Сулейман Керимовасул рахъалъ Франциялъул низам цIунулел идарабазул дагIба лъугIана
Керимовасде гIунтIизабулеб букIана, Франциялъул югалда мина босулаго, гьелъухъ налог кьунгутIизе, декларациялда гьеб иш балъго гьабиялъул гIайиб. «Каримовасул рахъалъ кинабгIаги дагIба гьечIо, гьесде гIунтIизабулеб букIараб гIайибалдасаги инкар гьабуна. КватIичIого гьесухъе тIадбуссинабизе буго паспортги, нахъе кьезе буго гъоркьлъалие кьун букIараб гIарацги», — ян лъазабуна Сулейманил адвокат Никита Сычевас.
2017 соналъул ноябралда Керимов ккун вукIана Ницца шагьаралъул аэропорталда. Гьесде гIунтIизабун букIана Франциялъул югалда мина босулаго, гьелъухъ налог кьунгутIизе, декларациялда гьеб иш балъго гьабиялъул гIайиб. Щуго миллион евроги кьун, Сулейман тун вукIана туснахъ гьавичIого, амма гьесухъа бахъун букIана паспорт ва Приморские Альпы абураб департамент тун къватIивехун ине гьукъунги букIана. Ниццаялъул прокуратураялъ абулеб букIана гьеб тамихI цIакъго тамахаб бугин ва тIалаб гьабулеб букIана гьеб жеги кьваризабеян.