13-16 сентябралда Элистаялда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб журналистазул форум
«Миллияб пресса жакъа» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб журналистазул форум тIобитIана кIиабилеб нухалда. Гьелда гIахьаллъана Россиялъул 12 регионалдасаги, Китаялдасаги, Монголиялдасаги СМИязул нухмалъулелги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, РФялъул президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтиярал цIуниялъулги гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги советалъул членалги ва цогидал хIаракатчагIиги. Форумалда гIахьаллъана Россиялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камаловги. Бицунеб букIана регионалиябги миллиябги прессаялда церечIарал аслиял масъалабазул хIакъалъулъ.
Калмыкиялъул бетIер Алексей Орловас, форумалде хитIаб гьабулаго, абуна миллияб прессаялде букIине кколеб кIварбуссинабулеб ва гьелъие хIажатаб кумек гьабулеб гьечIин. Калмыкиялда гьеб иш лъикI гIуцIун бугинги бицана гьес.
РФялъул Пачалихъияб Думаялъул миллиял ишазул комитеталъул председатель Илдар ГIилмудиновас бицана, халкъазда гьоркьосел бухьеназул хIакъалъулъ хъвалел СМИязул рахъалъ пачалихъалъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ. 2018 соналда Роспечаталъ масс-медиаялъе кумек хIисабалда биччанин 68 млн гъурушин абуна гьес. «Ниж хIадур руго печаталъулгун массовиял коммуникациязул федералияб агентствогун цадахърекъон хIалтIизе, регионалиял СМИязе гьез кьолеб гIарцуде тIаде жеги гIарац жубазе. Улкаялъул хIукуматалда бичIчIулеб буго гьелъул бугеб кIвар.
Дун кIицIул дандчIвана миллияб политикаялъе нухмалъулев Виталий Муткогун. Гьелъул хIасилалда цIикIкIинабуна миллияб печаталъул цебетIеялъул пачалихъияб программаялде биччалеб гIарац. «РФялда лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абураб закон къабул гьабулеб мехалдаги нижеца цIунана рахьдал мацIал малъизе бугеб россиялъулазул ихтияр, хасго законалда хутIизабуна школалъул программаялда «рахьдал мацI» абураб дарс.
РФялъул президентас кватIичIого гъолбасине буго рахьдал мацIалъе кумек гьабиялъул рахъалъ федералияб фонд гIуцIиялъул хIакъалъулъ указалда гъоркь. Масала, калмык мацI. ЦIалул тIахьазул федералияб сияхIалда гьабсагIаталда гьечIо калмык мацIалъулги адабияталъулги цIалул тIехь. ХIасил, гьеб букIинабизе регионалъе кумек гьабизе ккола», — ян бицана ГIилмутдиновас.
РФялъул президентасда цебе гIуцIараб миллиял ишазул рахъалъ экспертияб советалъул член, РФялъул миллатазда гьоркьосеб журналистикаялъул гильдиялъул председатель Маргарита Лянгеца абуна, РФялъул Журналистазул союзгун цадахъ жидеца халкколин миллиял бухьеназул бициналъулги рахьдал мацIазда хIалтIулел СМИязулги ихтиярал цIуниялда хадуб. Гьединлъидалин, абуна гьелъ, Россиялъул тIолабго прессаялде биччалеб гIарцул 86 процент щолеб буго регионалиял СМИязухъе. Лянгел пикруялда рекъон, централдаса рикIкIадегIан ругел газетазги журналазги жигаралда гIуцIизе ккола пачалихъалъулгун бюджетиял бухьенал.
РФялъул Журналистазул союзалъул (СЖР) председатель Владимир Соловьевас кIварбуссинабуна журналистазул ихтиярал цIуниялде. «СЖРалда церечIарал масъалаби гIемер руго, амма аслияб ккола журналистазул ихтиярал цIуни. Гьеб ккола берзукьа бикъараб, амма гьоркьоса къотIичIого гьабулеб хIалтIи. Журналистазул ихтияразда хъинтIараб яги редакция къараб мехалда, гIемерал кагътал ритIула регионазул нухмалъулезухъеги, федералияб прокуратураялдеги, судаздеги.
СЖР ккола Журналистазул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул (МФЖ) бутIа. Гьебин абуни ккола дунялалдаго бищун кIудияб журналистазул гIуцIи. Гьелда гьоркьобе уна журналистазул 186 миллияб гIуцIи. Гъоркьиса хасалихъе хисизабуна МФЖалъул членасул документ кьолеб къагIида. Гьеб документалъ кьола гIемерал бигьалъаби – батIи-батIияб транспорталда учузго рекIине, чIобого ва иргаялда чIечIого дунялалъул музеязде ине. 20 сентябралда нижеца къотIи гьабизе буго Россиялъул Музеязул союзалъулгун – халкъазда гьоркьосеб федерациялъул членлъун вугев журналистасе улкаялъул тIолалго музеязде эркенго ине рес кьеялъул хIакъалъулъ.
Бигьалъаби руго СЖРалъул членлъун вугев журналистасеги. Масала, гьабсагIаталда ЧIегIерралъдал рагIалда 29 санаториялда ругел нилъер журналистазухъа босула риидал 14 проценталъ ва хутIараб заманалда 20 проценталъ дагьаб гIарац. КъотIи гьабун буго автосервисалдаги «Летуаль» тукабаздаги багьаби учуз гьариялъул хIакъалъулъги», — ян бицана Соловьевас.
Муса Азаев