«Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр Мухтарбий Аджековас бицана лъагIалида жаниб министерствоялъ гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, лъикIал хIасилал рихьизарун руго цIибил ва пиринчI гIезабулез. Масала, исана пиринчIалъул бакIарун буго 138 азарго тонна (гъоркьиса бакIараралдаса щуазарго тоннаялъ цIикIкIун). КIвар бугеб масъала ккола бакIарараб пиринчI нилъер гьанибго къачIай. Гьединлъидал исана хIалтIизе биччана цоги завод ва гьабсагIаталда хIалтIулеб бугеб ункъо заводалъул къуват гIола гIезабураб пиринчIалъул 70-80 процент республикалдаго къачIазе.
Пихъил бакIарана 200-220 азарго тонна. Овощазул – 1,5 млн тонна. Амма гьел цIунизе складал гIоларого руго. Масала, республикаялда ругел складахъ 26 азарго тонна овощазул цIунизе гурони рес гьечIо.
ЛъикIаб хIалалда цебетIолеб буго теплицабазул магIишат. Гьениб гIезабула цохIо помидорал гурелги батIи-батIиял овощалгун хурдулги.
Могьолал культуразабул (ролъ, пурчIина, цIоросаролъ ва цогидабги) бакIарула 400-450 азарго тонна. Гьеб буго цIакъго дагьаб къадар. Гьединлъидал гьел росизе ккола цогидал регионаздаса.
Данделъиялда бицана квасквас гIезабизе ракIалда букIиналъул хIакъалъулъги. Масала, тIадеялъул 500 азарго гектаралда гьеб бекьизе ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас кьураб тIадкъаялда рекъон гьабулеб буго хIалтIи. Гьеб суал дандбана гIалимзабазда, Узбекистаналъулгун гьарулел руго къотIи-къаял, гIагараб заманалда Волгоград областалдаса рачIине руго хIалбихьи бугел специалистал. Гьеб ккола ракъдаллъи хIехьолеб, советияб заманалдаги Дагъистаналда гIезабулеб букIараб нигIмат.
ГIи-боцIухъанлъиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда. ТIолабго Россиялда (цо-цо къватIисел пачалихъаздаги) рагIана ва лъала нилъер гIиял гьанал цIар. ЛъагIалида жаниб нилъеца гIезабула гьелъул 40 азарго тонна ва бащадалдаса цIикIкIун бичула цогидал регионазе, мадугьалихъ ругел пачалихъазе.
Амма дандчIвалел руго цо-цо масъалабиги. Мисалалъе, лъагIалида жаниб нилъеца къунцIула 14 азарго тонна квасул. Нилъер гьаниб буго гьеб къачIалеб цо чанго гьитIинаб завод. Амма гьезул къуват буго мукъсанаб. Гьединлъидал гIияхъабазе квас гIезаби лъугьун буго заралияб ишлъун. Гьезие квасул цо кило чIола 80 гъурщиде, гьеб бичидалин абуни щола 40 гъурущ. Гьеб суал тIубазелъун планалде босун буго республикаялда квас чурулеб, къачIалеб, хадусеб хIалтIуе гьеб хIадур гьабулеб фабрика базе.