Солдатазда аскIов гьев вукIана солдатлъун, генералзабазда аскIов – генераллъун
25 октябралда МахIачхъалаялъул Батирайил къотIноб бугеб майданалда генерал-полковник МухIамад Танкаевасул памятникалда цебе, гьев гьавуралдаса 99 сон тIубаялъул хIурматалда, тIобитIана данделъи. ЦIар рагIарав ракьцояв ракIалдещвезавизе гьенире рачIун рукIана генераласул гIагарал чагIи, гьудул-гьалмагъзаби ва гIадатиял махIачхъалаялъулал. Гьесул гIумруялъул, рагъулаб ва ракълилаб нухлул хIакъалъулъ бицун кIалъана генералгун дандчIварал ва гьев лъалел рукIарал гIадамал.
ДРялъул культураялъул министрлъун хIалтIарав ГIабдулатIип ХIажиевас абуна, Танкаевасда къадру бащадав рагъулав начальник Дагъистаналда жеги вахъинчIин. ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул секретарь МахсутI ЗайнулгIабидовас бицана генераласулгун рукIарал цо-цо дандчIваязул хIакъалъулъ. РакIалдещвезаруна, Расул ХIамзатовас Танкаевасе къимат кьолаго, абурал гьал рагIаби: «…МухIамад Танкаев киданиги гьимичIо лъидаялиго берцин вихьизелъун, гьес лъиего бетIерги къуличIо. Гьес бетIер къулана ВатIаналда цебе, гIумруялде нилъер бугеб бербалагьиялда цебе. Солдаталгун гьев вукIана солдатлъун, генералзабигун — генераллъун», — ан.
ГIакъилзабаз абула, бахIарзал гIезарурал халкъазе дунялалда хвел букIунарин. Нилъеда тIадаб буго МухIамад Танкаев гIадал бахIарзазул хIакъалъулъ гIолилазда кIванагIан гIемер бицине ва гьезул мисалазда гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьезе.
Рагъ байбихьараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе гьев вукIана фронталда. Командирлъи гьабуна взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Танкаев вагъана рагъ лъугIизегIан ва гьеб лъугIана полкалъул командирасул хъулухъалда, подполковникасул чиналда. Рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло ракьцояв мустахIикълъана гIемерал шапакъатазеги.
Бергьенлъиялъул къоялда МухIамад Танкаевас дандчIвай гьабуна Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялда.
Рагъдаса хадуб Танкаевас хIукму гьабуна рагъулаб хъулухъалда чIезе. Гьесда лъалаан рагъул хъулухъалъе лъикIаб лъай къваригIунеблъи, гьединлъидал 1948 соналда гьес лъугIизабуна М. В. Фрунзел цIаралда бугеб Рагъулаб академия, 1960 соналда – СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул Рагъулаб академия, кIиябгоги меседил медалазда. Хадуб букIана ГДРалъул миллияб халкъияб армиялда Варшаваялъулаб къотIи-къаялъул пачалихъазул-гIахьалчагIазул Цолъизарурал Северияб Рагъулал къуватазул БетIерав командующиясул хъулухъ. 1978-1988 соназда нухмалъи гьабуна Москваялъул Рагъулаб институталъе.
Рагъдаса хадусел соназда МухIамад Танкаевасе хIукуматалъ кьуна гIемерал шапакъатал, гьездаса бищунго тIадегIанал ккола Ленинил орден, Октябралъулаб революциялъул орден, «БагIараб Байрахъ» орден ва тIоцебесеб даражаялъул ВатIаналъул рагъулаб орден, «БагIараб ЦIва» орден, Командирасул хъанчгун ва цIвагун Польшаялъул «Возрождение орден», ГДРалъул «ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъе гIоло» меседил орден, Болгариялъул ва Монголиялъул орденал ва медалал.
КигIан кIудияб хъулухъалда вугониги, МухIамад Танкаев кидаго хутIана ВатIан бокьулев, гьудулзабазул, ракьцоязул, росуцоязул ва гIолилазул къимат гьабулев инсанлъун.
1998 соналда МухIамад Танкаев нилъедаса ватIалъана. Амма гьев нилъеда абадиялъ кIоченаро. Гьеб мурадалда генераласе лъуна памятникал, къватIазда цIар ва гьесул гIагараб ГIурада росулъ балеб буго цIияб музей, гьеб рагьизе буго 2019 соналъул 25 октябралда — МухIамад Танкаевасул нусгосонилаб юбилеялъул тадбиралда.
Нури Нуриев