Газ бачун бахъинабиялъул щиб кколеб бугеб республикаялда?
2025 соналде щвезегIан магIарул киналго росаби газалдалъун хьезаризе хIадур гьабураб хасаб программа буго пачалихъалъул. ГьабсагIаталда газ щун буго Хьаргаби, Хунзахъ, Гумбет, Унсоколо гIадал районазде. Газалъул магистралияб мухъ бачине байбихьизехъин буго Гъуниб, ГIахьвахъ ва цогидал районаздаги. Къокъ гьабун абуни, магIарул щибаб гъасда хъахIилаб цIатари гвангъила кватIичIого.
Амма газ бачиналда цадахъго хIалтIулеб цоги программаги буго пачалихъалъул. Гьеб ккола догазификация. МагIарул мацIалде буссинабуни, гьелъул магIна ккола гьадинаб. Мисалалъе, цебеккун газалъул мухъ бачараб росу-ракь батани, гьенисанги бачун газ щибаб мина рукъалъул кIалтIе щвезабулеб буго пачалихъалъ, рукъалъул бетIергьанасухъа щибго мухьги босичIого. Рукъалъул кIалтIасан абуни, рокъобе жанибе гьес гьеб бачине ккола жинцаго. Гьеб хIалтIиниги гьесухъаги бажаризе ккеларищха? РФялъул президент Владимир Путинил тIадкъаялда рекъон, гъоркьиса хIалтIизе лъугьана улкаялда гьеб программа. Гьедин, тIоцебе догазификациялъул программаялда рекъон, рокъобе газ щвана МахIачхъала ва Дагогни шагьаразда гIумру гьабун ругел чагIазе.
Догазификация щвезе бокьун батани, цин гIурччинаб кагъат тIалаб гьабе
МагIарухъ гьанжелъагIан газалъул мухъ бачарал росаби ккола Хьаргаби районалъул КIикIуни, Хунзахъ районалъул МочIохъ, Гумбет районалъул МелъелтIа ва ЦIиликь. Гьал къоязда хабар бачIана 8,5 км манзилалда Хунзахъ районалъул ГIочIлоб росулъеги бачине бугин абун.
ГьабсагIат газ жанибе бачарал, амма догазификация гьабичIел росабалъ кинаб ахIвал-хIал бугебин гьикъана нижеца Хунзахъ районалъул нухмалъулесул заместитель ТIалхIат ГIамиргIалиевасда.
— Догазификация гьабулелъул гIемерисел гIадамазул бищун цере дандчIвалел гIунгутIаби ккола гьез жаниб гIумру гьабун ругеб минаялъул зеленка (рукъалъул хважаин мун вукIин тасдикъ гьабулеб кагъат) гьечIолъи. Гьединлъидал догазификация гьабизе рес букIунаро. Зеленкаги кIиго букIине ккола: дуца мина тIад бараб ракьалъулги жибго минаялъулги. ГIемерисез гьанжелъагIанги тIалаб гьабичIого тун буго зеленка. КъотIутIе щварабго гурони щибниги лъугьунарелъул, догазификация гьабизе заман тIаде гIунтIидал гурони рекIеда ратулел гьечIо гIадамал гьелъие.
Районалда гьабсагIат газификация гьабураб, ай газ жанибе щвараб росу ккола МочIохъ. Гьенибги гIемериселщинал минабахъе жанибе бачана газ, ай, догазификациялъул иш тIубанин абизе бегьила. Цо-цо цIиял тIаде рарал, жеги зеленка гьабичIел минаби хутIана догазификация гьабичIого, — ян бицана ТI. ГIамиргIалиевас.
Догазификациялъул аслияб шартI буго пуланаб росулъе жанибе газ щун букIин. Газ жанибе бачинчIеб росу гьеб программаялда гъорлъе унарин бицана ГIамиргIалиевас хадубги.
— ТIадехун абухъе, магIарухъ ругел гIадамазул аслияб гIунгутIи буго жанив гIумру гьабун вугеб бакIалъул зеленка гьечIолъи.
Гьединго гьеб программаялъул кIиабилеб шартIалда рекъон, росулъе газ щун батани, гьенив гIумру гьабун вугев чияс гIарза кьезе бегьула живги догазификациялъул программаялде гъорлъе вачеян.
ХIукуматалъул рахъалдаса гьабулеб цоги бигьалъи буго гьениб. Мисалалъе, хъизан кIудияв, ялъуни сакъатав чи ватани, газ бачуна гьесул рокъобе жанибеги. ХIатта, нагагь гьес газалъул къали (оборудование) босун букIун батани, гьелъухъ араб гIарацги нахъ буссинабула пачалихъалъ. Амма гьелъул бищун цIикIкIараб къадар буго 90 000 гъурущ, ай гьеб ккола пачалихъалъ гьесие бецIулеб гIарцул бищун цIикIкIараб бутIа.
Гьединлъидал магIарухъ вугев чиясе, хасго пенсионеразе цIакъ квегIенаб программа буго гьеб — догазификация. Амма дица цоги нухалъ такрар гьабун абила, догазификациялъул программаялде гъорлъе лъугьиналде, цин кинавго чиясул рукъалъулги, гьеб рукъ тIад бараб ракьалъулги зеленка гьабизе тIалаб гьабеян. Кида-къад бачунги, магIарул росабалъе газ бачине хIалтIи гьабулеб бугелъул пачалихъалъ. Гьединлъидал хаду-хадуб квал-квалалъе батичIого, нужеего санагIатаб къагIида гьабуни, лъикI букIина цебеккунго, — ян абуна ТIалхIат ГIамиргIалиевас.
ЦIилкьадерил щибаб рокъобе щвана газ, МелъелтIаги догазификациялъул тадбирал унел руго
Гъоркьиса газ бачана Гумбет районалъул МелъелтIа ва ЦIиликь росабалъеги.
ЦIиликь росу догазификация гьабичIого борчIанин бицана цеве гьеб росдал бетIерлъун вукIарав ГIалихан ДавудхIажиевас.
Гумбет районалъул нухмалъулесул заместитель МухIамад КаримухIамадовасул раг1абазда рекъон, МелъелтIа росулъа 37 чиясул гIарза бачIун буго жал догазификациялъул программаялде гъорлъе росеян. Къокъ гьабун абуни, щибго квал-квал гьечIого чIара-хьараб хIалалъ ине бугин гьеб рахъалъ ишилан бицана гьес газеталъе.
Исана соналъул ахиралде республикаялда 2147 мина-рукъалда аскIобе газ щвезабизе бугин абуна «Газпроммежрегионгаз Махачкала» ОООялъул нухмалъулев Ленар Мансуровас моцIалъ цебе «Дагъистан» РИАялъе кьураб интервьюялда.
Догазификациялъул программаялда гъорлъ гIахьаллъиялъе къваригIунел руго гьал документал: паспорт, СНИЛС, ИНН, ва рукъалъул хважаин вугеблъи чIезабулеб кагъат – «зеленкаги».
Ашахан Юсупов