул масъала бугев чи сурдологасухъе кин вачIине кколев?
— ТIоцебесеб иргаялда, гьес хитIаб гьабизе ккола гIумру гьабун вугеб бакIалъулаб поликлиникаялъул оториноларингологасухъе. Гьес хал-шал гьабула ва, направлениеги кьун, чIахIиял чагIи ритIула республикаялъул клиникияб больницаялъул консультативияб поликлиникаялде. Гьенир гьел кIиго сменаялда тIаде къабул гьарула тIадегIанаб лъай-махщел бугел сурдологаз. Лъималин абуни ритIула лъималазул гIемеррахъазулаб больницаялъул поликлиникаялде.
— Циндаго гIинкълъиялъе кинал гIиллаби рукIине бегьулел?
— Циндаго гIинкълъиялъе рукIине бегьула гьал хадур рехсарал гIиллаби:
1. Вирусазул загьруял жал ургьимесалъулъе ккей.
2. Дарабазул загьруял жал ургьимесалъулъе ккей (антибиотикал, гьединго кIващ бачIинабулел ва гьор инабулел дарабазул квешаб хIасил.
3. Бидурихьазул гIунгутIаби (би бакъван лъугьараб горо, эмболия, бидурихь букIкIин).
4. Ругъун.
ГIинкълъизе бегьула инфаркт ва инсульт ккун хадубги.
— ГIинда лъолел протезал чIорого лъие кьолел?
— ГIинда бакIав чиясе рагIиялъул аппараталъ кумек гьабула сверун ругел гьаркьал, сасал рагIиялъе ва бицунеб жо бичIчIизе. Гьелги рукIуна батIи-батIиял.
Гьел чIорого кьола инвалидазе, гIинда бакIал цогидал чагIаз жидецаго росизе ккола. РагIи рагIизабулеб аппарат чIобого щвезе ккани, пациентас хитIаб гьабизе ккола сурдологияб кабинеталде, гьениб цIех-рехги гьабун, медицинаялъулаб хIасилги босун, витIула социалияб рахъалъ хьезариялъул фондалде, гьенисаги рагIиялъул академиялде (коммерциялъулаб идара). Гьениб гьесие кьола аппарат, гьелдаса битIун пайда босизе ругьунги гьавула РКБялъул консультативияб поликлиникаялда вугев инженер-слухопротезистас. Цебего заман щун буго гьеб аппарат цо бакIалдаса кьолеб къагIида гьабизе ва рагIиялъул гIунгутIаби ругел унтаразе сахлъи рукIалиде ккезабиялъул центр гIуцIизе.
— Щиб жо кколеб аудиологикияб скрининг?
— Аудиологикияб скрининг ккола хIакъикъияб къагIидаялъул цIех-рехаздалъун гIинда рагIиялъул даража чIезаби. ТIоцебесеб бутIаялда гьединаб халгьаби тIобитIула роддомалда, лъимералъ 3-4 сордо-къо байдал. КIиабилеб бутIа — лъималазул поликлиникаялда такрар гьабиялъулаб халгьаби — лъимералъ 4-6 анкь байдал. Лъабабилеб бутIа – диагностикияб цIех-рех гьабула сурдологияб централда лъимералъ лъабго моцI балелде. Гьединал цIех-рехаз рес кьола гIинда рагIиялъул гIунгутIи чIезабизе ва жиндир заманалда сахгьариялъулалгун профилактикиял тадбирал тIоритIизе.
— Бажарулищ тIубанго гIин-кълъарал чагIазе кумек гьабун?
— Бажарула. Масъала тIубала кохлеарнияб имплантациялъ. Кохлеарная имплантация абула тIубанго гIинкъал чагIазул гIинда рагIи цIигьабиялъул тадбиразул системаялда. Гьелда гьоркьобе уна щуго батIияб ва цоцада гьоркьоб бухьен бугеб бутIа:
1. Жибго аппарат (кохлеарный имплант ва каламалъул процессор), хIукуматалъ гьеб чIобого кьола.
2. ГIинкълъиялъул цIех-рехги гьабун, гьеб аппарат лъезе унтарав тIасавищи.
3. ВМП программаялдалъун имплант лъеялъул операция гьаби.
4. Каламалъул процессор рекъезаби ва хIалтIизе биччай.
5. ГIинкъасда цIидасан гьаркьазул сигналазда нахъгIунтIизе малъи. Лъабго сонил ригьалде бахиналдего лъимадуе гьабуни, гьелъул лъикIаб хIасилги ккола.
— ГIинкълъиялъул масъала бугел чагIазе гьаб заманалъул кумек гьабиялъе дуца нухмалъи гьабулеб отделениялъе чара гьечIого хIажатаб жо щиб бугеб?
— Нижее чара гьечIого къваригIун буго микроскоп. Гьелъул кумекалдалъун бажарула операциял гьаризе. Гьединал операциязул сияхIги халатаб буго. Аслияб къагIидаялда гьел ккола гIинда рагIи лъикIлъизабулел операциял. Микроскоп бугони, нижехъа бажарула 200-300 операция гьабун.
Цебе нижеца кохлеарная имплантация абулел операциязда-лъун гIинкъал чагIазе гIинда рагIи тIадбуссинабулаан. Жакъа гьединал операциял федералиял центразда гьарулел руго. Гъоркьиса нижеца, квотаби кьун, гьениве витIана 100 унтарав. Операциялдаса хадуб саламатаб заманалда гьел пациентазул сахлъи рукIалиде ккезабизе ккола. Гьезда малъизе ккола гьаракь-сас рагIизе. Гьенир рукIуна психологиял лахIзаталги, сахлъи рукIалиде ккезабиялъе хIажалъула 12 специалист.
Гьединаб операциялдаса хадуб сахлъи рукIалиде ккезабиялъе къваригIунеб хIалтIи республикаялда жеги гIуцIун гьечIо. Чанго нухалъ нижеца гьеб суал борхана. Нилъер
регионалъе чара гьечIого хIажат буго гIинда рагIиялъул сахлъи цIуниялъул центр гIуцIизе. Жакъа 150 азаргоялдасаги цIикIкIун чиясе хIажат буго гьединаб централда сахлъи рукIалиде ккезабизе.
— ГIинкълъиялдаса цIуниялъе кинал тадбирал тIоритIизе кколел?
— ТIоритIизе ккола хадусел тадбирал:
— мегIералъул ва щекъералъул унтаби жиндир заманалда тIатинари ва гьел сахгьари;
— гIундул унтиялдаса цIуниялъул мурадалда, рокъоб, ясли-ахазда ва школазда лъималазда хадуб кидагосеб халкквей чIезаби;
— завод-фабриказда букIунеб кIудияб хъуй-сасалдаса ва сородиялдаса цIуниялъе, рагIиялъул даражаялъе зарал кколаредухъ, профилактикиял тадбирал тIоритIи;
— рахунел унтабаздаса, хасго лъимаде ругел руччаби краснухаялдаса цIуни.
Наушниказги гьабула гIинда рагIиялъе зарал. ЗахIмат букIуна наушниказдасан кинаб къувата-лъул сас-гьаракь бугебали лъазе. Гьединлъидал хIинкъи букIуна рагIиялъул нервалъе зарал ккеялъул. Сордо-къоялда жаниб 60 минуталдаса цIикIкIун заманалъ наушникал хIалтIизаризе лъикIаб букIунаро.
Нури Нуриев