Лъабазарго долларалъе мустахIикълъана
Олимпиялъул хIаязул призер Мурад ХIайдаровасул призалъе гIоло
МахIачхъалаялда, Елена Исинбаевалъул цIаралда бугеб стадионалда тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ тIолгороссиялъул турниралда, Мурад ХIайдаров речIчIулев вукIараб 54 кг цIайиялда, бергьенлъи щвана Хасавюрталдаса АхIмад ГIусмановасе. Гьесие кьуна лъабазарго доллар. Къецазда гIахьаллъана Калининградалдаса, Санкт-Петербургалдаса, Казахстаналдаса ва Азербайжаналдаса речIчIухъабиги. КIиабилеб бакI щвана МухIамад Хизриевасе. Лъабабилеб бакI гьоркьоб бикьана Санкт-Петербургалдаса Тимур Богатиревас ва Хасавюрталдаса ХIажимурад ГIалимхаевас. КIиабилеб ва лъабабилеб бакIал ккуразе кьуна 15000 ва 800 доллар.