ГIатIидаб нух, халатаб хьул
Васильевасул каламалъулъ буго ракIчIейги жавабчилъиги
Журналисталги данде ахIун, телевидениялдасан суалазе жавабал кьезе тIоцебе байбихьана ДРялъул бетIерлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас (2010-2013 сонал). БукIанищ гьелъул пайда, кканищ хIасилго? Гьеб суалалъе жаваб кьезе дун лъугьинаро, амма гьеб иш лъугьана лъикIаб къиматалъе мустахIикъаб, информациялъулаб гIумруялъулъ цIияб хIужалъун. Гьесдаса хадув бетIерлъун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповасул (2013-2017 сонал) рукIана хасал къагIидаби, цогидал нахъгIунтIуларел хиялал, пикраби, бичIчIизе бигьаябин кколеб магIнаялде босизе захIмалъулеб калам, гьединалго ишал. МухIамадсаламица байбихьараб иш гьес гIемерго цебетуркIизабуна, гьелда цIияб рухI речIчIизабуна. КIигониги нухалда дунгоги ккана телевидениялде («РГВК») данде гьарурал журналистазда гьоркьове. Абиларо гьениб «къараб» ахIвал-хIал букIанин абун, журналистазе кьун букIана гIезегIан эркенлъи, гьукъун букIинчIо бокьараб суал кьезе, хIакъаб жо, рукIана суалал цереккунго кьезе хIадур гьарун, бетIерасул пресс-хъулухъалъулгун дандраралги. Амма хIалбихьи бугев политикияв хIаракатчияс, рагIул устарас цониги суалалъе жаваб кьечIого толароан. Кинаб суалалъе жаваб кьолеб бугониги, ГIабдулатIиповасухъа бажарулаан кинабго бербалагьи жиндехун буссинабизе ва цIакъ гIемер хIалтIизарулаан «дун», «дица» абурал рагIаби. Жинда лъаларебги букIине, живги мекъи ккезе бегьулин, жинхъаги рорчIун ратизе бегьулин гъалатIал абурал пикрабицин рукIинчIин ккола дида гьесул. Гьелъ батизеги бегьула Дагъистаналъул бетIерлъуде вачIаралдаса нахъе гьесие цIакъго хирияллъун ккарал «Дагъистан, гьанжелъизегIан кваназабун гурони, сахгьабулеб букIинчIо», «церехун рукIарал нухмалъулел журана басрияб «системаялда» рекъон хIалтIизе, гьединлъидал гьезул хIалтIиги цебе инчIо, дица хисизабизе буго тIолабго система» абурал цIакъ берцинал, гIадатиял гIадамазул гъирабазабулел, гьезул хьул ва божилъи бижизабулел рагIаби чIорогояллъун хутIарал.
ВачIана, бихьана, ургъана…
Гъоркьиса хаслихъе ГIабдулатIипов хIалтIудаса нахъе витIи парахатго къабул гьабуниги, гьесул бакIалде я нилъ, я нилъеда гIемер лъаларев Владимир Васильев витIун вачIин ккун батила ракIалдаго букIинчIеб лъугьа-бахъин. Халкъалда гьикъун бетIер я тIамулеб, я вахъулеб низамги нилъер гьаниб хIалтIуларелъул, гIадамазе хутIараб жо букIана цо — лъикIал хьулалгун иргадулав бетIерасул рагIухъ, ишалъухъ, гьесул «цIилъиязухъ» ралагьун рукIин. ТIоцересел моцIал гьедин анин абуни, гIемер мекъиги ккеларо. Хадуб дагь-дагьккун байбихьана чIахIиял хъулухъаздаса чиновникал рахъизе, гьезул цо-цоял жанир лъезе ва гьезул бакIазде цIиял, хасго Татарстаналдаса гIадамал тIамизе. Гьелдаго цадахъ бичIчIана Васильевас Дагъистаналда хIурият гьабизе гьечIеблъи. Гьесул гьединаб мурадги батиларо. Амма лъугьун бугеб ахIвал-хIал кьучIдасанго хисизаби буго чIванкъотIун гьесда «тIад лъураб гьир», гьелъие рагьун руго киналго нухал, руго президентасул божилъигун квербакъи. Гьеб кIудияб ва захIматаб хIалтIулъ рихьулел ва лъалел рукIарал масъалабазде тIаде цIияв бетIерасда дандчIванин ккола ракIалдаго гьечIеб чанго масъалаги:
1. ЗахIматаб гьир тIаде бегун букIин бичIчIаниги, гьесда щвалде щун лъалеб батичIо церечIарал масъалабазул гIатIилъи. Гьеб хIужа бичIчIун хадуб гьес битIахъе бетIер ккунинги ккола.
2. Гьесда ва гьесул командаялда гьанжего гьанже бичIчIизе байбихьараб хIисаб буго Дагъистаналъул ва дагъистаниязул хаслъиги гIадат-гIамалги.
