ГIакълабазул гъамас

ТалихIалъул кIул

 

Метерисеб талихI балагьи гIададисеб хIалтIи буго

ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда бокьарав чияс, гIилла букIа-букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор аль-Къарница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи. Гьеб тIехьалдаса босун цо-цо бутIаби рахъулел руго гъоркьехун.

Бокьулареб – кьогIаб

Пашманлъи тIаде бачIиндал пикраби гьаре лъикIабщиналъул. Пикрабаздаго цадахъ хIаракат бахъе лъикIаб иш гьабизе, лъие бугониги садакъа кьезе, щив вугониги рази гьавизе. Гьеб мехалда дуда бихьила дурго ракI гIажаибго чIаголъун бачIунеб куц ва ракIалдеги ккезе буго дидаса талихIав щив вукIуневилан. Вореха, лъица бугониги баркала кьезелъун хIалтIи батаниги, цоги щиб бугониги гьабуге. Гьабулебщинаб гьабе Аллагьасе гIоло, Гьесул разилъи тIалаб гьабун, Гьесдаса сайгъат щвеялде хьулгун. Гьабулеб хIалтIи букIине ккола ракIалъ тIасабищараб, дуего бокьулеб, гъираялда гьабулеб, цогидазеги кумек щолеб. Бокьулареб хIалтIи гьабизе цIакъ захIмалъулелъулха. Гьабулеб ишалде тIаделъе таваккалгун, жакъаго гьабизе бегьулеб метералде тIамунги тоге. Аллагьас дуе кьун ругел рахIматазул, нигIматазул пикру гьабе, гьезул хIакъалъулъ бице ва БетIергьанасе реццгун щукру гьабизе кIочонге. Аллагьас кьун буго дуе лъикIаб сахлъи, ризкъи, хъизан-лъимал, хIалтIи. Гьеб киналдасаго разиго вукIине ва гьелъухъ щибаб къойил ТIадегIанасе аза-азар рецц гьабизе тIадаб гьечIищ? ХIаракат бахъе гIадамазулъ лъикIабщинаб бихьизе, гIунгутIабазде балагье бералги къанщун. Анкьабго рахъ рекъарал гIадамал рукIунареблъи дуда лъай ва мунгоги гьединавлъун гьечIеблъи бичIчIа.

ЛъикIлъиялъ бекье хур

КIварго кьоге мацIихъабаз бицунелде ва къватIул харбазде. ХIаракат бахъе гIадамаз
гьабулеб лъикIаб иш бихьизе. ГъалатIал кколарев чи вукIунаро, амма лъил бугониги ккараб гъалатI гIочIода чIвазе лъугьунге. Гьедин гьабиялъ лъиего пайда кьоларо. Чияр гIунгутIаби рехсеялъ я мун, яги дов чи талихIавлъун гьавуларо. Халккве дурго черхалда хадуб. Сахлъиялдаса лъикIаб нигIмат цоги гьечIелъулха. Киданиги кIочонге Аллагь духъ балагьун вукIин. ГIибадат цIикIкIинабе, БетIергьанасда гьаре мунагьал чурагийин, дуегоги диналъул вац-яцазеги дугIа гьабизе къарумлъуге. Аллагьас кьурал нигIматазухъ щукру гьабиялдаго цадахъ, гьезул пикруги гьабе. Гьеб мехалда дуда бихьила ва бичIчIила кигIан гIемераб нигIмат, рахIмат кьун мун гьаб ракьалда тун вугевали. Сахлъи ва хIинкъигьечIолъи, гьава ва лъим, квен ва ретIел, мина ва рекIине жо, мал-мулк ва лъимал, хъизан ва гьудул-гьалмагълъи… Гьебгощинаб бечелъиги кьун рахIаталда тун вуго мун БетIергьанас, дудайин абуни гьеб кинабго бихьулебцин гьечIо. Гьелъул гIаксалда, щукру-рецц гьабизеги кIочон, жеги тIадеги къваригIун вуго. Руго кверал, хIатIал, бохдул, гIундул, берал, кIал, мацI… Дуда кIола ният-къасд ккаралъуве ине, рагIула бицунебщинаб, бихьула хIажатабщинаб, кIалъазе кIола бокьарабщинабги бицун. Гьеб гурищ Аллагьасул рахIмат?
ГIалимчиясухъеги вачIун цо мискин зигардула Аллагьас пакъирлъиялда тун вугин живиланги абун. Гьеб мехалъ гIалимчияс гьесда абула гьеб дур канлъи щайин бичулареб нусазарго диргьамалдеян. Бичиларин кIалъала мискинчи. Гьедин батани, нусазарго диргьамалде кверал яги бохдул ричейин гIалимчияс абидал, гьелдаги разилъуларо мискин. Цинги гIалимчияс абула: «Нусаза-азар диргьамалъул бетIергьанлъунги вукIаго кин дуда кIолеб зигардизе», — ян. Гьеб мехалда бичIчIула мискинчиясда Аллагьасул рахIматазе гIурхъи-рахъго гьечIеблъи.
Сон, жакъа ва метер

