Аслиял дарсал – чIорого
РФялъул Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, щивав чиясул буго ихтияр чIобого лъай щвезе
Амма гьеб ихтияр, цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, хутIун буго гIицIго кагътида. ЦIалдохъабазул умумуз ричун росизе кколел руго лъималазе хIажатал цIалул тIахьалги, цогидал алаталги, школалъул администрациялъ тIасабищараб ва киназего тIадаблъун гьабураб парталги, спортивияб формаги ва гь.ц. Гьеб рехсаралде тIадеги, эбел-инсуца гIарцухъ ккола репетиторалги, къачIала классалги, босула гьениб хIажалъулеб къайиги.
Ахираб заманалда социалиял гьиназдасан тIиритIизарулел руго Россиялда чIобогояб лъайкьеялъе ахир лъунилан бицунел харбал. Сунца рижизарурал гьел? Кинабха бугеб хIакъикъат?
Маргьаби
РФялъул Пачалихъияб Думаялъги РФялъул Федерациялъул Советалъги, лъабабилеб нухалдаги цIалун, къабул гьабуна «Проект федерального закона «О внесении изменений в отдельные законодательные акты Российской Федерации в связи с совершенствованием правового положения государственных (муниципальных) учреждений» абураб документ. Гьелъул аслияб мурад буго, пачалихъияллъун кколел лъайкьеялъулги медицинаялъулги идарабазде унеб бюджеталъул гIарац тIокIлъизаби. Цо-цо депутатазул пикруялда рекъон, гьезда тIад харж гьабулеб гIарцул кинабгIаги хайир щолеб гьечIо пачалихъалъе. Масала, цебелъураб законалъе баян кьолаго, Пачалихъияб Думаялъул председателасул заместитель Надежда Герасимовалъ гьадин абуна: «Жакъа жиндир хIакъалъулъ бицине бугеб законалъул проекталъул аслияб мурад буго бюджетиял идарабазул реформа гьаби, ай гьез гьарулел пачалихъиялги муниципалиялги хъулухъал камил гьариялда цадахъго гьел хьезариялде унеб бюджеталъул гIарац тIокIлъизабиялъулги. Проекталъ рихьизарурал тадбираздалъун хисизабизе ккола 328 азарго бюджетияб идара, гьезда гъорлъ буго 25 азарго федералиябги 303 регионалиябгун муниципалиябги идара», — ян. Законопроекталъул автораз абулеб буго щибаб бюджетияб идараялъ хIаракат гьабизе кколин жибго жинцаго хьезабизе, ай пачалихъиял субсидиязукьа эркенлъизе. Гьелъул мурадалда, школалъул администрациялъ ратизе ккола «счеталде гIарац бачIинабулел нухал». Гьеб бачIине буго гIарцухъ пуланал хъулухъал тIуразаруни, масала, пачалихъияб стандарталда бихьизабураб дарсазул заманалде тIадеги мухьдахъ дарсалги кьун.
Гьеб законалъул проект къабул гьабун хадуб байбихьана бицине 2019 соналдаса нахъе школалъул лъайкьеялъухъ гIарац кьезе кколин цIалдохъабазул эбел-инсуцаян абун. Масала, пачалихъалъ хьезабизе буго цо чанго дарс кьей – гIурус мацIалъул, математикаялъул, ингилис мацIалъул ва физкультурая-лъул. ХутIарал дарсазухъ кьезе ккезе буго гIарац. ГIарцухъ малъизе руго факультативалги, пуланаб предметалъул гъваридаб лъайги, батIи-батIиял кружокалги. Кинаб дарсихъ чан гъуруш босилебали хIукму гьабизе ккола школалъул администрациялъ.
Цо лъимер цIализабуралъухъ эбел-инсуца кьезе ккезе буго лъагIалида жаниб, цо моцIалъухъ 6-7 азарго гъурушги хIисабалде босун, 54-70 азарго гъуруш. 11 соналъул лъайкьей хIисабалде босани – 630 азарго гъуруш. Байбихьул школа хутIизе бегьула чIобого лъай кьолеб бакIлъун. Хисизе гьечIо гьенир кьолел дарсалги гьезул къадарги.
Гьединаб закон къабул гьабун хадуб, кинаб божилъи хутIилеб улкаялъул Конституциялъ щивав гражданинасул ихтиярал цIунулин абураб пикруялда? Гьединал суалаздалъун лъугIула социалиял гьиназдасан тIиритIизарулел гIемерисел харбалги.
