ГIусманиязул архивалда ГIумма-ханасул кагътал

 

МахIачхъалаялда РАНалъул ДФИЦалъул ИАЭ-институталда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб гIелмиябгун практикияб конференциялда бицана «Россиялда бусурбабазул эпиграфикаялъул ва тIахьазул культураялъул» хIакъалъулъ. Гьеб тIобитIана Россиялъул машгьурав тарихчи-востоковед Амри ШихсагIидов ракIалдещвезавиялъул хIурматалда.

 

 

Конференциялда бицана А. Шихсаг1идовас гьоркьохъел гIасрабазул Дагъистаналъул тарих, маданият, исламалъул маданият лъазабиялъулъ лъураб хIаракаталъул ва жакъа гIалимзабаз гьарулел ругел цIех-рехазул хIакъалъулъ. Амри Шихсаг1идовас данде ракIарун руго ХII-ХХ гIасрабазул басмаялда бахъичIеб, квералъ хъвараб 300 асар, квералъ хъвараб 5000 тIехь. Гьес рагьана анцI-анцI тIахьазул коллекциял, гIараб эпиграфикаялъул (къвакIаб материалалда, некIсиял памятниказда хъвай-хъвагIаял) нус-нус памятникал, гьединго гьоркьохъел гIасрабазул Дагъистаналъул тарихалъул ва маданияталъул документал.

 

Конференциялда гIахьаллъарал ДРялъул гIелмуялъул вакилзабаз, Татарстаналдаса, Узбекистаналдаса, Азербайжаналдаса ва цогидалги гIалимзабаз бицана Россиялдаго бусурбабазул культураялъул бищун кIудиял центразул цояблъун кколеб букIараб Дагъистаналъул, Россиялда бакъбаккул улкабазул археографиялъул, улкаялъул бусурбабазул тарихалъулъгун маданияталъулъ басмаялде рахъинчIел ва некIсияб басмаялъул тIахьазул хIакъалъулъ.

ДФИЦ РАНалъул ИИАЭялъул нухмалъулев Рамазан Г1абдулмажидовас абуна Турциялъул пачалихъияб ГIусманиязул архивалда Дагъистаналъулгун бухьен бугел документал ратун ругин ва гьезул таржама гьабиялда тIад хIалтIулел ругин абун.

 

— Турциялдаса гIалимчи, Сивас университеталъул тарихалъул отделалъул докторант Йылмаз Юсуф Ислам ккола мугьажир. Гьесул умумул Дагъистаналдаса руго. Чанго соналъ цебеккун букIана гьесулгун лъай-хъвай. Нижерго гIолохъанав гIалимчи Мурад Садикъовасулгун бухьенги гьабун, гьез цадахъ хал гьабулеб ва таржама гьабулеб буго ГIумма-хан Аварскиялъул кагътазул, — ян бицана Р. Г1абдулмажидовас.

ДФИЦ РАНалъул ИИАЭялъул гьитIинав гIелмияв хIалтIухъан Мурад Садикъовасул раг1абазда рекъон, гIалимчи Юсуф Исламгун цадахъ халгьабулеб буго ГIусманиязул архивалда ругел Дагъистаналда рухьарал кагътазухъ.

 

 

— ГIемерал гIасрабазда Дагъистаналъул бухьен букIана ГIусманиязул империялъулгун. Кавказалъулгун рукIарал лъикIал гьоркьорлъаби, бухьенал гьеб кинабго буго архивалда.

Дунялалда бищунго бечедал архивазул цояблъун ккола ГIусманиязул архив. Гьениб цIунун буго 95 миллион документги 400 азарго тетрадги. ЛъагIа-лъагIалица цIиял фондал рагьула гьенир.

Пандемиялъул заманалда электронияб къагIидаялде буссинабун букIана 30 миллионалдаса цIикIкIун документ. ГIусманиязул архивалда цIунун руго Кавказалъулгун бухьен бугел гIемерал документал, гьезда гьоркьор Дагъистаналъулгун бухьен бугелги гIемер руго. Гьенир ратарал документазул кьучIалда гIемерал цIех-рехал гьаризе бегьула. Нижеца гьабураб цIех-рехалда аваразул хан ГIумма-ханил хIакъалъулъ документал ралагьана.