Къасимех щвезегIан чIаго хутIун ватани, ракI-
чIун вукIунге радаллъагIанги чIаго хутIизе ватиялда. Радалги чIаго ватани, божуге къасиялдехунги гьебго хIалалда вукIине бегьулеб-лъиялда. Мун гIумру гьабун вуго жакъа, ай
гьабсагIат. Араб нахъбуссунаро, букIинесеб кинаб букIинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. ГIумру гьабе жакъа дунялалде виччарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гIадин. Гьабулебщинабги гьабе ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гIадин. Как базе лъугьиндал гьеб ахирисеб букIин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букIараб? Гьайгьай, тIокIаб гьечIебгIан цIакъ Аллагьасе мутIигIлъун, хIинкъун, чвахулаго магIугун. Щайха гьедин баларого бугеб щибаб как, хIакъикъаталдаги гьеб бан лъугIизегIанцин чIаго хутIизе ругищали нилъеда лъаларелъул.
ЛъикIаб хIалтIи-иш гьабулелъулги гьеб гьа-бизе ккола ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гIадин. Аралъул пикру гьабун ракI къварилъизе биччаге, кигIан къварилъахъданиги гьеб буго нахъбуссунареб гIумру. ХIинкъунги вукIунге бачIине-бачIинареб лъалареб букIинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кIолебщинаб, рес бугебщинаб. Метералде тIамун тезе ккани, мун метерлъагIан чIаго хутIиялда ракIчIунищ вугев? Щибаб лахIзат хIалтIизабе жакъасеб къо гIадада инчIого букIиналъе, гьабизе рес букIараб лъикIлъи метер гьабизе щвечIого хутIизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукIа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцIулги метер щиб ккелебали. Жакъа мун талихIавлъун ватани, мун хIакъикъаталдаги талихIав чи вуго. Сон яги церекъад дун талихIавлъун вукIанин дуда ракIалде кколеб батани ва кигIан кIудияб талихIалъ дуда къвал бан букIун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихI балагьулев ватани, гьебги буго гIададисеб хIалтIи. Метерисеб къо я бачIина, я бачIинаро. Гьединлъидал хIаркат бахъе жакъаго талихIавлъун вукIине. ХIалтIе ва дингун магIишат гьабе дунялалдаги ахираталдаги Аллагь разилъуледухъ.