ХIакъикъат
Улкаялъул хIукуматалъ чIезабуна школалъ гIарцухъ гьарулел хъулухъазул къагIида. Абизе ккола: цIалдохъабазул эбел-инсул чвантинире гьел раккулел гьечIо. Пачалихъияб стандарталда чIезабураб лъаялъул къадар цIалдохъабазе щвезе буго чIобого – гьелъухъ гIарац кьезе буго пачалихъалъ. ГIурус мацI, адабият (литературияб цIали), математика, физика, химия, биология, история, обществознание (экономикагун ва правогун цадахъ), искусство (музыка, ИЗО, МХК), технология (труд), физическая культура, география, природоведение (окружающий мир), къватIисел улкабазул мацI, рахьдал (гIурус гуреб) мацI ва адабият, информатика ва ИКТ, ОБЖ, цереккунго гIадин, малъизе руго чIорого. Амма стандарталъ бихьизабураб къадаралда. Гьелдаса тIаде арал сагIтазухъ (дарсазухъ) гIарац босизе буго цIалдохъабазул эбел-инсухъа. Гьединаб ихтияр кьолеб буго школалъе. ЦIалдохъабазул хитIабалда рекъон, школалъ гIуцIизе бегьула хасал курсал, факультативал, пуланаб дарсил гъваридаб лъай кьолел дарсал, амма гьелъухъги гIарац кьезе ккола эбел-инсуца. Кинал дарсал цIалдохъабаз тIасарищулел, бажарулищ школалъул администрациялъухъа гьел дарсал малъизе рес кьун ва чан гъуруш гьелъухъ кьезе бугеб цIалдохъабазул эбел-инсуца – гьел суалазе жавабал ратула школалъул администрациялъги умумузул советалъги. Щибаб хIукмуялда бан, хIадурула хасаб къотIи ва гьелда гъоркь гъолбасула администрациялъги умумузул советалъги. КъотIи гьабула, пуланаб хъулухъ жиндие хIажат бугилан разилъарав щивав цIалдохъанасул вакиласулгун (заказчикасулгун). Гьеб къотIиялдаги мухIканго хъвала щивасда тIалъулел тIадкъаял.
ЦIияб законалда рекъон, гьабураб къотIи хвезабизе ихтияр букIине гьечIо гьелда гъоркь гъолбасаразул. Масала, стандарталдаса тIадеги гIурус мацIалъул дарс кьеянги гьарун, гьелда рекъезабураб къотIиялда бихьизабураб дарсазухъ багьа бахинабизе ихтияр гьечIо школалъул администрациялъул. Гьеб бахинабизе рес кьола гIицIго инфляция цIикIкIиналъ.
ХIасил-калам, эбел-инсуда лъазе ккола, РФялъул Конституциялда рекъон, гьезул лъималазе чIобого кьола пачалихъияб стандарталда рекъонкколеб къадаралъул лъай. Улкаялъул аслияб закон хисизабун бажаруларо цо чанго депутатасул пикруги кьочIое босун – гьелъие рукIине ккола кьучIал далилалги РФялъул хIукуматалъул вакилзабазул цIикIкIарасезул разилъиги. Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, ичIго класс лъугIизегIан лъималазе чарагьечIого лъай кьезе ккола, гьебги – чIобого. Эбел-инсуцаги социалияб рахъалъ лъимал цIуниялъул идарабазул хIалтIухъабазги цадахъ лъугьун чIезаризе ккола лъималазе лъай кьезе хIажатал киналго шартIал. Школалде лъимал ритIичIого тарал эбел-инсуе тамихIцин гьабизе буго законалда рекъон. Кинаб къагIида тIасабищилеб – гьеб буго эбел-инсул ихтияр. Лъимал цIализаризе бегьула рокъорго тун (рикIкIадасан цIали), репетиторалги гIахьал гьарун, жалго эбел-инсуца малъун – гьебмехалда лъималазе хIажатал цIалул алатал чIезарула ва цIалдохъанас бихьизабураб заманалда хъвала контролиял хIалтIаби, диктантал ва тIуразарула цогидал тIадкъаял.
ГIарцухъ цIали гIуцIиялъул хIакъалъулъ харбал рижиялъе кьучIлъун ккана школазе кьолеб букIараб гIарцул къагIида хисизаби. ГьанжелъезегIан, школалъ гьабураб харжги хIисабалде босун, кьолаан гьелъие гIарац, ай бецIулаан араб харж. Гьанже гьеб кьола субсидия хIисабалда. Гьедин щвараб гIарац школалъул администрациялъ ре-къезабула хIажатал бакIазде харж гьабизе. ГIоларел рахъазе гIарацги школалъ жинцаго балагьизе ккола. Гьединлъидал школалъе ихтияр кьун буго гIарцухъ пуланал хъулухъал гьаризе. Гьединал хъулухъаллъун рикIкIуна ОГЭялде ва ЕГЭялде гIарцухъ лъимал хIадур гьариги, стандарталде тIаде дарсал кьейги, байбихьул школалде лъимал хIадуриги ва гь.ц. Гьел хъулухъазухъ щвараб гIарац рехизе ккола школалъул счеталде ва щибаб гъуршил хIисабги кьезе ккола, кибе гьеб хIалтIизабурабали кьучIал документаздалъун баянги гьабун.
ХIадурана
Кавсарат Сулеймановалъ.