ЛъикIал гурел «сайгъатал»
100 азарго чиясда гьоркьов 26 сифилисалъ унтарав
Нилъер республикаялда венерикиял унтабаз унтиялъе ругел гIиллабазул, унтабаздаса цIуниялъе тIоритIулел тадбиразул ва гьел сахгьаризе ругел ресазул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул сахлъицIуниялъул отличник, тIадегIанаб категориялъул тохтур, республикаялъул тIомолгун венерикияб диспансералъул поликлиникияб отделениялъул бетIерав тохтур МухIамад АхIмадовасулгун:
— МухIамад, Дагъистаналда венерикиял унтаби тIиритIиялъул кинаб хIал ва статистикиял баяназ щиб бицунеб бугеб?
— Республикаялда венерикиял унтабаз унтаразул къадар, Россиялъул цогидал регионаздаго гIадин, дагьлъулеб буго. Гьелдалъун гьел унтаби тIатинарулел ва сахгьарулел рукIарал цо-цо медицинаялъул идарабицин къазе ккана. ГIелмиял журналазда хъвалеб буго Россиялда венерикиял унтабаз унтаразул къадар 50-60 проценталъ дагьлъанилан. ГIалимзабаз абула зама-заманалдасан гьел унтабаз унтаразул къадар гIодобе-тIаде ккей букIунила, лъабго-щуго соналдасан унтаразул къадар цIикIкIунила, гьедигIанабго заманалдасан гьебго къадар дагьлъулила. Масала, 1980-1990-абилел соназда щибаб анкьалъ нижер поликлиникаялда хъвай-хъвагIай гьабулаан 15-20 унтарасул. Ахирал соназдайин абуни, лъагIалида жаниб 10-15 унтарасул гурони хъвай-хъвагIай гьабуларо. Унтаразул къадар дагьлъиялъе гIиллабиги ккола гьадинал: халкъалъул бичIчIи цIикIкIин, гIолилазе динияб тарбия щвей, медицинаялъул хIалтIухъабаз тIоритIулел профилактикиял тадбирал гIемерлъи, къуватал дараби рукIин.
2018 соналъул ичIго моцIида жаниб МахIачхъалаялда хъвай-хъвагIай гьабун буго сифилисалъ унтарав 30 чиясул. Гьеб къадар, гъоркьисаялде дандеккун, кIиго нухалъ дагьаб буго. Гьединго дагьлъун руго цогидал унтабаз унтаразул къадарги. 2018 соналъул ичIго моцIида жаниб, 2017 соналъул гьебго заманалде дандеккун, Дагъистаналда унтаразул къадар 302 чияс дагьлъун буго. 2018 соналда республикаялда сифилисалъ унтун вуго 103 чи. Гъоркьисаялде дандеккун 17 чиясдалъун дагь ккола. 2018 соналда гонореялъ унтун вуго 265 чи, 2017 соналда — 377 чи, ай 112 чияс дагь.
Сифилисалъ унтаразул гIемерисел руго МахIачхъалаялда, Дербенталда ва Дербент районалда, Гъизляралда ва Гъизляр районалда, Хасавюрталда ва Сергохъалаялда.
— Унтаразда гьоркьор бихьиналищ яги руччабийищ цIикIкIун рукIунел?
— Гьезда гьоркьоб цо кIудияб батIалъиги гьечIо. Щуго-анцIго проценталъ бихьиназул къадар цIикIкIун буго, гьелги, аслияб къагIидаялда, лъудби рачинчIел гIолохъаби. ГIемер ккола Россиялъул шагьаразде хIалтIизе арал нилъер гIолохъаби, гIадлу хварал ясаз гьединал «сайгъаталги» кьун, тIадруссун рачIиналъул хIужаби.
— Инсанасул сахлъиялъе гьел унтабазул кинаб хIинкъи ва рекIкI букIине бегьулеб?
— КватIун гурого лъаларо чиясда сифилисалъ живго унтун вукIин, гьединлъидал жакъа гьелъ унтаразул 90 процент тIатинабула, профилактикиял цIех-рехал гьарулаго. Унтиялда щаклъи ккун, живго лъикIав лъугьун, исана нижехъе вачIана 25-гIанасев чи.
Сифилис рикIкIуна сахлъиялъе хIинкъи бугеб унтилъун. Гьелъ квешаб асар гьабизе бегьула ботIрое, рекIее, ургьисалабазе. Сифилисалъул микробал бида цадахъ чорхолъ хьвадулел рукIуна. Бичча-бихъан тараб неврабазул сифилисалъ унтарал психбольницаялдецин ккола.
Ахирал соназда, тохтурасул халкквей гьечIого гIадамаз антибиотикал хIалтIизарулел рукIиналда бан, гьел унтабазул микробазул къвакIи цIикIкIун буго. Гьединлъидал унтарал сахгьаризеги захIмалъула.