3. Буго цоги суал — киналго рахъизе (жанир лъезе) мустахIикъал жавабиял хIалтIухъаби рахъани, щал тезе ругел гьезул бакIазда? РахъичIого тани, кин гьелгун хIалтIизе ругел? ХIалтIизе кигIан захIмат букIаниги, жеги дагьаб заманалъ, цIиял, профессионалиял кадраби ракIаризегIан гьелгун (республикаялда ругел федералиял органал, республикаялъул идараби, муниципалиял гIуцIаби) хIалтIичIого рес гьечIеблъиялъулги, гьеб суалалъулъ кьури гьечIеб гIадлу- низам чIезабизе букIиналъулги хIакъалъулъ Владимир Васильевас бицана 30 октябралда телевидениялда («РГВК») журналистазулгун букIараб данделъиялда. Аслияб суал тIасияб соналъул бюджеталъул хIисаб-суал гьаби, ругел баянал дандрай бугониги, хъулухъалде тIамураб лъагIалида жаниб журналистазулгун букIараб тIоцебесеб данделъиялда Васильевас рорхана цоги кIвар бугел масъалабиги. Гьесда цадахъ данделъиялда рукIана хIукуматалъул председателасул заместитель, экономикаялъулгун финансазул министрал, пачалихъалъул ва хIукуматалъул жавабиял хIалтIухъаби. Амма аслияб кIалъай гьабуна ва суалазе жавабал кьуна Васильевас. ЛъагIелалъ заман батичIеб гьаб мисалалъул данделъи щиб гIиллаялдалъун гьанже тIобитIараб? Гьелъие жаваб кьуна живго Васильевасги:
1. ГьанжелъизегIан нухмалъиялъул букIинчIо чIванкъотIун дагъистаниязда цебелъезе гIураб, хIасил ккараб хIалтIи. ГьабсагIаталда буго гьабураб хIалтIиги, руго рекъараб къадаралъул хIасилалги, гьабизе бугеб хIалтIул бичIчIиги, гьелъие ресалги.
2. ЛъагIалил бюджет цIакъго кIвар бугеб, республикаялъул гIумруялъул кьучIлъун букIинги хIисабалде босун, гьелъул баянал-тIалабал дагъистаниязда дандразе бокьи.
Бице, малъе…
Байбихьуда букIараб кIалъаялъулъги, суалазе кьолел жавабазулъги Васильев вукIана ракIчIун, бокьараб суалалъе жаваб кьезе хIадурго. Бихьулеб букIана лъагIалида жаниб нилъер хIакъикъаталъ гьев лъикIаб хIалалда лъадарун вукIин. Цоги хIужа: цо-цо тарихазулъ чIванкъотIи гьечIониги (гьелъие рукIана вице-премьер, министрал) цо-цо цIаразулъ (росаби, районал) мекъи кколев вукIаниги, бихьулеб букIана Дагъистаналъул масъалаби гьесда гIезегIан гъваридго ва мухIканго ричIчIулел рукIин. ХIалбихьи бугев генерал вукIаниги, гьев гIажаиблъун вугоан нилъер гьаниб дандчIвараб ришватчилъиялда, сундухъго балагьичIого тIибитIун бугеб цIогьалда. Мисал хIисабалда гьес рехсана ТФОМС, бицана гьениса рикъарал миллиардазул хIакъалъулъ. Рехсана цоги хIужа: нухазул идараялъ пуланаб кьо базе бихьизабун буго 1.5 млрд гъуруш, гьелдаса 1 млрд ун буго хIалтIуде, 500 млн бикъун буго. Гьелдаго цадахъ загьир гьабуна гьеб унти сахгьабизе кIвеялда кинабгIаги щаклъи гьечIолъиги. АбичIого гIоларо гьадинаб жоги: Васильевасул каламалда къанагIат гурони гьечIо «дун», «дица» абурал рагIаби, гьесие хасияталлъун руго «нилъ», «нилъеца», «нижеца» абурал рагIаби. Гьев лъутулев гьечIо жавабчилъиялдаса, кIолеб буго лъаларелда лъаларин абизе, гъалатIазе мукIурлъизе, кумек гьабейин, бицейин, малъейин абун ракIбацIцIадго абизе. Гьебги бугин ккола цо лъикIаб хасият. Бихьулеб буго бицунеб хабарги гьарулел малъа-хъваялги гIемер гьечIеблъи, бицунебги гьабулебги гIага-шагарго дандекколеб букIин. Амма цIакъ бокьилароанха мекъи ккезе, цIибижараб божилъи ва гьединабго хьул, тIурачIел анищаздалъун, харбаздалъун лъугIизе, байбихьараб хIалтIи нухбакьулъ хутIизе.
ГIабаш ГIабашилов