Паркинсонил унти сахгьабизе цIакъ захIмалъула
ГIадалнахул нейронал жагъаллъиялда бан черхалъе ккараб гIайиблъиялда магIарулаз абула тIуртIудиялъул унтийин. ГIелмияб къагIидаялъ абуни — «Паркинсонил унти». Сахгьабизе кIолареб нервабазул системаялъул гьеб унтиялъ, дару гьабичIони, унтарав тIуванго бусаде ккезавула.
РФялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, жакъа Россиялда тIуртIудиялъул унти бугел чагIазул къадар 210-220 азарго чиясде бахуна. ВОЗалъул баяналда рекъон, дунялалда тIад гьеб унтиялъ кIвекIулев вуго щуго миллионгIанасев чи. ДРялда гьелъ унтаразул къадар 300-500 чи вугин абула, амма хIакъикъаталдаги гьеб къадар гIемерго цIикIкIун буго.
ТIуртIудиялъул унти тIибитIиялъе бугеб гIиллаялъул, гьелъ инсанасул сахлъиялъе гьабулеб заралалъул ва гьелдаса цIунизе кколеб къагIидаялъул бицун, дица гара-чIвари гьабуна РКБялъул неврологияб отделениялъул заведующий, ДРялъул сахлъицIуниялъул отличник ГIиса МухIамадсултановасулгун:
— Паркинсонил абун цIар гьеб унтиялда лъеялъе гIилла щиб?
— 1817 соналда ингилисазул тохтур Джеймс Паркинсоница хъвана «ТIуритIудулеб параличалъул хIакъалъулъ Эссе» («Эссе о дрожательном параличе») абулеб гIелмияб хIалтIи. Абулеб букIана живго Джеймсги гьеб унтиялъ унтун вукIанилан. Гьеб рикIкIуна «Паркинсонил унти» абун гьелда цIар лъеялъе гIиллаги.
— Кин ва сундалъун гьеб унти кколеб?
— Гьелъие гIиллалъун ккезе бегьула менингиталъ унти, захIматаб ругъун, букIин, цIакъго заралиял синтетикиял наркотикал хIалтIизари, инсульт ва херал чагIазул гIадалнахулъе гIураб къагIидаялда би бачIунарого букIин…
— Унтул гIаламатал кинал рукIунел?
— Унтарасул вагъа-вачари хIинцлъи ва гьеб эркенлъи гьечIеблъун лъугьин, ччорбал дандекъан чIезари, кверал, бохдул, нилъазулхIама ялъуни тIубанго черхго хадуб халкквезе кIолареб хIалалда тIуртIуди. Унти цIакъго бичча-бихъан тедал: цо хIалалда вахъун чIезе кIунгутIи, унаго вахъун чIун хутIи, кIалъазе, къулчIизе ва кьижизе захIмалъи, хIинкъи тIатин, ургъел гьечIого лъугьин, бидул тIадецуй гIодобе ккей, гIакълу-пикру мукъсанлъи. Бищунго пашманаб жо, унти сахгьабун бажаруларо.
— Цудунго лъазе кIолищ унти тIатунеб букIин?
— Лугби яги черх сородизе байбихьилалде раккула хIинкъиялъул цоги гIаламатал: къаркъалаялъул гIадлу хвей, махI чIвангутIи, къад гIемер кьижизе бокьи, гъиз свари, мугъ къули, бохдул сороди. Маргъал бай, хьитазул чIалал рухьи, кваналелъул гъуд-гIучI хIалтIизаби гIадал гIиси-бикъинал жал гьаризе захIмалъулеб букIин рикIкIуна гьеб унтул тIоцересел гIаламаталлъун, ай цIодорлъи гьабеян черхалъ балеб ахIи. Нилъерго яги гIага-божаразул гьединал гIаламатал ругони, хасго кIудияб ригьалъул чагIазул, нахъбахъун течIого, невропатологасухъе ине ккола.
ТIуртIудиялъул унти сахгьабуларо, амма гьеб хIалуцинчIого чIезабизе кIола.
— ТIуртIудиялъул унтиялъ инсанасул чорхое кинаб асар гьабулеб?
— Хола гIадалнахул дофамин абулеб лъамалъи жаниб лъугьунел нервабазул клеткаби. Нервабазул клеткабаз, дофаминалъул кумекалдалъун, цоялъ цоялъухъе баян кьола. Ва гьелъул кумекалдалъун рекъезабула инсанасул вагъа-вачари, хехлъи ва тирилъи. Нервабазул клеткаби хвеялдалъун гIадалнахулъ дагьлъула дофамин, гьеб дагьлъарабгIан, унтиги цIикIкIуна.
— ТIуртIудиялъул унти сахгьабиялъул рахъалъ кинабгIаги цебетIейго бугищ, гьеб мурадалда цIиял дараби ургъун ругищ?