ЧIобогояб хиял

Цо-цо чагIи рукIуна талихI бикьулелъул жал гьоркьор тун ругин гаргадилел. Гьоркьов щивго тун вукIунаро, гIумруялдехун гьабулеб бербалагьи букIуна щивасул батIи-батIияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гIайиб. Гьелъие гIайибияллъун цогидал гIадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букIине кколедухъ гIумрудул къимат гьабунгутIи ва гьабизе лъангутIи. Гьединал чагIаз гIемер абула цо пуланабги пуланабги жо щвани, дидаса талихIав чи вукIинего ватиларилан. Минаги бугони, машинаги босани, хIалтIиги щвани, машгьурлъиги бачIани, рикIкIине бегьилаха талихIавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго салул авлахъалдасан унелъул мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукIуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечIого, къечон хола. Гьединал чагIазда бичIчIуларо инсанасул анищазе гIурхъиго букIунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикIкIуна талихIалъ рехун таравлъун. Гьедин букIуна хвезегIан. Гьединал чагIазул талихIкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутIиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукIуна жидерго гьечIеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо БетIергьанас жидее кьуралдаса разиго рукIине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гIакълу бугев чияс киданиги абизе гьечIо цо пуланаб жо щвараб мехалда вукIине вугин дун талихIавлъунин. Бугелда разилъи, БетIергьанасе рецц гьаби — гьеле талихIав чиясул хасият. Щукру гьабуни, жеги цIикIкIинабулинги абун бугелъул, БетIергьанас цIикIкIинабула ва гьединав чи жеги талихIавлъунги лъугьуна. ТалихI буго щивав чиясул рекIелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.

МацI

Лъица бугониги нилъеда нахъасан рагIи абун яги какун калам гьабун батани, бихьулищин цо чиясул ягъзинлъийиланги абун цIакъ рахIатхун, ракIбакъван рукIуна ва лъугьуна нилъ. Пикру гьабидал, гьеб хIалалда нилъецаго нилъеего гIакъуба кьеялъе гIураб гIиллаги гьениб батуларо. Нилъее пайдаялъе, нилъ кантIизелъун абураб рагIи батани, гьайгьай, рохизе ккола ва лъикIлъиялъе бицараб рагIухъ баркала кьезеги намуслъизе кколаро.
Амма нахъасан гьабураб калам кьучI гьечIеб букIин дуда якъинго лъалеб батани, гьелъулги ургъел гьабиларо. Щайгурелъул, гьеб буго жахIдачагIазул пиша ва гьелъ дуе щибго зарал гьабизеги гьечIо. Я бицунесе, я гIенеккарасе щибго пайда кьолареб калам аскIосан биччан тезего рекъараб буго. Гьединазухъ гIенеккичIони, гьезул рагIи гIадахъ босичIони, заманалдасан гьез жидецаго тезе буго дуда «ганчIал речIчIулеб» гIадат. Амма Аллагьасда ракI-ракIалъ божулел, гIибадаталъе кIвахIаллъуларел лъикIал гIадамаздаги рагIи абулел чагIаз мун какулев ватани, гьелдаса воха ва гьез рехсолел дурго гъалатIал ритIизаризе хIаракат бахъе.

Божилъи

Бищун талихIкъарал гIадамал руго жидер рекIелъ божилъиялъул асарцин гьечIел. БетIергьанас абун бугелъулха (магIна): «Дун рехсоларезул гIумру букIине буго цIакъго кьогIаб», — илан (20:I24). Инсанасул гIумру талихIалъул кунчIиялъ къалъизабула ТIадегIанав Аллагьасде бугеб божилъиялъул къуваталъ. Дагьабниги гIакълу бугев чиясда бичIчIизеги ккола гьаб дунял гIицIго Аллагьасде бугеб божилъиялъ хвасар гьабулеблъи. Божилъи гьечIолъиялъ гурищ инсанияталдего гIемерал балагьал рачIарал. БетIергьанасде бугеб Божилъи инсанасулъ цIикIкIун бугебгIан мехалъ, цIикIкIун талихIавлъунги вукIуна гьев.