— Сифилисалъ унтун вукIиналда кин щаклъи кколеб, ай кинал гIаламатал рукIунел.
— РахIатхвезабулел гIаламаталлъун рукIине ккола гIемер кIущизе хьвадизави, кIущизе захIмалъи, кIващда цадахъ гIадатияб гуреб кьералъул лъамалъи бачIин, ахадаса чехь унти, жинсиял лугби рукари. Чорхолъ сифилисалъул микробал цIикIкIиналъул аслиял гIаламатал ккола кIалдиб, кверазда, жинсиял лугбазда, горбода, цо-цо мехалда тIубан черхалдаго жаниб рецIцI ккараб гIадаб сус бай. Жидецаго сахгьаризеян лъугьинеги бегьуларо. Гьедин гьабулаго, заманги уна, унтиги сах гьабизе захIмалъула.
— Венерикиял унтабаздаса цIуни-къай кин гьабилеб?
— Сундулъго букIине ккола гIадлу ва жавабчилъи, хасго бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги гьоркьоблъиялъулъ. Бихьинчиясда рекъараб гьечIо берцин бихьанщинаб цIуябжоялда сверун сентIей. Тохлъи ккун, унтиялда щаклъи бугони, лабораториял цIех-рехалги гьарун, сагIаталъул болжалалда хIакъикъат лъазабизе, гьединго къуватал дарабазул ва мазазул кумекалдалъун унти сах гьабиялъе рес буго. Амма сах гьаричIого чIани, масала, сифилисалъул «кумекалдалъун» ккезе бегьула 20 батIияб унти. Гонореялъ яги трихомонозалъ унтани, хIинкъи букIуна гIолохъанчи бихьинчиясул борч тIубазабун бажаричIого хутIиялда ва гьесие лъимер гьабунгутIиялда, гьединго унтизе бегьула кIващукъвачIа ва предстательнияб цIекIгьан (железа).
— Сифилисалъ яги цогидал «квешал» унтабаз унтарал чагIи хIалица сахгьаризе тIамулищ?
— Цебе хIалтIулеб букIараб уголовнияб кодексалъул № 115 статьяялда рекъон, унтарас гъолбасине кколаан сахгьави тIадаблъун гьабулеб документалда. Квалквал гьабуни, тамихIалдеги цIалаан, ай лъагIалица туснахъ гьавизеги рес букIана. Гьанже гьелъул хутIараб жого гьечIо.
— Диспансералъул специалистаз бичIчIикьеялъул хIалтIи кин гIуцIун бугеб?
— Зама-заманалдасан нижер специалистал уна школазде, училищабазде ва вузазде, церерахъуна радио-телевидениялдасан ва газет-журналазда макъалаби хъвала. Гьеб хIалтIиялъул кколел ругел лъикIал хIасилазул хIакъалъулъ дица тIадехун бицана. Амма гьеб рахъалъ чара гьечIого хIажалъула эбел-инсул тарбияги.
— Гьел унтаби сахгьариялъе кина-кинал дараби хIажалъулел? Дида рагIун букIунха, цо-кIиго укол гьабуниги гIолин абун.
— Гьел руго кьучI гьечIел харбал. Венерикиял унтаби, хасго сифилис, сахгьабиялъе бищунго лъикIаб хIасил кьолел дарабилъун рикIкIуна пенициллинги бициллинги. Гьел хIалтIизариялдалъун, тIоцебесеб тайпаялъул сифилис больницаялда сахгьабула 18, бичча-бихъан тараб тайпаялъул сифилис — 28 къоялда жаниб. Хадуб тохтурасул бербагьиялда гъоркь гьев вукIуна кIиго соналъ, щибаб кварталалъ гьес биги кьезе ккола цIех-рех гьабиялъе гIоло. Унтаразе ункъ-ункъ сагIаталдасан уколал гьаризе ккола, гьединлъидал гьел больницаялда гурони сахгьаризеги бегьуларо.
— ГIолилазе кинал малъа-хъваял гьарилел, кинаб гIакълу кьелеб дуца?
— ЛъагIалида жаниб кIиго нухалъниги цIех-рех гьабизе ккола. Цере ккарал ясазда сверун сентIезе бегьуларо. Щаклъи бугей ясалъулгун гьоркьоблъи ккани, нахъбахъун течIого, цIех-рехалъе тохтурасухъе ине тIадаб буго.
Венерикиял унтабаз унтарал сахгьарула МахIачхъалаялъул, Дербенталъул ва Гъизляралъул хасал больницабазда. МахIачхъалаялда буго 230 чиясе бакIги бугеб, 68 тохтурги хIалтIулеб тIомолгун венерикиял унтаби сахгьарулеб стационар.
Нури Нуриев