— Гьеб унти бугел чагIи цо къагIидаялъ ва цого дарабаздалъун сахгьаризе бегьуларо. Амма гьел сахгьариялъул лъалеб цебетIей буго. ГIураб къадаралда хIадурулел руго дофамин хисулеб амантадин, витамин Е, селегилин гIадал дараби. Нейроназул хвей хьадарлъизабулел мидантан, мирапекс, юмекс ва ПК-Мерц гIадал дарабазулги гьечIо бицине гIураб къварилъи.
Амма унтаразда чара гьечIого лъазе ккола, тохтурас хъварал гурел, жалго лъикIал лъугьун, дараби хIалтIизаризе бегьулареблъи.
— Дараби гуреб, унти сахгьабиялъул цоги батIияб-цIияб къагIида бугищ?
— ЦIакъго захIматаб хIалалда вугев унтарасе операциялдалъун кумек гьабула. ГIадалнахулъ лъола микрочип, компьютералдаги хурхинабун, гьелъ рекъезабула нейроназул хIалтIи ва рагъа-рашариялъе эркенлъи гьечIолъи инабула. Нилъер республикаялда гьединаб операция гьабуларо, ине ккола Москваялъул Бурденкол цIаралда бугеб нейрохирургиялъул институталде.
— Унтарас кванил низам цIунизе кколищ?
— ГIумру гьабулеб къагIида гуребги, унтарас хисизабизе ккола кванил диетаги. Сахгьабиялъул диета хIисабалда, чара гьечIого тIуразаризе ккола тохтурасул хадусел малъа-хъваял:
1. Дагь гьабизе ккола кинаб букIаниги кьаралъи.
2. ЛъикIаблъун рикIкIуна гьанал кванидаса тIубанго инкар гьаби.
3. КIванагIан дагь гьабизе ккола щибаб богол кванил роцен.
4. Пайдаяблъун рикIкIуна гьализабун хIадурараб яги хIухьлада гьабураб квен.
5. Гьекъезе ккола даруял чIахIазул чай.
6. Радал кваназе ккола гIорцIизегIан, къаси кванала тIадагьаб квен.
Диетаги хасаб гимнастикаги рикIкIуна гьеб унти сахгьабиялъул аслиял къагIидабилъун.
— ТIуртIудиялъул унти сахгьабизе кIоларин абунаха дуца…
— Гьелъ унтун рукIана Папа Иоанн КIиабилевги, боксер МухIамад ГIалиги, хъвадарухъан Ираклий Андрониковги, шагIир Расул ХIамзатовги…
Дандекколеб терапия гьабичIони, гьелъ палижалъул унтуде ва инвалидлъиялде рачуна. Тохтурасул малъа-хъваял тIадчIун тIуразаруни, унти сасуна ва гIумру гьабизе бигьалъула. Масала, Голливудалъул киноактер Майкл Джей Фоксил чанго сон буго гьеб унти сахгьабулеб.
— ТIуртIудиялъул унтиялъ захIматго ругел чагIазе кумек гьабун бажарулел тохтурзаби ругищ Дагъистаналда?
— Шагьаразул ва районазул больницабазул неврологиял отделениязда хIалтIулел тохтурзабаз гьабула гьезие къваригIараб кумек. ЦIакъго захIматаб хIал бугони, ине бегьула профессорзаби Тажудин МухIудиновасухъе ва Зоя ГIумахановалъухъе.
— ТIуртIудиялъул унтиялъ кIвекIулел ругезда ва гьелъ унтизе бегьулел чагIазда щиб дуца малъилеб, сунде кIвар буссинабилеб?
— ЦIунизе ккола ботIрол ругънадаса, энцефалит гIадаб захIматаб бахунеб унтудаса, халгьабе бидулъ чакрил ва холестериналъул роценалда хадуб, гьединго бидул тIадецуй гIорхъолъа ине тоге. Унтун вугинги абун, вегун чIоге, яхI гьабун, заман батун, вахъа цIияб гьаваялде ва, невропатологасда дандги бан, байбихье унти бигьагьабулеб физзарядка гьабизе.
ГIемерисел унтарал нижехъе рачIуна унтиялъ мугъ къеда цвизабидал, ай цIакъго кватIун, гьединлъидал гьел сахгьаризе захIмалъула.
— ТIуртIудиялъ унтарал чагIазе хIукуматалъ чIорого дараби кьолищ?
— 1994 соналъул 30 июлалда РФялъул хIукуматалъ тасдикъ гьабураб № 890 хIукмуялда рекъон, Паркинсонил унти бугел чагIазе хIажатал дараби чIорого кьола. Гьел росула республикаялъул бюджеталдаса биччараб гIарцухъ. Гьеб мурадалда, республикаялъул неврологасул хIасилияб хIукмуги босун, рецепт тIалаб гьабизе ине ккола хъвай-хъвагIай бугеб бакIалъулаб поликлиникаялъул участкалъулаб терапевтасухъе.
Нури Нуриев