ГIедегIунге

Щибаб жоялъе букIуна жинди-жиндир заман. Метер ккезе бугеб жакъа кинго кколаро, жакъа ккезе бугеб жакъа ккечIогоги хутIуларо. Нилъеца гIемер бицуна метер ккезе бегьулелъул хIакъалъулъ, ургъалилъ къан рукIуна ккелищ-ккеларищали, бачIинищ-бачIинарищали лъалареб метерисеб къоялъул пикрабиги гьарулаго. Гьединал ургъалабаз, пикрабаз бакIлъизабула бетIер, чорок гьарула пикраби, лъугьуна рахIатхун ва цо гьитIинабго бугониги галиялъ рикIкIад гьарула талихIалдаса. Ккеле-ккелареб, букIине-букIинареб лъалареб жо сабаблъун щай къварилъахъдизе кколел? Щай хIинкъулел нилъеда жеги бихьичIеб жоялдаса? Гьеб буго шайтIаналъул хIалтIи, ай гьелъие бищун бокьулеб къагIида: нилъ ургъалилъе ккезари ва нилъер ццим бахъинаби. ТIадегIанав Аллагьасул хирияб Каламалда буго: «ШайтIаналъ рагIи кьола нуж мискин гьаризе…», — ян (2:268). ШайтIаналъ нилъер ракIазулъе рехизабула нуж мискинлъизе, нужеде батIи-батIиял балагьал рачIине рес бугин абураб пикру ва гьелъул мурадлъунги букIуна нилъер ракIазул рахIатхвезаби, Аллагьасе гьабулеб гIибадат мукъсанлъизе букIине, мунагьал гьариялде нилъ цIазе. Амма, хIакъаб жо, гьеб малгIун мурадалде щвезе гьечIо. Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун жакъа мун лъикI ватани, Ин ша Аллагь, метерги гьеб лъикIлъи дуда тIаса ине гьечIо. Хирияб Каламалда БетIергьанас абун бугелъулха: «Гьабураб лъикIлъи лъалеллъун ва рецц гьабулеллъун нуж ругони, Дица жеги цIикIкIинабила», — ян (I4:7). Гьелъул магIна ккола нилъее кьураб нигIматалъухъ нилъ кидаго БетIергьанасе рецц гьабулеллъун, Гьесда гьарулеллъун, Гьесдаса кумек-квербакъи тIалаб гьабулеллъун рукIине кколин абураб. Нилъ божараллъунги рукIине ккола нилъер гьара-рахьи, дугIа БетIергьанас къабул гьабизе букIиналда.
Щибаб къойилго гIадин цо гIиси-бикъинаб жо сабаблъунцин рахIатхун рукIуна нилъ. Гьедин рукIаго, гIемерисеб мехалда, нилъеда бихьулеб жоги букIана гIицIго сурукъаб ва квешаб рахъ. Дагьаб пикру гьабуни рахIатхвезегIадаб жоги гьениб батуларо. Амма инсанас жинцаго балагьула рахIатхвеялъе багьана, хIатта гьава-бакъ рекъараб гьечIин абунги толаро жиндирго ракI рахIаталда. Щибаб къойил гьедин, ай нодоги букIкIинабун кьунсрулги хучизарун вугев чияс жиндирго гIумру жинцаго бачуна къваридаб, бецIаб нухде ва аскIобго гвангъараб шагьранух букIин бихьизего бокьуларо. Гьединаз пикруго гьабуларо Аллагьасул хIалкIолъабазул, Гьесул хIикматазул, гьединав чи гъапуллъун хутIула Къуръан цIалиялдаса, гIибадат гьабиялдаса. БетIергьанас бижанщиналъул, Гьесул тIадегIанлъиялъул ва хIалкIолъиялъул пикру гьабиги кколелъулха Аллагьасда божиялъул цо гIаркьел.
Цо-цо чагIи рукIуна кидаго хвалил ургъалида, щивав чияс хвалил лълъар гьекъезе букIин хIакъаб бугониги. Гьелдаса щивго хвасарлъизеги гьечIо. Гьединлъидал гьелъул ургъалида рукIинчIого, нилъее лъикIаб буго гьеб къо тIаде бачIинегIан гьелде хIадурлъи гьабулел рукIине. Гьеб мехалда рукIуна нилъ талихIаллъунги.