Нижеда ратарал гIемерисел документал руго «Гьатм» фондалда. ГIусманиязул архивалдаса документазул цо гIунгутIи буго, ХХ гIасруялъул байбихьуда гьел документазе таржама мекъи гьабун бугоан. Щайгурелъул щибаб мацIалъул рагIаби гIараб хIарпаз хъвалелъул цо-цо гьаркьал мекъи ккун ратула. Гьединлъидал, Дагъистаналъул хIакъалъулъ цо-цо документазде тIаде ккечIого хутIизе рес буго.

ГIусманиязул пачалихъалъулгун ГIумма-ханил букIараб бухьеналъул бицунел документал щвана нижехъе архивалдаса. Гьел документазул цIех-рех гьабун хадуб жеги лъикI мухIканлъила кинал гьоркьорлъаби рукIаралали.

ГIусманиязул архивалда бугеб 95 миллион документалда гьоркьоб 4000-гIанасеб документ буго Кавказалъулгун бухьен бугеб. РакIалде ккола, мухIканго цIех-рех гьабуни гьелдасаги цIикIкIун ратилин абун. Щайгурелъул, каталогал гьарун руго светияб Турциялъул заманалда. Светияб Турциялъул власталъин абуни хIаракат бахъулеб букIана жидерго исламияб тарихалъул асар цIияб заманалъул республикаялда гьабичIого букIине.

Светияб г1уц1иялъул хIакимзабаз исламияб архив мадугьалихъ ругел улкабазе макулатура кинигин бичулебцин букIана. Хьул буго нижеда гьенир ратилин ва гIелмияб цIех-рех гьабизе лъугьинин Кавказалда хурхарал кIвар бугел документал.

Масала, гьениб цо кагътида бугоан ГIумма-ханас рагъулаб кумек гьарун Туркиялъул султанасухъе хъван. Гуржиялъе рагъулаб сапар гьабулаго кумек гьарулеб бугоан гьеб кагътида. 1785 соналда Типлис бахъизе ярагъги гьарулеб бугоан гьес. Султанас инкар гьабула. Гьел документал компьютерралда кьабунги руго, жеги хIалтIи гьабулебги буго, — ян бицана М. Садикъовас.

 

 

Хунзахъа Дибир-къадил библиотекаялда фарси мацIалда басмаялде рахъичIел квералъ гьарурал хъвай-хъвагIаязул хIакъалъулъ гьадин бицана филологиял гIелмабазул кандидат, ДФИЦ РАНалъул бетIерай гIелмияй хIалтIухъан ПатIимат ГIалибековалъ:

 

 

— Дибир-къади аваразул хан ГIумма-ханасул божарав чи, секретарь, энциклопедист, къади. Гьев рикIкIуна аваразул типографиялъе кьучI лъурав чилъунги. Гьес гIуцIана гIемермацIазулаб персиязулгун, гIараб, турки, гуржи, магIарул мацIазул словарал. Гьел бакъбаккул улкабазул мацIаздаса художествиял асарал ва гIелмиял трактатал таржама гьабулаан гьес. КучIдул хъвалаан магIарул ва гIараб мацIазда. Гьес тIаса хъвана гIемерал гIараб мацIалъул сочинениял. Гьел хъвай-хъвагIаязда тIасан жиндирго комментариялги толаан гьес. Гьел цойиде ракIарун ракIарани, гьезул батIаго гIелмиял хIалтIаби гIуцIизе бегьулаан. Дибир-къадил кIудияб библиотека жакъа къоялде щвезегIан кинабго цIунун хутIун гьечIо. Дибир-къадил наслуялъул гIадамаз абухъе, библиотека лъабиде бикьун букIун буго. КIиго бутIа гьесул наслудул гIадамазухъ цIунун буго, лъабабилеб бутIа кодобе щвечIо. ХVI-ХVIII гIасруялъул къиматал квералъ гьарурал хъвай-хъвагIаялги руго.

ГIелмияб конференциялда ДФИЦ РАНалъул ИИАЭялъул гIелмияв хIалтIухъан ИсмагIил Ханмурзаевас бицухъе, цо-цо мехалда документазда хъвай-хъвагIай гьабурал топонимазул, ай росабазул яги цогидал бакIазул цIарал ратIа рахъизе захIмалъулин абун. ГIараб мацIалда гьечIел гIемерал гьаркьал ругелъул Дагъистаналъул халкъазул мацIазда. Масала, Генуб росдал цIар аль-Гимри абун хъван буго. Гьединго гIараб мацIалдеги буссинабун аль-Кумасрави (гени) абун хъванги буго.