Повестка бачIунин абун, рихха-хочизе кколаро

 

  Дагъистаналъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIапаевас цоги нухалда бицана мобилизациялъул хIакъалъулъ.

Гьаб нухалда военкомас жавабал кьуна «Прибой» радиоялъухъ гIенеккулел дагъистаниязул суалазе. «Военкоматалдаса повестка бачIанилан абун, рихха-хочизе кколаро. Военкоматалда гьезда бицине буго рагъулаб хъулухъалде ахIиялъул мурад ва мухIкан гьаризе руго хIажатал баянал. Гьенисанго рагъулаб операция тIобитIулеб бакIалде щивниги вачунаро. Цин халгьабула призывникасул сахлъиялъулги, рокъоб бугеб ахIвал-хIалалъулги, цогидал рахъазулги.

Мобилизациялда гъоркье ккарал ва, медицинаялъул комиссиялъул хIукмуялда рекъон, рагъуе ярагьунеллъун рикIкIарал гIадамал бащад гьарула контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубалел аскариязда. Гьезие чIезабула ратIлил хасаб формаги, 200 азарго гъурщиде гIунтIун моцIрол харжги, квенги. Мобилизациялда армиялде витIиялъул суал нахътIамурав чи гьениве витIичIого хутIизеги бегьула. Гьединлъидал, дица нилъер халкъалда гьарула: повестка бачIунилан абун, ахIихIур бахъинабуге. Повестка кколаро нуж яги нужер гIагарав чи рагъулаб хъулухъалде витIиялъе аслияб далиллъун», — ан бицана военкомас.

Д. МустIапаевас такрар гьабуна, РФялъул законазда рекъон, мобилизациялъукьа эркен гьарулел гражданазул сияхI. Мобилизациялда гъоркье кколаро: улкаялда тIобитIулеб мобилизациялда бан, хасал тIадкъаял тIуразарулел оборонаялъулгун промышленносталъул комплексалъул хIалтIухъаби; сахлъи гьечIолъиялда бан, рагъулаб хъулухъ тIубаялъе заманалда, анлъго моцIалъ, ярагьунареллъун рикIкIарал гIадамал; гьоркьоса къотIичIого жидеда хадуб бербалагьи букIине кколел хъизамалъул чагIазул тIалабги гьезие хъулухъги гьабизе законалъ тIадаблъун гьабурал гIадамал (гьеб хъулухъ гьабун бажарулев цоги чи гьечIолъиялда бан); вацазе яги яцазе къайимлъи гьабизе кколел гIадамал; 16 сон жеги бачIеб ункъо лъимер, гьединго эбел хун хутIараб цо лъимер хьихьулев чи; 22 анкьидаса тIаде араб заманалъ къинай лъадиги 16 сонил ригьалде бахинчIеб лъабго лъимерги хьихьулев чи; жеги микьго сон бачIеб лъабго лъимер хьихьулей къоролалъул вас; 16 сон бачIеб ункъо ва цIикIкIун лъимадул эмен.

М. Дайтбеговас абуна, гьел шартIазухъги халгьабичIого, призывникал мобилизациялде ахIиялъул хIужабазул халгьабулеб бугин абун. «Призывалда гъоркье кколарев чи вагъизе витIизе гьечIо», — янги бицана гьес.

Военкомасе кьуна гьадинал суалал: — Кодоб рагъулаб билет бугев, амма рагъулаб хъулухъалда вукIинчIев чи кколищ мобилизациялда гъоркье?

— Кколаро. ГьабсагIаталда хIажат руго гIицIго рагъулал лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъарал яги рагъулаб хъулухъ тIубаялъул хIалбихьи бугел гIадамал. Гьединаб хIалбихьи гьечIелги гьабсагIаталда армиялда хъулухъ тIубалел гIолилалги мобилизациялда гъоркье кколаро.

— Мобилизация унеб бугин абун, гIумру гьабулеб бакIалдаса кивениги инчIогойищ вукIине кколев чи?

— Повестка бачIинчIев чиясе гьеб рахъалъ кинабгIаги къварилъи гьечIо. Амма росу-ракь тун, гIемераб заманалда къватIив вукIинехъин вугев чияс жив вукIине вугеб бакIалъул военкоматалда лъазабизе ккола гьелъул хIакъалъулъ. КъватIисел улкабазде унев чиясухъ букIине ккола военкоматалъ кьураб ихтияр.

— Чан чи вачине вугев Дагъистаналдаса?

— Республикаялда ругел резервистазул цо процент.

— Кида лъугIизе бугеб мобилизация?

— Генералияб штабалъул план тIубазегIан.

— Абулеб буго, полициялъ ккунги рачунел ругин армиялдеян абун…

— Полициялъ кколел руго цебегоялдаса нахъе военкоматалъ ралагьулел рукIарал, ай армиялде иналдаса лъутарулел ругел чагIи. Райотделазда руго гьезул сияхIал. Гьеб ккола ругьунаб къагIида.

Кавсарат сулейманова